Цо-цоял махIрумлъила хIалтIудаса

ГIадамал тIаде къабул гьаруна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес

 

Хив районалдаса Тимур Агъабаевас республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралесда гьарана, Куштил росулъ спортзал бан бахъинабизе кумек гьабеян.
Гьеб масъала тIубазе Владимир Васильевас тIадкъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев – экономикаялъулги территориалияб цебетIеялъулги министр Раюдин Юсуповасда. «2018 соналъул бюджеталда гьелъие ресалги рате, масъала тIубаялъул дие баянги кье», — ян абуна гьес.
ГIабдула МукагIиловас гьарана, Гъоркьа Жунгуталдаса Доргели росулъе унеб нухда бугеб биххараб кьо базе кумек гьабеян. Гьеб биххун буго 2016 соналда иххал чвахиялъул хIасилалда.
Кьо базе ресал ратеян тIадкъана ДРялъул нухазул магIишаталъул агентствоялъул нухмалъулев Загьид Хучбаровасда. Гьесги рагIи кьуна, 2018 соналъул 15 марталде кьо бан бахъинабизе бугин. «Гьалмагъзаби, нагагь кьо бан бахъинчIони, нилъер цо-цоял хIалтIудаса махIрумлъила. Рази ругищ?» — ан абуна Владимир Васильевас.
Гьединго жавабиял хIалтIудаса рахъизе ругин кьварун лъазабуна гьес, МахIачхъалаялъул ГIазиз ГIалиевасул къватI, №17 «б» адресалда, законалъул низамги хвезабун, щутIалаяб мина базехъин бугин гьабураб Дадав ГIумаровасул хитIабалда банги. Тахшагьаралъул мэр Муса Мусаевас абуна, республикаялъул БакIал раялъул министерствоялъ хIукму гьабун бугин, мина базе ихтияр кьураб кагъат хIакъикъияб гуреблъун рикIкIине. «Я гIадлу букIине ккела, ялъуни кадрабазул рахъалъ дица хIукмаби гьаризе ккела. Нилъее бокьун буго гражданазул ихтиярал цIунизе ва гьелъие гIоло кинабго гьабизеги буго», — ян абуна Владимир Васильевас.
МахIачхъалаялдаса Зулпия Рабадановалъ кумек гьарана Йирчи Хъазахъил къватI, №18 бугеб минаялъул тIох къачIазе. Гьеб жагъаллъун буго цIа ккеялъул хIасилалда.
Муса Мусаевас абуна, гьеб мина кьучIдасанго къачIазе бугин. «30 къоялдасан цIияб тIох букIине буго», — ян абуна гьес.
ДандчIваялда гIахьаллъарав ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев ХIасан Идрисовас абуна, гьеб минаялда гIумру гьабулел гIадамаз капремонталъухъ мухь кьолеб гьечIин. ХитIабгун ячIарай гIаданалъги цониги нухалда гьеб кьечIин.
Жагъалал минабазухъа гIадамал гочинариялъул программаялда гьоркьобе ккун буго МахIачхъалаялдаса Галина Меркуловалъул хъизамалъ гIумру гьабулеб букIараб бакIги. Гочинарурал гIадамазе рукъзал кьураб мехалда, гьел хутIун руго жанир рукIине бакIги гьечIого. Гьеб масъалагун Владимир Васильевасухъе ячIана Галина. Тахшагьаралъул мэрас абуна, Галинал хъизамалъ гIумру гьабулеб букIараб бакIалъухъ гьелъие рукъзал кьезе законалда рекъонкколарин: гIемертIалаяб минаялда цвизабураб бакI базе ихтияр букIинчIин.
Галина Меркулова педагог йикIин хIисабалдеги босун, гьелъиеги кумек гьабизе рагIи кьуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес.