Лъай кьеялде кьолеб кIвар

ГӀабдулмуслим ГӀаб­дул­муслимовасул хIисабкьеялда тIасан пикраби

Дагъистаналъул ХӀукуматалъул председатель ГӀабдулмуслим ГӀаб­дул­муслимов щибабсонилаб хӀи­саб­кьейгун вахъана Дагъистана­лъул Халкъияб Собраниялъул де­пу­татазда цеве. Гьединаб тадбир би­хьизабун буго Дагъистан Республикаялъул Конституциялда.

ХӀисабкьеялъул докладалда гьес тӀадчӀей гьабуна 2025 соналда ва араб щуго соналда жаниб республикаялъул социалиябгун экономикияб гӀумруялда ккарал кӀвар бугел хиса-басиязул аслиял рахъазда. ЧӀванкъотӀарал мисалаздалъун ва тарихаздалъун ГӀабдулмуслим МухӀудиновичас бихьизабуна хӀукуматалъул хӀалтӀи республикаялъул гражданазе социалияб рахъалъ кьураб рагӀи тӀубазабиялде буссинабун букӀараблъи.

2025 соналда гӀаммаб регионалияб продукталъул къадар гӀагарлъун буго 1,3 триллион гъурщиде, гьебги ккола, цебесеб соналде дандеккун, 3,1 проценталъ цӀикӀкӀун.

Росдал магӀишаталда, бакӀал раялда, туризмалда, промышленнияб производствоялда, гӀадамал хӀалтӀудалъун хьезариялда, даран-базар гьабиялда, жамгӀияб квана-гьекъей гӀуцӀиялда сверухъ гьарурал хӀалтӀабазул хIакъалъулъ мухIканаб доклад гьабуна хIу­ку­маталъул нухмалъулес.

Ахирал соназда цӀикӀкӀараб кӀвар кьолеб буго республикаялда лъай кьеялъул рахъ цебетӀеялде. ГӀицӀго араб соналда рагьун буго 5440 цӀалдохъанасе бакӀ бугеб 15 цӀияб школа ва 850 лъимералъе бакӀ бугеб 5 лъималазул ах. Ралел руго жеги 19 цӀияб школа ва 12 лъималазул ах. Гьелдаго цадахъ кьучӀдасанго, рагӀа-ракьанде щун, къачӀан буго ичӀго школа ва кӀиго лъималазул ах. «Росдал учитель» абураб программаялда рекъон, росабазул школазда хӀалтӀизе витӀун вуго 10 учитель, 2019 соналдаса 2025 соналде щвезегӀан – кинавниги 430 учитель. ЛъикӀаб хӀалтӀи гьабулеб буго школлъималазул профориентациялда хурхунги. Республикаялда рагьун буго 84 агрокласс, 15 инженерлъиялъул класс, медицинаялъул – лъабго ва туризмалъул – 12. КӀвар кьолеб буго лъималазул риидалил хӀухьбахъи гӀуцӀиялде: сахлъи цӀуниялъулгун спортивияб лагералде витӀун вуго 39 азарго цӀалдохъан, къачӀалеб буго жеги 13 азарго лъимералъ хӀухьбахъи гьабизе бегьулеб сахлъи цӀуниялъулгун хӀухьбахъиялъул ичӀго бакӀ.

ГӀемераб хӀалтӀи гьабулеб буго цӀалдохъабазе патриотлъиялъулаб тарбия кьеялъул рахъалдаги. Республикаялъул школазда рагьун буго 3344 БахӀарчиясул парта, 731 школалда лъун руго ракӀалде щвеялъул мемориалиял хъарщал. КӀудияб ВатӀанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса 80 сон тӀубаялъул юбилеялъул тадбиразда гӀахьаллъун вуго 675 азаргогӀанасев цӀалдохъан.

ГI. ГӀабдулмуслимовас барка­ла кьуна депутатазе цадахъаб хӀал­тӀиялъухъ ва гьабулеб кумекалъухъ, божилъи загьир гьабуна хадубккун республика цебетӀеялъулъ, ругел гӀунгутӀаби лъугӀизариялъулъ, пай­да босичӀого хутӀарал ресал тӀа­ти­нариялъулъ ва гьездаса рагӀа-ракьанде щун пайда босиялъулъ цадахъаб хӀалтӀи гӀуцӀизе бажариялде.

Экономика

Бокьараб пачалихъалъул, жам­гIия­талъул, гьитIинаб-кIудияб гIу­цIиялъул кьучIлъун ккола экономика. Гьелда тIад «бижула» кинабго гIумру-магIишат. Гьелъулги кьучI буго (мисалалъе, регион босани) ВРП, ай валовияб регионалияб продукт — лъагIалида жаниб республикаялда къватIибе биччараб, гIезабураб ва къачIараб кинабго продукциялъул, рарал бакIазул, тIурарал хъулухъазул ва бича-хисиялъул гIаммаб багьа. Халкъияб Собраниялъул сессиялда цебе ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас кьураб хIисабалда гьес рехсараб ВРПялъул (2025 сонилаб) къадаралъ — 1,3 триллион гъурущ (цебесеб соналда данде 3 проценталъ цIикIкIун), бицуна гIемераб. Гьеб ккола кIудияб къадар, гьелъ мухIканго бихьизабула нилъер экономикаялда бугеб ахIвал-хIал, гьелъул киналго рахъазда бугеб рагъа-рачари, хIакъго гьелъие лъезе бегьула мадараб къимат. ГIемералъе къимат кьолеб, гьаниб бугеб «гьава-бакъ» бицунеб гIаламатлъун ккола инвестициялги, гьезул къадар гъоркьиса бахун буго 540 миллиард гъурщиде (цебесеб соналда дандеккун 26,4 проценталъ цIикIкIун). Росдал магIишат ккола республикаялъул экономикаялъул аслиял бутIабазул цояблъун (ралел бакIазул магIишат, бича-хиси ва гьезда хадуб росдал магIишат). Гьелъги гъоркьиса рихьизаруна гIезегIан лъикIал хIасилал, гьелъ гIезарурал ва къачIарал нигIматазул багьа бахана 275,3 миллиард гъурщиде (3,1 проценталъ цIикIкIун). Гьелда цадахъго АПКаялъе квербакъи хIисабалда пачалихъалъ биччана 2,8 миллиард гъурущ (гьезда гьоркьоса 2,6 миллиард ккола федералияб бюджеталъул гIарац). Нилъго хьезари гуреб, нилъер аграриязул продукция (гIиял гьан, ччугIа, пиринчI ва гь.ц.) уна (къадар кIудияб гьечIониги) къватIисел пачалихъаздеги — мадугьалихъ ругездаса байбихьун гIарабазул пачалихъазде, Индиягун Китаялде гIунтIун.

ГIабдулмуслим ГIабдул­мусли­мо­васул хIисабкьеялда хурхун, ДРя­лъул росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр Шамил Рамазановас загьир гьабуна гьадинаб пикру.

— Исанасеб хIисабалъул букIана цIакъ­го пайдаяб кIиго хаслъи — премьерасда цадахъго жиде-жидер бутIабазул хIисабал кьуна гьесул заместителазги. КIиабилеб, ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас бицана цохIо 2025 соналъул хIа­си­лазул гуребги, ахирал соназда гьабуралъул ва хадуб гьабизе бугелъулги хIакъалъулъ. ХIисабкьеялда рехсарал тарихаз бихьизабуна АПК цебетIолеб бугеб куц, хIа­къи­къаталдаги кинабго буго гьедин, ниж хIалтIулел руго хадубккун­ги гьеб дагьабги лъикIаб букIинабиялда тIад.

Гьебго министерствоялъул Жам­гIияб Советалъул нухмалъулев Вагьаб Казибековас абуна:

— ХIукуматалъул председателасул хIисабкьей буго жамгIияталда цебе нилъер нухмалъи рагьараблъун букIиналъул, гьел цоцазда ри­хьулел, рагIулел ва ричIчIулел ру­кIиналъул гIаламат. Гьеб киналъго нилъее рес кьола ругел масъалаби лъазе ва загьир гьаризе, тIуразе хIа­жатал суалал рорхизе. Нилъеда цоги нухалъ бихьана АПКялъул бугеб кIвар, гьелъие федералияб централъ ва министерствабаз, республикаялъул нухмалъиялъ гьабулеб бугеб кумек.

ГIабаш ГIабашилов