Новость на родном

  Дуниял цIоролалде…

  Гьал къоязда журналисталгун дандчIвана ДРялъул пачалихъияб жилищнияб инспекциялъул нухмалъулев Сергей Касьянов. Республикаялда ругел минаби хасалоде кин хIадур гьарун ругелали букIана аслияб суал. Амма гьелъул бицине байбихьилалде, гIаммаб куцалъ гIемертIалаял минабахъ бугеб ахIвал-хIал расги лъикIаб гьечIинги абуна гьес.      — ГIемерал хиса-басиял гьаризе лъугьун руго гIадамал гьединал минабахъ. Рагъи къватIибе цIан рукъ гIатIид гьабула...

Новость на родном

ГIадада гIарац кьоларо

    Анлъабилеб сентябралда «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда журналисталгун дандчIвазе вачIун вукIана республикаялъул гIолилазул ишазул рахъалъ министр Камил СагIидов. ГIемераб хIалтIи гьабулеб бугин министерствоялъ гIолилазул хIаракатчилъи цебетIеялъе, гьезул цIи-цIиял гьунарал загьир гьаризеян бицана Камил СагIидовас. Мисалалъе, гьал гIагарал къоязда рагIалде бахъанин нилъер гьаниб тIобитIараб «Россиялъулгун Египеталъул гIолилазул форум». ЦIакъ пайда цIикIкIараб тадбир лъугьанин...

Новость на родном

Къварилъиялде ккаразе гьабулеб кумек

     Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъи гьабулаго, чанги гIолохъанчи хвана. Гьезул гIемерисезул нахъе хутIана хъизан-лъимал ва гIага-божарал. Гьединал хъизамазе рахIму-цIобалъулаб кумек гьабулеб хасаб фонд рагьана исана апрелалда республикаялда. ГьанжелъагIан гьеб фондалъ нахъа чи гьечIого хутIарал хъизамазе бакIарун буго миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ.      — Фондалде кумек гьарун бачIараб цониги хъизам нижеца нахъчIвачIо. Аслияб...

Новость на родном

Шагьранухазги гьарулеб батила хехлъиялда чIолорхъжо байилан

   Республикаялда лъугьа-бахъунелда хадуб халги ккун, газеталъул иргадулаб номералда нужее щиб лъикIаб хабардай бицинаян ургъулел рукIуна ниж. Узухъда, нижее бокьилаан гьел цIиял харбал ракI бохизабулеб тайпаялъул, гIадан рази гьавулел рукIине. Амма къваридал харбалги кьезе кколел руго.           31 августалъул сардилъ цIакъ квешаб авария ккана Унсоколо районалда — Временный поселокги тун, Шамилхъалаялде...

Новость на родном

Нилъер продукциялъе — тIадегIанаб къимат

         23 августалда «Дагъистан» РИАялда журналистал дандчIвана республикаялъул росдал магIишаталъул министр Мухтарбий Аджековгун. Гара-чIвариялъул байбихьуда РИАялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас ракIалде щвезабуна исана июлалда республикаялда тIобитIараб гастрономиялъулаб фестиваль: — Республикаялда тIобитIараб гьеб фестивалалда гIахьаллъана батIи-батIиял улкабаздаса шеф-поваралгицин. Гьез цIакъ тIадегIанаб къимат кьуна нилъер гьаниб гIезабулеб гIиял гьанае. Масала, гьезул цояс абуна Дагъистаналдаса гIиял...

Новость на родном

ЦIалудехун гъира шартIазда бараб буго

      23 августалда тIобитIана ДРялъул лъай кьеялъул хIалтIухъабазул августалъулаб данделъи. Гьенив гIахьаллъана ДРя­лъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги.     Данделъи рагьулаго, ГI. ГIабдулмуслимовас абуна ДРялъул бетIерас исана республикаялда лъай кьеялъул сонлъун лъазабун букIиналъ гьарулел тадбиразги хIалтIабазги Дагъистаналда лъай кьеялъул иш борхизабиялъе кIудияб квербакъи гьабулеб бугин.    Республикаялда лъималазул цIалудехунги лъай тIалаб гьабиялдехунги гъира...

Новость на родном

ЛНРалъул ва РФялъул БахIарчиясулгун дандчIвай

         23 августалда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГI. ГIабдулмуслимов дандчIвана РФялъул бахIарчи, генерал-майор, ЛНРалъул милициялъул кIиабилеб халкъияб корпусалъул командующий Эседула Абачаевгун.   Эседула Абачаев ккола Хив районалъул Зилдик росулъа. Гьес лъугIизабуна Харьковалъул гвардиялъул тIадегIанаб танковияб команднияб училище, РФялъул ВСялъул гIаммал войскабазул академия ва РФялъул ВСялъул Генштабалъул Военнияб академия.   ЛНР эркен гьабиялъулъ гьабураб...

Новость на родном

   «АвтоВазалъе» кумекалъул квер бегьизе хIадур руго

    Гьал къоязда нилъер республикаялдаса чанго заводалъул вакилзаби дандчIвана Тольяттиялъул машгьураб предприятие «АвтоВазалъул» нухмалъулелгун. Машгьураб автоконцерналъе хIажатаб къайи-цIа нилъер республикаялда хIадур гьабизе рес букIиналъул суалал дандразе ракIарун рукIана гьел гьенире.     Мисалалъе, Тольяттиялда гьоболлъухъ рукIана АО «Дагдизель», ООО «Мушарака», АО «Авиагрегат», АО «КЗТМ» заводалъул вакилзаби ва «Гидродинамическая коробка автопередач» абураб тIагIел ургъарал устарзабиги...

Новость на родном

КIудияб хъизамалъе сайгъат — гьитIинаб автобус

       Лъимал гIемераб, амма ресукъал хъизамазе, республикая­лъул бюджеталдаса биччараб гIарцудеги росун, цIиял мик­роавтобусал кьезе руго ДРялъул ХIукуматалъ. Гьал къоязда гьединаб хIукуму хъванин жиндицаян лъазе гьабуна ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.     «Лъимал ругел хъизамазда квер чIвазе», — ян абун Сергей Меликовас исана маялда хъвараб указалда рекъон гьабулеб хIалтIи буго гьеб.  Гьел ккола...

Новость на родном

24 цIияб ФАП

      Исана сон байбихьаралдаса республикаялда рагьун буго 24 цIияб фельдшеразулгун акушеразул пункт (ФАП). Мисалалъе, гьал къоязда социалиял гьиназде рехун рачIана, Табасаран районалъул Чулат росулъ квешго басралъун букIаралъул бакIалда рагьараб, киналго санагIалъабаздалъун къачIарб цIияб ФАПалъул минаялъул суратал.      Гьединалго, гьанже заманалъул киналго шартIалги ругел цIиял ФАПал рагьун руго республикаялъул батIи-батIиял росабалъ. Жеги анкьго...