Дагъистаналъул халкъияб собраниялъул сессиялда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагIел байбихьиялъул хIакъалъулъ гьабураб хитIабалда тIаса пикру загьир гьабуна «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас. Гьес ракIалдещвезабуна батIи-батIиял соназда Дагъистаналъул халкъал цадахъ рекъон захIмалъабазба данде къеркьеялъул, хIажалъи ккараб бакIалда улкаялъулго халкъазул цолъиялъул ва гъункиялъул хIакъалъулъ.
«Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, 2026 сон лъазабун буго Халкъазул цолъиялъул лъагIеллъун.
Миллатазул цолъи, цоцазда ричIчIи пачалихъ цебетIеялъе рукIине кколел аслиял шартIазул цояб букIин балъгояб жо гуро. Гьеб хасго баянаб буго 80 соналъ социализм гIуцIулел ва «гIадан гIадамасе вац вугин» абураб ахIиялда гъоркь СССРалда гIумру гьабулел рукIарал наслабазе ва гьезул гIелазе. Нилъеца жакъа гIуцIулеб, гIадамазул гьудуллъиялдаса давла лъикIилан рикIкIунеб капитализмалъул заманалдацин нилъер халкъазул гьудуллъиялда гьоркьоб гьогьен жакъаги кколеб гьечIо.
Хасго гьеб хасиятаб буго нилъер республикаялъул халкъазе. Ракълилаб захIматалда ва рагъул майданазда гьеб рахъалъ рихьизарурал мисалаздаса гIуцIараб цогояб, бечедаб, жиндаса нилъ чIухIулеб тарих буго мугIрузул улкаялъул.
ГIумруялдаса мисалал
Гьеб нилъеда батана некIсияб заманалдасаго бачIараб гIадатлъун. 1743 соналда Ираналъул шагь Надир, нусазарилаб богун Дагъистаналде тIаде кIанцIидал, гьев щущахъ виххизавизе цолъана нилъер киналго миллатал ва, бергьенлъиялда гьеб масъалаги тIубазабун, жидерго цолъи дагьабги щула гьабуна.
1923-1925 соназда КIудияб Октябралъул цIаралда, 80 километр халалъиялда бугеб канал бухъулагоги бихьана нилъер цолъиялъул къуват ва жамагIаталъул газаялъукьа хIинкъулареб захIмат гьечIолъи. КОР хIалтIизе биччалеб данделъиялде вачIарав Совет Союзалъул староста Михаил Калининица кIудияб къимат кьуна халкъалъул кверзул захIматалъе.
КIудияб ВатIанияб рагъул соназда советияб халкъалъ босараб бергьенлъи щулаго бухьараб букIана улка тушманасдаса эркен гьабиялъул кьучIалда бижараб миллатазул гьудуллъиялда. Гьенир рухIалда барахщичIого бихьизабураб цадахъаб къеркьеялъе гIоло Совет Союзалъул БахIарзаллъун рахъарал 75 дагъистаниязда гьоркьор руго нилъер киналниги миллатазул вакилзаби.
Дагъистаналъул цIияб тарихалда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул нугIлъун вукIиналъ дидагоги бихьана нилъер жамагIатазул цолъиялъул ва цоцазе кумек гьабизе хIадурго рукIиналъул чIагоял мисалал.
1944 соналда репрессиялде ккун, республика тун къватIире гочинарун рукIарал чачан миллаталъул гIадамал, 1957 соналда, тамихIалдаса ритIухъ гьарун, нахъе риччараб заманалда, гьезул рукIарал росабалъе хIал гьабун гочинарун рукIарал магIарулазул ва цогидалги миллатазул гIадамал гьениса нахъе рачун, гьезие росаби разе ракьал хIажат рукIана. Гьеб заманалда жидерго районаздаса гьезие росаби разе бакIал кьуна лъарагIаз.
Цоги мисал, къоккараб заманалда, 1958 соналда Лаваша районалъул Санамахьиса дарги миллаталъул гIадамазе ЦIияб Костек росу базе ракьал кьезе разилъана Хасавюрт районалъул жамагIат ва нухмалъулел.
РакIалде щвезаризин 1999 соналъул лъугьа-бахъиналги. Хъачагъазде данде гьабулеб рагъулъ, киналго цадахъ рахъун, щулияб гъунки бихьизабуна нилъер халкъаз.
Гьел ва цогидалги мисалаз нугIлъи гьабула дагъистаниял рухIалда ва бищунго хирияб бечелъи – ракьалда барахщичIого, цоцазе хIалае рахъине хIадурал рукIин. Нилъеда бихьана нилъер халкъазул цолъиялъе Россиялъул президент Владимир Путиница кьураб тIадегIанаб къиматги.
Халкъазул цолъиялъе гIелмияб кьучI
Нилъер республика ккола миллатазул цолъиялъе лъидасаго цебе кьучI лъураб ватIан. Гьелъул бицунеб буго тарихчагIи Къарахъа МухIамадтIагьирил, Расул МухIамадовасул, Ахед Агъаевасул, МухIамад ГIабдулаевасул ва цогидалги гIалимзабазул гIелмиял ва публицистикиял хIалтIабаз.
Дагъистаналъул адабияталда бечедаб хIалбихьи буго гьеб рахъалъ цIар арал хъвадарухъабазул художествиял ва хIакъикъиял асаразда жаниб.
Халкъазул цолъиялъул аслиял рахъал жинда жанир загьир гьарураб «Миллияб политикаялъул концепция» абураб документ Россиялда къабул гьабуна 1996 соналда. Дагъистаналдайин абуни, гьединаб программа ургъун букIана 1993 соналдаго. Гьеб букIана миллатазул гьоркьорлъабаз ва гIумруялъул хIалбихьиялъ гьудуллъи щула гьабиялъе ва гьелъул кьучIалда Дагъистан кинабго рахъалъ цебетIеялъе чара гьечIого хIажатаблъун бихьизабураб галилъун.
Жакъа СВОялда улкаялъул 193 миллатазул вакилзабаз гьабулеб бугеб чIагояб гIахьаллъиялъ бицунеб буго халкъазул гъункиялъул ва бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ. Дагъистаналдаса гьенир унго-унгояб бахIарчилъиялда ва бихьинчилъиялда рагъулел руго аза-азар ракьцоял. Гьездаса 18 батIи-батIиял миллатазул вакилзаби мустахIикълъана Россиялъул БахIарчиясул тIадегIанаб цIаралъе.
Гьел хIужабаз бихьизабулеб буго халкъазул цолъи — нилъер гIумруялъул роцен букIин».
