Невскиясул орденалъе мустахIикълъана

15 ноябралда РФялъул президент Владимир Путиница Кремлялъул кIалгIаялъуб пачалихъиял шапакъатал кьуразда гьоркьов вуго Рамазан ГIабдулатIиповги.

Улкаялъул нухмалъулес, ватIаналда цебе гьабураб ракIбацIцIадаб хIалтIухъ, гьесул каранда бана Александр Невскиясул орден.
2015 соналъул маялда гьединабго орденги кьун кIодо гьавун вукIана Пачалихъияб Советалъул хIурматияв председатель МухIамадгIали МухIамадовги, гьебго соналъул ноябралда – ДРялъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевги.
«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула Рамазанида улкаялъул тIа­дегIанаб ва къадруяб шапакъат, гьарула хIал­тIулъ икъбал ва бергьенлъаби.

*** 

Министрас кумек
гьабизе рагIи кьуна

Владимир Васильевасул ва Лев Кузнецовасул нухмалъиялда гъоркь
тIобитIараб данделъиялда бицана цо-цо масъалабазул

15 ноябралда Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасул ва Северияб Кавказалъул ишазул рахъа­лъ министр Лев Кузнецовасул гIахьаллъигун тIобитIана данделъи. Гьенир гIа­хьаллъана хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIаб­дусамад ХIамидов, РФялъул тра­н­спорталъул министрасул замес­титель Виктор Олерский, Да­гъистаналъул бетIерасул админист­рациялъул ва хIукуматалъул нух­ма­лъулев Владимир Иванов, фе­дералиял цо-цо минстирал, инвестпроектазул хIаракатчагIи.
Гьоркьор лъун рукIана регио­н цебетIезабиялъул ва «Севери­яб Кавказ федералияб округ цебе­тIе­заби» абураб РФялъул пачалихъияб программаялъул «2016-2025 соназда ДРялъул социалиябгун экономикияб цебетIей» абураб подпрограмма гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ суалал.
Владимир Васильевас абуна: «Регионалда жакъа социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун цебетIолеб буго. Гьеб ккола гьанир ругел нухмалъулезул хIаракатчилъиялъул хIасил. Бюджеталде бачIунеб налогазул ва налогал гуреб гIарцул къадар цIикIкIунеб буго. Жеги лъикI хIалтIани, рес буго бюджеталде тIадеги 3 млрд гъуруш бачIине. Гьабизе жеги гIемераб хIалтIи буго. Нилъеца гIадамазда бичIчIизабизе ккола жиндир заманалда налогал кьуни, гIемерал масъалаби тIуразаризе рес букIин», — ян.
Лев Кузнецовас бихьизабуна Дагъистан гIахьаллъизе кко­лин РФялъул ралъдал портал це­ретIезариялъул стратегия гIум­руялде бахъинабиялъулъ. Гьединго гьоркьоб лъун букIана 2030 соналде щвезегIан маххул ва автомобилазул нухал къачIаялъул суалги.
Гьелдаса хадубго тIобитIараб цо­­гидаб данделъиялда бицана ТЭКалъул бутIаялда налъаби лъу­­гIизариялъул суалазул. Хасго кIвар кьуна республикаялда хIалтIизабураб газалъухъ кьолеб гIарац цIикIкIинабиялъул, газалъул сетал щула гьариялъул ва гьединго ихтиярал цIунулел органалгун цадахъ рекъон хIалтIиялъул суалазде.

*** 

ИчIго школа, 100-гIанасеб къватI

ДРялъул хIукуматалда тIобитIа­раб данделъиялда кIалъалаго, ГIабдусамад ХIамидовас гьадин абуна: «ЛъагIалил ахиралде бан бахъине буго ичIго цIияб школа. Анлъго моцIалда жаниб МахIачхъалаялда къачIана 68 къватI. Жеги къачIазе буго 98 къватI. КьучIдасанго цIигьабизе буго Шамил имамасул цIаралда бугеб проспект. Тахшагьаралъул къватIал къачIаялъе тIасияб соналде щвезе бегьула 765 млн гъурушги», — ян.
ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель – ДРялъул экономикаялъулги территориалияб цебетIеялъулги министрасул ишал тIуралев Раюдин Юсуповас бицана Азербайжаналъул Храх-Убаги Урьян-Убаги росабалъа гIадамал Дагъистаналде гочинариялъеги Лаваша районалъул Чуниги ЦухтIаги росабалъе лъим бачиналъеги гьабураб хIаракаталъул хIакъалъулъ. «Азербайжаналдаса гочинабизе буго 138 хъизам. Гьелъул мурадалда 2018 соналде бюджеталда бихьизабун буго 210 млн гъуруш (гьелда гьоркьоса 200 млн ккола федералияб бутIа). Гьеб гIарцухъ тIуран бажарула гочинарулел гIадамазул киналго масъалаби. БакIал раялъулги, архитектураялъулги, ЖКХялъулги министерствоялда тIадкъан буго гIадамазе минабазул сертификатал кьеян. МухIарамкент районалъул ЦIиябросдада гIагарлъухъ гьезие кьун буго ракьул 86 гектарги, цо хъизамалъе 15 сотих хIисабги гьабун», — ан абуна Раюдин Юсуповас.