Новость на родном

ХIажатазе квербакъила, магIишат тIегьазабила

Гьал къоязда «ХIакъикъаталъухъ» гьоболлъухъ щварав Гумбет районалъул бетIер Гъалип Гъалиповас бицана исана район цебетIеялъе гьабураб хIалтIул ва рехсана тIасияб соналда тIуразе церелъурал масъалабазул хIакъалъулъ. Сахлъи цIуни Исана Гумбет районалъул МелъелтIа, Игьали ва ЧIиркъатIа росабазул больницаби къачIан лъугIулел руго. Гьелъ рес кьола районалъул гIадамазе лъикIаб даражаялъул медицинаялъул кумек щвезе. Гумбет районалъул централияб больница къачIазе биччан букIана...

Новость на родном

Наслабиги цолъизарулаго…

ИчIабилеб декабралда, ВатIаналъул БахIарзазул къоялъ Гъизилюрт шагьаралда рагьана иргадулаб «БахIарчиясул парта». Гьединаб цIаралда гъоркь акция тIобитIулеб буго тIолабго Россиялда. Руго гьединал партаби Дагъистаналъул шагьаразул ва районазул щибаб школалдаги колледжаздаги… ГIемер гIахьаллъула газета­лъул хIалтIухъаби гьеб проекталда рекъон тIоритIулел тадбиразда. Гьаб нухалда диеги рес щвана Гъизилюрт шагьаралъул № 8 школалда гьединаб тадбиралда гIахьаллъизе. ВатIан бокьиялъул кIудияб байрамалде...

Новость на родном

Кинабго бараб буго бакIалъулаб нухмалъиялда

Гьал къоязда МахIачхъалаялъул №57 школалда тIобитIана республикаялъул жамгIиял хIаракатчагIазулги лъидаго рачIел СМИязул журналистазулги дандеруссин. Гьелда гIахьаллъана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумаханов, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляева, МахIачхъалаялъул №1 больницаялъул бетIерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ХIажимурад Маллаев, ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министрасул тIоцеесей заместитель Аида ТIалхIатова. Данделъиялда бицана сахлъи цIуниялдаги лъай кьеялдаги...

Новость на родном

Ополчение чӀаго буго

Исана 25 сон тӀубала Дагъистаналде кIанцIун рукIарал халкъазда гьоркьосел террористазда тӀад бергьенлъи босаралдаса. Доб заманалда ахӀичӀого вачӀарав «гьоболасда» кьварараб дандчӀвай гьабуна нилъер халкъалъ. Щибаб районалда гӀуцӀун букӀана ополчениялъул штаб. Масала, Казбек районалда ополченцазул хӀаракат байбихьана 1992 соналдаго. Гьелъие гӀиллалъун ккана гӀорхъабазда ахӀвал-хӀал хӀалуцараб букӀин. Доб заманалда ополчениялда вукӀана 2016 доброволец. Ополченцазул штабалъе нухмалъи гьабуна ва...

Новость на родном

Халкъалъ гьабула газета

Газеталъул хIалтIул кIвар бугеб бутIалъун ккола магIаруллъиялъул ва магIарулазул гIумру бихьизаби, газета цIалулезулгун бухьен кквей, подписка гIодобе ккечIого букIиналъе ресал ралагьи. Гьеб ишалъе квербакъиялъе гьаб заманалда руго гIемерал ва хехго бокьараб мурад тIубалел техникиял алаталги. Амма щибго бахунаро чIагояб хабаркIалалде, рагьараб гара-чIвариялде, эркенал дандчIваязде. Гьединлъидал, кутакалда кIвар бугеблъун ккола районазде ва росабалъе сапарал гьари, гIадамалгун...

Новость на родном

Лъималаз бахъараб мультфильм

27 декабралда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда Расул ХIамзатовасул 100 сон тIубаялъул юбилеялде магIарул ва гIурус мацIазда бахъараб мультфильм бихьизабуна. Гьеб хIадурана «Мирадж» абураб «Центр развития для детей с особенностями развития и инвалидов с детства» абураб гIуцIиялъ (АНО). «ХIакъикъаталъухъе» гьоболлъухъ рачIун рукIана Расул ХIамзатовасул «Эбелалде» абураб кечIги кьочIое босун, мультфильмалъе суратал ра хъарал «Мирадж» централъул цIалдохъабиги, гьезул...

Новость на родном

ВДНХаялда нилъер бечелъи

Гьал къоязда Москваялда, ВДНХялда тIобитIулеб бугеб «Россия» халкъазда гьоркьосебвыставка-форумалда гIахьаллъи гьабулеб буго Дагъистаналъул вакиллъиялъги. Гьениб,анкьабилеб декабралда тIобитIана Дагъистаналъул къо. Тадбиралда гIахьаллъана ДРялъулбетIер Сергей Меликовги х1укуматалъул цо-цо вакилзабиги. «Россия в миниатюре» абунцIар лъуна гьес гьеб къоялъ ВДНХялда букIараб республикаялъул цебелъеялда. «Россия-24» каналалъул хIалтIухъаналъе экскурсияги гьабуна Дагъистаналъул стендалда цеесансвериги бахъулаго.Выставкаялда бихьизабуна экономикаялъул, нухал раялъул, социалияб рахъалъул, лъайкьеялъул,...

Новость на родном

Илбисалъ малъаралда хадурги рилълъун

МухIамад Дудуев, Авар театралъул актер, жамгIияв хIаракатчи.   — КъватIисан гьусун тIамулел гIадамазул провокациялъулал къасдазда хадурги рилълъун, гьел гIолохъабаз тIоцебесеб иргаялда хвезабуна закон. Амма гьелъ гьезул я гIаданлъиялъул, я намусалъул, ялъуни чилъиялъул рахъ — цонигияб борхизабичIо, гьелъул гIаксалда, хутIа-хутIарабги даража гIодобегIан гьабизе квербакъана гьеб ахIи-хIуралъ. Гьабуле-толелъул пикруги гьабичIого, илбисалъ малъаралда хадурги рилълъун, сахал гIолохъаби гьанже...

Новость на родном

НахъегIанаб пикруялъул чагIаз гьусун тIамун, гьарулел митингаздагун акциязда дандечIаразул мухъилъ вуго дунги

Рамазан ГIабдулмажидов, ДНЦялъул археологиялъулгун тарихалъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулев.   МахIачхъалалялъул аэропорталда ккарал лъугьа-бахъинал киса-кирего рагIана, гьелъ гIураб ахIи-хIур гьабуна республика бахун къватIибехунги. Полициялъулгун би гIодоб тIурал тункагIусиял ккана гIолохъабазул. Гьеб буго нилъер республикаялда жамгIиябгун политикияб ахIвалхIал хIалуцинабизе, халкъалда гьоркьоб питнагун жахIда-хIусуд цIикIкIинабизе мурадгун, ургъунго гьабураб иш. Жакъа Дагъистаналъул халкъалъул пикру буссун буго Палестинаялде. Гьенир...

Новость на родном

«Каспиялъ» ахIулел руго

Северияб Кавказалъул «Каспий-2023» гIолилазул форум тIобитIизе буго 16-21 сентябралда. Гьедин бицана 27 июналда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб прессконференциялда ДРялъул гIолилазул ишазул рахъалъ министр Камил СагIидовас. «Исанасеб форум тIобитIизе буго Избербашалда, «Прибой» турбазаялда. Гьелда гIахьаллъизе вуго 500 чи. ЦIикIкIине буго грантазул конкурсалъе бихьизабураб гIарцул къадарги. Ахираб кIиго соналъ форумалде гIамм гьабун 12 миллион гъурущ биччан букIун батани,...