Новость на родном

Цолъиялъул тарихияб байбихьи

  Тарихалда рекъон, Дагъистаналъул ракьалда гIадамаз гIумру гьаби­зе байбихьун буго 150 азарго соналъ цебе. Гьелдаса нахъе батIи-батIиял къавмаздаса гIуцIараб халкъалъ нахъа тана цIар араб, бахIарчияб нух. Экономикияб, культурияб цебетIеялъулъ ккана кIуди-кIудиял хиса-ба­сиял. Берцинаб тIабигIаталъги, ракI рагьарал гIадамазул хасияталъги батила, Жебал Каф (Кафалъул мугIрул) абулеб ракьалде магърибалда­саги машрикъалдасаги гIалимзабазулги гIадатиял гIадамазулги пикру цIалеб букIана. Гьединаб гьитIинаб,...

Новость на родном

Маршал ШугIайпов

Болъихъ районалъул Шодрода росулъа КIудияб ВатIанияб рагъде ун вуго 55 чи. Гьездаса 33-яв абадиялъго кьалул майданал­да хутIана. Бергьенлъи босун тIадруссаразда гьоркьов вукIана АхIмаднаби ШугIайповги.     Дида мунагьал чураяв АхIмаднаби лъикI лъалаан. Болъихъ зонаялда «БагIараб байрахъ» газеталъул хасав мухбирлъун хIалтIулев дун араб гIасруялъул ункъоа­билел соназда гIемер дандчIвалаан А. ШугIайповгун. Гьес гьоболлъиги рагIизабун букIана дида. Щибаб...

Новость на родном

ВатIаналда сан гьабичIеб Рубол жавгьар

Жамиля ДАГИРОВА, искусствоялъул тарихчIужу, Кав­казалъул рагъул заманалда Ф. Рубол творчествоялъул ва гьесул панорамаялъул тарихалъул цIех-рехчIужу.     Исана 1 июналда 130 сон тIубана машгьурав художник Франц Рубоца «Штурм Ахульго» абураб сурат-па­норама бахъаралдаса.   Гьелъул хIакъалъулъ лекциял цIализе байбихьана Дагъистаналъул Миллияб музеялъ Инстаграмалда бу­геб жидерго гьумералдасан ва You-Tube каналалдасан. ТIоцебесеб лекцияги тIобитIана 5 июлалда.     Кида...

Новость на родном

Аралъул хIисаб гьабуни…

ТIоцебе Дагъистаналде исламалъул байрахъ бачIарав чи ккола Сал­ман бину РабигIатил Багьили. Гьев вачIана, ислам тIибитIизабулаго, Дербенталде щвезегIан. Гьелдаса хадуб гIемерлъана гIарабаз Дагъиста­налде гьарулел гъазаватал.   ГIабасилазул халиплъиялъул за­маналда Дербент шагьар лъугьун букIана битIахъе гIелмияб центр­лъун. Гьарун-Рашидил заманалда гьевги вачIун вукIана цо нухалда гьениве, жиндирго лъималгун ца­дахъ. Гьенир гIемерал машгьурал гIалимзабиги рукIана.   Нилъеда лъалев тIоцевесев...

Новость на родном

Дагъистаналъул тарихалда – 300 магIаруласул цIар

Машгьурал гIадамал   Магаева ПатIимат(1949) Магаева ПатIимат – Дагъистаналъул халкъияй артист, ДРя-лъул ва РФялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан.Гьаюна 1949 соналъул 22 июлалда Унсоколо росулъ, магIарул театралъе кьучI лъурав Дагъистаналъул халкъияв артист, РСФСРа-лъул мустахIикъав артист Магаев ГIабдурахIманил хъизамалда.ПатIимат ккола машгьурай кочIохъан. Гьелъ ахIула магIарул халкъиялги гьанжесел поэтазулги кучIдул.Бищунго лъикIазул цояллъун рикIкIуна гьелъ ахIулел Афгъанистаналда хъулухъ гьабуразе сайгъат...

