ГIабдурашид – CШАялъул лигаялда

Олимпиялъул хIаязул кIицIул чемпион, ГIабдурашид Садулаевас контракт хъван буго ReaI American freestyIe (RAF) абураб спортивияб гIуцIигун.

RAF ккола СШАялъул цIакъ ссиялда бугеб эркенаб гугария­лъул гIуцIи. Цере рукIарал спорт рехун тарал ва гьабсагIатги церерахъунел гугарухъабазги жубараб речIчIухъанлъиялъул спортсменазги гIахьаллъи гьабула гьелъул къецазда. Гьесул дебюталъулаб тIоцебесеб цевевахъин букIине буго исана маялда.

Мамиашвили пашманлъана, Фетисов разилъана

Олимпиялъул хIаязул кIицIул чемпион, машгьурав хоккеист Вячеслав Фетисовас рахъккуна ГIабдурашид Садулаевас Америкаялъул (RAF) абураб спортивияб гIуцIигун контракт хъвазе гьабураб хIукмуялъул:

«Жакъа ГIабдурашидил рес гьечIо Олимпиадаялда гIа­хьаллъизе. Гьединлъидал гьес тIасабищун буго гугаризе жиндие санагIалъи бугеб нух. У, гьеб RAF ккола тIубанго батIияб тарих жиндир бугеб профессионалияб клуб. Амма ГIабдурашид гьенив цевевахъине вуго нилъер пачалихъалъул вакиллъун. Щибниги бегьулареб, нилъ хIинкъизе ккараб жо гьениб дида бихьулеб гьечIо», — ян абуна машгьурав хоккеистас.

ГIабдурашидица RAFалъулгун контракт хъван бугин рагIидал, Россиялъул Эркенаб гугариялъул федерация (ФСБРалъул) нухмалъулев Михаил Мамиашвилица жиндирго ракIхвей загьир гьабун букIана.

Живго ГIабдурашидица гьелда бан гьадин абуна:

«RAFалъулгун дица профессионалияб контракт хъванин рагIарабго, гIемерав чи вохана, амма цо-цоял пашманлъизеги пашманлъана.

Россиялъул гугарухъабазул командаялъе санкциял сабаблъун халкъазда гьоркьосел турниразде нух къазе байбихьаралдаса дихъе гIемерал пачалихъаздаса ругьел бачIунеб букIана гьезул гражданствоги босун гугаризе вачIинарищан.

Амма Россиялъул тIасабищараб командаялъул цевехъан хIисабалда дун ватIаналъе ритIухъавлъун вукIана кидаго ва жакъаги вуго. Хадубккунги халкъазда гьоркьосел турниразда, гьединго RAF лигаялда гугарулеб мехалъги тIоцебесеб иргаялда ватIаналъул вакиллъун вукIине вуго.

Спортсменасул ригь цIакъго къокъаб гIуж буго. Гьелъие гIоло кьуна дица дирго гIолохъанлъиги, къартIги, къуватги ва жакъа бищун аслиял турниразда цеве вахъине ресги гьечIого хутIидал, дица хIукму гьабуна океан бахун доб рахъалда дирго къуваталъул хIалбихьизе.

RAF гьеб ккола UFC, NHIго гIадин хасаб профессионалияб спортивияб гIуцIи. ТIолго дунялалдаса бищун къуватал гугарухъаби цолъараб лигаялда дирго бажари бихьизабизе ракIалда буго ва бихьизабила Россиялъул гугарухъанлъиялъул школалъул бугеб даражаги.

Дицаго гьабураб хIукму мекъаб букIинчIолъиялда божарав вуго, гьеб тасдикъ гьабулеб буго улкаялъул батIи-батIиял мухъаздаса дир рахъккун ритIун рачIунел кагътазги», — ян абуна ГI. Садулаевас.

Квалквалал гIемер гьаруна…

ГIабдурашид Садулаевасе чанцIулго нух къана Европаялъул чемпионаталде. Россиялъул тIасабищараб командагун цадахъ Братиславаялде ине нухда хIетIе лъурав чиясе гьесие визаялъе инкар гьабуна араб соналъ.

Гьаб нухалда гьениб кинабгIаги политикаялда хурхараб жо гьечIин абун букIана гьелда хурхун, Эркенаб гугариялъул федерациялъул нухмалъулев Михаил Мамиашвилица. Словакиялъул хIукуматалъ жидехъа бажарарабщинаб гьабунин ГIабдурашидие виза щвеялъеян абуна гьес, амма техникиял гIиллабазда бан, гьеб кинго щвечIин.

Кин гьеб батаниги, кIиго соналъ тIатIала виза сабаблъун ГIабдурашид хутIана Европаялъул чемпионаталъул шапакъатги щвечIого. Гъоркьисаго гIадаб жо гьабун букIана гьесие 2024 соналъ Бухаресталда букIараб Европаялъул чемпионаталде унагоги. ТIадбан гьениве ине хIадурлъулаго, визаялъе инкарги гьабун, хутIун рукIана гьевги, Къурбан Шираевги, Заур Угуевги. Хадуб, Испаниялдаса нухги балагьун, гьезул шенгеналъул визаги щун, дунялалъул свериги гьабун, квешги лъикIги, носол балалъин абухъего, Румыниялде ворчIарав ГIабдурашид нахъчIвана Бухаресталъул аэропорталда таможняялъул хIалтIухъабаз. Гьедин кIиго соналъ тIатIала Европаялъул чемпионаталдасаги махIрумлъун жакъа дунялалда бищунго машгьуразул цояв гугарухъан ГIабдурашид хутIана щвезе рес букIараб кIиго шапакъатги гьечIого.

Гьединго санкцияз гьесие нух къана 2024 соналъ Парижалъул роолал олимпиадаялъул хIаязда гIахьаллъизеги. ВиччачIо ГIабдурашид гъоркьиса Хорватиялда букIараб дунялалъул чемпионаталдеги. ХIасил, санкциязул гизма сабаблъун Россиялъул ва дунялалъул бищун титулал гIемерав гугарухъан махIрум гьавуна: кIиго Европаялъул, цо дунялалъул ва гьединго лъабабилебги Олимпиадаялъул меседил шапакъат щвезе букIараб ресалдаса. Лъилниги щаклъи букIинчIо ГIабдурашидица лъабабилебги Олимпиадаялда бергьенлъи босизе букIиналда. Гьеб букIинаан нилъее кIудияб рохеллъун ва чIухIилъун. Белоруссиялдаса Александр Медведида ва Хасавюрталда гIурав гугарухъан, чачанав Бувайсар Сайтиевасда аскIоб цIар хъвазе мустахIикъав чи вукIинаан гьев. Пайда щиб…

ГIабдурашидие гьарула цIияб нухда цIиял бергьенлъаби росизе икъбалги Аллагьасул рахъалъан квербакъиги.

Ашахан Юсупов