Новость на родном

  ЦIунтIа 10 чакъал чIвана

  Дагьалъ цебе ЦIунтIа районалъул Кидеро росулъ ичIго сон барав васасда тIад речIчIана чакъал. Рохьил рагIаллъуда расандулел рукIарал лъималазде тIаделъун буго гьеб. Анлъго сон барав Абубакар щола гьелъухъе кквезе. Гьесие хIалае вахъуна ичIго сон барав АхIмад. Цинги вацги виччан тун, гьесда тIад речIчIула чакъал ва гьелъ гьев чIвала. Гьеб лъугьа-бахъин ккун ха- дуб республикаялъул ТIабигIат...

Новость на родном

Лъимги лъел мухъал къачIазе гIарацги

    КIиабилеб августалда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана Гъизилюрт шагьаралъул лъел мухъазул суал. Гьезул гIемерисел басралъун, некIого хисизе заман щун, цо-цоял абуни, тIуранго турун ругин бицана гьеб данделъиялда. Гьединабго хIал рагIула хъублъи жанисан чвахулел рогIразулги. Гьезул цо бутIа цIияздалъун хисун, бегьулел къачIазе ругин абуна премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.    40000 чияс жаниб гIумру...

Новость на родном

Керимовасул кумек камиларо

        Дагьал церегIан къоязда Махlачхъалаялдаги Каспийскиялдаги гьоркьоб бакIалда, Гlиса аварагасул (гl.с.) цIаралда, халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб рухIияб централде щвана ДРялъул бетIер Сергей Меликов, сенатор Сулейман Керимов ва Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаров.   Гьезда дандчIвай гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмадафандица.   Гьез хал-шал гьабуна рухIияб централда ва гьенибго свалат-салам лъеяв МухIамад аварагасул...

Новость на родном

Туристал кин цIунилел?

     Туристазул гIумруялъе хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал чIезариялде кIвар кьолеб буго республикаялда. Хунзахъ росулъ ккараб гIадаб талихIкъосараб иш ккечIого букIиналъул мурадалда гьарулел тадбирал ккола гьел. Дагьав цеве Хунзахъе щун вукIарав ДРялъул премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги бадибчIвай гьабуна бакIалъулаб нухмалъиялъе рукIине кколел шартIал чIезаричIогойиланги абун.   Щибха гьабулеб бугеб тIадехун бицен гьабураб гIадинаб лъугьабахъиналдаса хадуб туристазул гIумру...

Новость на родном

ТIоцевесев президентги шахматалги

           МахIачхъалаялда, Шахматазул рокъоб, байбихьана ДРялъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасул призалъе гIоло санайилго тIобитIулеб шахматал хIаялъул рахъалъ республикаялъулаб чемпионат. Турнир рагьизе ва гIахьалчагIазе битIккей гьаризе рачIарал гьалбадерида гъорлъ рукIана ДРялъул спорталъул министрасул заместителал Зайнал Салаудинов ва ХIайдарбег ХIайдарбегов, ДРялъул шахматазул федерациялъул президент Жакай Жакаев, Олимпиялъул хIаязул чемпион Загъалав ГIабдулбеков, шагьаралъул спорткомитеталъул...

Новость на родном

Миллияб мацIалъе хоб бухъулеллъун рукIунге

     «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тIобитIана ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Энрик Муслимовасул гIахьаллъигун пресс-конференция. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул СМИязул журналистал.   Данделъиялда бицана республикаялда тIобитIулеб бугеб миллияб политикаялъулги, диназда гьоркьосел бухьеназулги, гражданиял жамгIиятазул институтазулги, диниял гIуцIабазул гьоркьорлъабазулги, къватIисел улкабаздаса рачIарал гIадамазе республикаялда шартIал гIуцIиялъулги хIакъалъулъ.    «Нилъер буго Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерство....

Новость на родном

Туристазе гъая кколеб буго

     Сулахъ къварилъухъ, Басрияб Миякьо росдада аскIоб хIорихъ дандречIана туристал рекIараб кIиго катер. Цо турист больницаялде ккана. Заманаялъ гьеб бакIалде тира-сверизе унезе нух къан буго.    Республикаялде рачIунел туристал цIикIкIанагIан, кколел руго цо-цо талихIкъарал лъугьа-бахъиналги. Масала, Хунзахъ, ай ЦIолбокь кIкIалахъе бортана хъизамго тIад рекIун букIараб машина. МоцIгун бащадалъ цебе, Шамил районалъул Микьигьориб росулъги авария...

Новость на родном

Эмиратаздаса гьобол

    Гьал къоязда республикаялде вачIун вукIана ГIарабазул Цолъарал Эмиратазул (ОАЭ) Россиялда вугев посол МухIамад АхIмад аль-Жабер.     Республикаялъул гIемерал бакIазде щвана МухIамад АхIмад аль-Жаберин. Рихьизаруна гьесда нилъер росдал магIишаталда кколел ругел бергьенлъабиги. Гьединго гьев дандчIвана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовгунги.     МухIаммад АхIмад аль-Жабер дандчIвана бесдал лъималгунги. ДандчIвай тIобитIана Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьелда гIахьаллъана...

Новость на родном

Хунзахъе сапар

      27 июлалда ДРялъул ХIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас са- пар бухьана Хунзахъ районалде. ТIадеялъул Расул ХIамзатовас 100 тIубаялъул тадбиралде хунз кин хIадурлъулел ругелали халгьабизе, республикаялъул нухмалъулев Сергей Мелико- васул тIадкъай тIубазе вачIун вукIана гьев тIалъиялде.     ГI. ГIабдулмуслимов щвана ЦIада росдада цебе бугеб «ХъахIал къункъраби» абураб мемориалияб комплексалде. Гьениб хал-шалги гьабун, юбилеялъул...

Новость на родном

Бигьаяб къагIида

    Банкалъул карточкаялъул кумекалдалъун гIарац кьолеб къагIида гьабизе ракIалда буго лъагIалил ахиралде 500 маршруткаялъуб. ГьабсагIаталда гьединал аппаратал рекъезарун руго 103 маршруткаялда жаниб. Гьелъул кIудияб квегIенлъи букIине бугин пассажиразеян бицана республикаялъул Транспорталъул министерствоялда.