Новость на родном

Лъай кьеялде кьолеб кIвар

ГӀабдулмуслим ГӀаб­дул­муслимовасул хIисабкьеялда тIасан пикраби Дагъистаналъул ХӀукуматалъул председатель ГӀабдулмуслим ГӀаб­дул­муслимов щибабсонилаб хӀи­саб­кьейгун вахъана Дагъистана­лъул Халкъияб Собраниялъул де­пу­татазда цеве. Гьединаб тадбир би­хьизабун буго Дагъистан Республикаялъул Конституциялда. ХӀисабкьеялъул докладалда гьес тӀадчӀей гьабуна 2025 соналда ва араб щуго соналда жаниб республикаялъул социалиябгун экономикияб гӀумруялда ккарал кӀвар бугел хиса-басиязул аслиял рахъазда. ЧӀванкъотӀарал мисалаздалъун ва тарихаздалъун ГӀабдулмуслим МухӀудиновичас бихьизабуна хӀукуматалъул...

Новость на родном

Рагъалъ цолъизабуна Иран

Питнаялъул байбихьи Америкаялъулги ГIизраи­ла­лъул­ги Ираналде данде гьабулеб рагъ байбихьана 28 февралалда, гьеб пачалихъалъул бетIер ГIали Хаменеи, политикиялгун рагъулал хIаракатчагIи, Минаб шагьаралъул школалда цIа­лулел рукIарал гIисинал ясал чIваял­далъун. Россиялъ кигIан улкаялъе хIинкъи, хIалихьатал ишал гьез гьарулел рукIаниги, Украинаялъул нухма­лъулев ва рагъулаб генералитет тIа­гIинабизе бегьуларин нилъеде ахIи балел рукIарал Америкаялъ ва ГIизраилалъ Ираналъул бетIер ГIали Хаменеи ва...

Новость на родном

Салатавиялъул шапакъатазе мустахIикъал

24 февралалда Казбек районалда, Муса ГIазаевасул цIаралда бугеб спорталъул школалда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Камилпаша ГIумаханов, адвокатазул коллегиялъул председатель Зайбодин ГIумаров, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасанов, хIалхьиялда вугев полковник Сайгид-султан ХIажигIалиев, хIалхьиялда вугев полковник Аслудин Сурхаев, Хасавюрталъул техникияб колледжалъул директор Шамил МухIамадов ва цогидалги.  Тадбиралда кIалъазе вахъарав Муса ГIазаевас абуна: —...

Новость на родном

Зикрула Ильясов: «Халкъазул цолъи — гIумруялъул роцен»

Дагъистаналъул халкъияб собраниялъул сессиялда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагIел байбихьиялъул хIакъалъулъ гьабураб хитIабалда тIаса пикру загьир гьабуна «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас. Гьес ракIалдещвезабуна батIи-батIиял соназда Дагъистаналъул халкъал цадахъ рекъон захIмалъабазба данде къеркьеялъул, хIажалъи ккараб бакIалда улкаялъулго халкъазул цолъиялъул ва гъункиялъул хIакъалъулъ. «Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, 2026 сон...

Новость на родном

ГIабдурашид – CШАялъул лигаялда

Олимпиялъул хIаязул кIицIул чемпион, ГIабдурашид Садулаевас контракт хъван буго ReaI American freestyIe (RAF) абураб спортивияб гIуцIигун. RAF ккола СШАялъул цIакъ ссиялда бугеб эркенаб гугария­лъул гIуцIи. Цере рукIарал спорт рехун тарал ва гьабсагIатги церерахъунел гугарухъабазги жубараб речIчIухъанлъиялъул спортсменазги гIахьаллъи гьабула гьелъул къецазда. Гьесул дебюталъулаб тIоцебесеб цевевахъин букIине буго исана маялда. Мамиашвили пашманлъана, Фетисов разилъана Олимпиялъул хIаязул...

Новость на родном

Мун ЦӀЦIадасайищилан гьикъанила цӀцӀунцӀцӀраялъ…

МагӀарул мацӀалъул битӀунхъваялъул хӀакъалъулъ гӀелмияб бахӀс Пачалихъияб тӀадкъаялда рекъон, республикаялъул мацӀазул гӀалимзаби хӀалтӀулел руго рахьдал мацӀалъул сводалда хиса-басиял гьариялда тӀад. Гьеб къабул гьабиялъул мурадалда гӀуцӀун буго Терминазулгун битӀунхъваялъул республикаялъулаб комиссия. Гьелда гъорлъ руго Дагъистаналъул щибаб миллияб мацӀалъул вакилзаби. МагӀарул мацӀалъул битӀунхъваялъул свод хӀадуриялъул хӀалтӀи тӀадкъан буго РАНалъул ДФИЦалъул МацӀалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул (ИЯЛИ) гӀалимчи,...

Новость на родном

ХIажатазе квербакъила, магIишат тIегьазабила

Гьал къоязда «ХIакъикъаталъухъ» гьоболлъухъ щварав Гумбет районалъул бетIер Гъалип Гъалиповас бицана исана район цебетIеялъе гьабураб хIалтIул ва рехсана тIасияб соналда тIуразе церелъурал масъалабазул хIакъалъулъ. Сахлъи цIуни Исана Гумбет районалъул МелъелтIа, Игьали ва ЧIиркъатIа росабазул больницаби къачIан лъугIулел руго. Гьелъ рес кьола районалъул гIадамазе лъикIаб даражаялъул медицинаялъул кумек щвезе. Гумбет районалъул централияб больница къачIазе биччан букIана...

Новость на родном

Наслабиги цолъизарулаго…

ИчIабилеб декабралда, ВатIаналъул БахIарзазул къоялъ Гъизилюрт шагьаралда рагьана иргадулаб «БахIарчиясул парта». Гьединаб цIаралда гъоркь акция тIобитIулеб буго тIолабго Россиялда. Руго гьединал партаби Дагъистаналъул шагьаразул ва районазул щибаб школалдаги колледжаздаги… ГIемер гIахьаллъула газета­лъул хIалтIухъаби гьеб проекталда рекъон тIоритIулел тадбиразда. Гьаб нухалда диеги рес щвана Гъизилюрт шагьаралъул № 8 школалда гьединаб тадбиралда гIахьаллъизе. ВатIан бокьиялъул кIудияб байрамалде...

Новость на родном

Кинабго бараб буго бакIалъулаб нухмалъиялда

Гьал къоязда МахIачхъалаялъул №57 школалда тIобитIана республикаялъул жамгIиял хIаракатчагIазулги лъидаго рачIел СМИязул журналистазулги дандеруссин. Гьелда гIахьаллъана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумаханов, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляева, МахIачхъалаялъул №1 больницаялъул бетIерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ХIажимурад Маллаев, ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министрасул тIоцеесей заместитель Аида ТIалхIатова. Данделъиялда бицана сахлъи цIуниялдаги лъай кьеялдаги...

Новость на родном

Ополчение чӀаго буго

Исана 25 сон тӀубала Дагъистаналде кIанцIун рукIарал халкъазда гьоркьосел террористазда тӀад бергьенлъи босаралдаса. Доб заманалда ахӀичӀого вачӀарав «гьоболасда» кьварараб дандчӀвай гьабуна нилъер халкъалъ. Щибаб районалда гӀуцӀун букӀана ополчениялъул штаб. Масала, Казбек районалда ополченцазул хӀаракат байбихьана 1992 соналдаго. Гьелъие гӀиллалъун ккана гӀорхъабазда ахӀвал-хӀал хӀалуцараб букӀин. Доб заманалда ополчениялда вукӀана 2016 доброволец. Ополченцазул штабалъе нухмалъи гьабуна ва...