Новость на родном

Дагъистаналъул тарихалда 300 магIаруласул цIар

Сайгидов ГIалихIажи (1948-2020) Сайгидов ГIалихIажи – Россия-лъул мустахIикъав художник, Да-гъистаналъул скульптор, Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул лауреат (2001). Гьавуна 1948 соналда Гъуниб районалъул СалтIа росулъ. 1973 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул М.А. Жамалил цIаралда бугеб художествияб училищеялъул ма-ххуда накъищал гьарулеб отделение. 1976-1982 соназ-да гьев цIалана Ленинградалда И. Е. Репинил цIаралда бугеб живописалъул, скульптураялъул ва архитектураялъул институталда скульптураялъул факультеталда. ГIалихIажица...

Новость на родном

Дагъистаналъул тарихалда 300 магIаруласул цIар

Анцухъа ГIали (1947-1996) Азербайжаналъул Милли-мажлисалъул депутатлъун вукIарав ГIали гьавуна 1947 соналъул 1 июналда Азербайжаналъул Белокан районалъул Магъамалар росулъ.Гьесул эмен ГIабдулкъадир ккола ХХ гIасруялъул 20-абилел соназда ЛъаратIа районалъул Анцухъ росулъа гIумру гьабизе Белокан районалде арав магIарулав.ГIали кколаан хъизамалда бищунго гьитIинавлъун. КIудиял вацал ГIалидибир КIудияб ВатIанияб рагъда тIагIана, Асилдар чIаго вуго, ГIалихан хвана 2009 соналда.Белоканалда ГIабдулкъадирица цоги...

Новость на родном

Дагъистан республикалъун лъазабуралдаса 100 сон

Лъебергоялдаса цIикIкIун соналъ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб, 1860 соналъул 5 апрелалда, Россиялъул пачаясул Кавказалда вукIарав сардарас тасдикъ гьабуна Дагъистан областалда ва Закатала округалда нухмалъи гьабиялъул положение, низам. Областлъунги лъазабун букIана гьеб тарихалда тIоцебе Дагъистаналъул ракь цолъизабураб гIуцIи. Областалъул гIатIилъи бащалъулаан 29,8 азарго квадратияб километралда. Дагъистаналъул ракьалда рукIарал ханлъабиги цогидал политикиял гIуцIабиги хвезарун, Дагъистаналъул бетIерлъун...

Новость на родном

ТIубараб гIасру ана долдаса нахъе

Исана 100 сон тIубала РСФСРалда гьоркьоб Дагъистаналъ жибго жиндаго чIараб республика хIисабалда автономия лъазабуралдаса. Расул ХIамзатовас абулаан Дагъистаналъул гIемерисеб тарих хвалчабаз хъвараб бугилан. Жалго жидедаго чIарал шагьарал ракки, хадуб Кавказалъулаб Албания абураб пачалихъ гIуцIи, сасанидал, гуннал, гIарабал, туркал-сельджукал, монголал, иранал рачIин… дагьал рукIинчIо гьелъул гIумруялъулъ политикиял ва экономикиял хиса-свериял.Республикаялъ ракълилаб гIумру гIуцIиялде лъурал галабазул цояб...

Новость на родном

Сагьада росу: тарихалъул цо-цо тIанчал

  Сагьада ккола ЦIунтIа районалъул бищун ахада, ЦIумада районалда гIагарлъухъ битIахъе Микьуда ва Тушетиялдасан бачIунеб кIиго гIор ГIанди гIурулъе жубалеб бакIалда тIадехун бугеб росу.   МухIканго чIезабизе кIоларо росдае тIоцебе кьучI лъураб заман. Амма чIванкъотIун лъалеб жо буго, гьижрияб тарихалда цебе гьениб гIадамаз гIумру гьабулеб букIараблъи. Гьелъие нугIлъи гьабула ракьулъ ратулел насраниязул диналъе хIажалъулел гIемерал...