ГIадада гIарац кьоларо

 

  Анлъабилеб сентябралда «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда журналисталгун дандчIвазе вачIун вукIана республикаялъул гIолилазул ишазул рахъалъ министр Камил СагIидов.

ГIемераб хIалтIи гьабулеб бугин министерствоялъ гIолилазул хIаракатчилъи цебетIеялъе, гьезул цIи-цIиял гьунарал загьир гьаризеян бицана Камил СагIидовас. Мисалалъе, гьал гIагарал къоязда рагIалде бахъанин нилъер гьаниб тIобитIараб «Россиялъулгун Египеталъул гIолилазул форум». ЦIакъ пайда цIикIкIараб тадбир лъугьанин гьелъулилан абуна министрас.

Гьединго К. СагIидовас бицана дагьаб цебе «Россия — моя история» абураб тарихияб паркалда тIобитIараб акциялъулги. «Бергьенлъиялъул диктант» хъвана гьениб гIезегIан чиги гIахьаллъун.

   — Нижеда ракIалда букIаралдасаги цIикIкIун чи вачIана исана гьениве. 110 батIияб бакIалда тIобитIана нижеца диктант хъваялъул тадбирги. ГIадамазул гIемерлъиялъ, гIодор чIезе бакIал гIоларогоцин рукIана. 15 азаргоялдасаги цIикIкIун чияс хъвана исана диктант. Гьеб хIакъикъаталдаги рохизе ккараб иш буго. ГIун бачIунеб гIелалъулъ щулалъулеб буго тарихалдеги, умумузул бахIарчияб гIумру лъазабиялдеги къасд. КIиабизе, нужеца гьикъизе бегьула, 9 маялда цебе гуреб, 3 сентябралда гьеб тадбир тIобитIиялъул мурад щиб букIарабилан. Бергьенлъиялъул къоялда цебе гьеб тIобитIизе санагIалъи ккечIо, пандемиялъул асар жеги лъугIун букIинчIо. Гьединлъидал пикру ккана тадбир КIиабилеб Дунялалъул рагъ лъугIараб къоялде данде ккезабун тIобитIизе. Гьедин гьаби лъикIги ккана. Щайин абуни, жакъа чанги пачалихъал лъугьун руго КIудияб ВатIанияб рагъда советияб улкаялъ лъураб бутIаги гьелъул халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъиги тарихалда гьоркьоса нахъе хъвагIазе. ХIатта нилъеца босараб бергьенлъицин цогидазе насиб гьабизе лъугьун руго гьел. Мисалалъе, США гIадал къуватал пачалихъал сабаблъун кIванин дунял фашизмалдаса бацIцIад гьабизеян абураб пикру тIибитIизабулеб буго. ГIададисел хьулал. Гьезул гьодорал, щибниги кьучI гьечIел гьагал мурадазгун хитIабаз тарих хисуларо. Гьеб буго нилъер умумуз бидулъги ччун хъвараб тарих. Гьединлъидал цIакъ лъикI ккана нижеца диктант хъваялъул тадбир исана 3 сентябралда тIобитIи. Рохизе ккараб иш буго гьеб хъвазе къватIисел пачалихъалъул гIадамалги гьоркьоре журай, — илан бицана К. СагIидовас. Гьелдаса хадуб министрас бицана 12-17 сентябралда республикаялда тIобитIизе бугин «Каспий — 2022» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб гIолилазул форумги. Гьанжеялдаго гьелда гIахьаллъизе бокьаразул 2000 гIарза къабул гьабун буго. Амма форумалда гIахьаллъизе ругин тIаса рищарал гIолилалин бицана министрас.

   — Исанасеб форумалда цIияб жолъун ккола гьениб аслияб темабазул цояб ватIан бокьиялъул мисал, умумуздаса чIухIи гIадал ишазде цIикIкIун кIвар кьезе букIин, — илан абуна министрас. – ГьабсагIат Украинаялда хасаб операция унеб заманалда гьединал мисалаздалъун гIолилал куцай кIвар бугеб масъала буго. Гьелдаго цадахъ тIуразаризе руго цогидалги проектал. Гьел хурхарал рукIине руго гIумруялъул батIибатIиял рахъазда: бизнесалда, социалиял масъалабазда, рукIарахъиналъул суалазда ва цогидалдаги. Бергьаразе щвезе буго гранталъулаб кумекги. Исана 80 миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ биччан буго гьелъие. Гьеб киналъего нухмалъи гьабулеб буго Ростуризмалъ. Грантазул суалазде гъорлъе лъугьине нижер, министерствоялъул ихтияр гьечIо.

Амма кин гьеб хIалтIизабулеб бугебали лъазабизелъун кьварараб хъаравуллъи букIине бугеблъи хIакъаб буго. Жидеего бокьараб бакIалде гIарац харж гьабизе грант щварасул ихтияр букIунаро. Гьеб харж гьабизе ккола хас гьабун конкурсалда бергьараб проект гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда.