Жамиля ДАГИРОВА,
искусствоялъул тарихчIужу, Кавказалъул рагъул заманалда Ф. Рубол творчествоялъул ва гьесул панорамаялъул тарихалъул цIех-рехчIужу.
Исана 1 июналда 130 сон тIубана машгьурав художник Франц Рубоца «Штурм Ахульго» абураб сурат-панорама бахъаралдаса.
Гьелъул хIакъалъулъ лекциял цIализе байбихьана Дагъистаналъул Миллияб музеялъ Инстаграмалда бугеб жидерго гьумералдасан ва You-Tube каналалдасан. ТIоцебесеб лекцияги тIобитIана 5 июлалда.
Кида бахъараб суратдай гьеб букIараб? Кинаб къисмат гьелъул ккараб? Гьединал суалал гIемер рижула Рубол гьеб сураталъухъ балагьидал.
ГIурусазул би чорхолъ бугев парангав Франц Рубоца (1856-1928) 1890 соналъул май моцIалда Мюнхеналда, гьалмагъзабазда ва кумекчагIазда цадахъ рагIалде бахъинабураб хIалтIи ккола «Штурм аула Ахульго» абураб сурат. Гьелъул борхалъи буго 12 метр, халалъи — 120 метр.
Гьениб бихьизабун буго Кавказалъул рагъул бищунго захIматаб мех – гIурус пачаясул аскаралъ 80 къоялъ сверун ккун букIараб АхIулгохIде гьабураб тIаде кIанцIи. Гьелде щвезегIанги Кавказалда хурхараб микьго кIудияб сурат бахъун букIана Рубоца.
Гьеб магIнаялда рахъарал суратазда гьоркьоб бищунго щвалде щвараблъун авторасги гьесул махщелцоязги рикIкIунаан «Взятие Ахульго 22 августа 1839 года» абураб сурат. Гьеб бахъун букIана 1888 соналда.
Доб заманалда панорамаби рахъи модаялда букIана Европаялда, хасго Германиялдагун Франциялда. Гьелъги тIаса бищун батила Рубоца панорама бахъиялъул къагIида.
Гьединал панорамабазда рихьизарулел рукIана тарихиял, культуриял хIужаби, тIабигIат ва цогидабги.
Мюнхеналда цIакъ машгьурав чи вукIана Рубо. Гьединлъидал, панорама бахъизе хIажатаб ххамги, релъеналги, кумекалъе рачарал художниказе кьезе гIарацги хехго батунги буго гьесда.
Гьес сурат бахъулелъул жиндирго пикру загьир гьабун буго Мюнхеналдаса банкирал Шойер ва Макс Шмедереразе. Гьеб киналъего хIажалъулаан 35000 гъурущ. Гьелда гьоркьоса 15000 гъурущ гьесие кьун буго банкираз. ХутIараб къарзалъ босула. Абула немцазе кутакалда интерес букIанин гьеб сураталъулилан.
Тифлисалда биччалеб «Кавказ» газеталда, 1889 соналъул 2 августалда, гьадин хъван буго:
«Мюнхеналдаса цо предпринимателас квербакъизе буго кутакалда кIудияб панорама бахъиялъе. Гьелъие сюжетги босулеб буго Кавказалъул рагъулабгун тарихияб музеялъе Рубоца бахъараб «Штурм Ахульго» абураб сураталдаса.
Рагъ ккараб бакIги бихьизе, доб сураталда гъорлъе росичIого хутIарал гIиси—бикъинал хIужабиги хIисабалде росизе художниказ Кавказалде сапар бухьана ва Дагъистаналде, рагъ букIараб бакIалде, ана», -ян.
Панорама бахъана щуго моцIида жаниб. 1890-1892 соназда гьеб бихьизабуна Мюнхеналдагун Парижалда.
Гьебги босун Европаялъул цогидаб шагьаразде айин абулеб букIун буго Рубода ишцояз. Амма гьесие бокьула панорама Россиялда бихьизабизе. Гьедин, 1896 соналда регент Луитпольд Баварскиясул квербакъиялдалъун, панорама кIвана Нижний Новгородалда, ТIолгороссиялъул художествиябгун промышленнияб ярмаркалда бихьизабизе. Гьелъухъ балагьизе вачIун вукIана император НикIалай КIиабилевги.
КватIичIого панорама босана Россиялъ ва Кавказалъул рагъулаб округалъухъе кьуна.
1897 соналда гьеб босана Тифлисалде. Гьениб букIараб Реццалъул КIалгIаялда аскIоб гьелъие хасаб павильон базе кколаан. Амма гьеб бачIо ва гуризеги гурун панорама музеялъул подвалалъуб бегун тана 1909 соналде щвезегIан.
Живго тIад хIалтIараб сураталъул къисматги бихьун, Рубоца хIалбихьула гьеб гIадамазда бихьизабизелъун къватIибе бахъизе. Гьес къотIи гьабула Севастополалъул нухмалъиялъулгун. Гьениса Петербургалде, императорасда бихьизеян, босула гьесул «Оборона Севастополя» абураб цогидаб панорама. Хадуб Рубоца къотIи гьабула Санкт-Петербургалде гьеб цояб панорама босиялъеги. Марсово поле абураб бакIалда гьелъие павильонги бана, 1911 соналъул ахиралдаса байбихьун гIадамазда бихьизабулебги букIана гьеб.
Дагъистаналъул Изобразительнияб искусствоялъул музеялъул директор ПатIимат ХIамзатовалъулги хIалтIухъабазулги кумекалдалъун, хIалицаго къачIазе кIвараб гьеб панорамаялъул лъабго фрагмент бихьизабуна халкъалда гIицIго 1991 соналда. Гьелдаса нахъе лъабабго фрагмент жакъалъагIанги музеялдаги буго.
Гьелде щвезегIан щибха ккараб?
Революциялдаса хадуб, 1922 соналда, панорама Петербургалда, Павловасул казармаялъул рагьтIе рехун тун батана, гьебгиха -бакI-бакIалдасаги тIутIун. Гьеб мехалда артиллериялъул музеялдеги кьун, гьелъул хIалтIухъабаз гIезегIан берцинго бацIцIадги гьабун, гуризеги гурун, музеялъул гьороб лъуна.
1924 соналда зарал ккана гьелъие лъим кIанцIиялъул хIасилалда. Хадуб музеялъул хIалтIухъабаз бакъвазе бана гьеб ва лъагIалидасан кIалъан рачIана гьелъул бицун Дагъистаналде. Гьелъул хIасилалда, 1928 соналда, Рубол панорама республикаялъул Краеведазул музеялде битIунги бачIана.
Лъай кьеялъул нарком ГIалибег Тахо-Годиги музеялъул директор Дмитрий Павловги кигIан къеркьаниги, панорама хвасар гьабизе кIвечIо.
1934 соналда художник Н. Христенкол нухмалъиялда гъоркь Москваялдаса бачIараб комиссиялъ хIукму гьабуна, «техникиял хIажалъабазе гIоло чанго фрагментги къотIун, гьеб сурат утилалде кьезе». Гьедин гьеб лъабабго кесек (30,6 кв.м.) музеялъул бищун рикIкIад бугеб бокIнилъе рехун тана.
1960 соналъул байбихьуда республикаялда рагьана Изобразительниял искусствабазул музей. Гьелъул директорлъунги тIамуна ПатIимат ХIамзатова. Панорамаялъе хIукму къотIулеб мехалда цере рукIарал музеялъул хIалтIухъаби чIаго рукIаниги, гIицIго Аскар-Сарыджа абулев художникас гурони бицун гьечIо директоралда нахъе къотIун лъурал фрагментазул хIакъалъулъ. Пат1иматица байбихьана гьелъул цIех-рех гьабизе ва 1970 соналда лъана гьел лъураб бакI. Гьороре рехун ратарал фрагментал «сах гьаризейин» абуни къваригIана 20 сон.
1929 соналда музеялъул директорлъун вукIарав Д. Павловас, панорамаялъухъ хал гьабулаго, хIукму гьабун буго гьеб хвасар гьабизе кколин ва бихьизабизе цебе лъезеги бегьулин абун. Амма кIун гьечIо яги бокьун батич1ого букIинеги рес буго.
1932 соналда профессор Городецкияс лъазабун буго нилъер заманалде данде кколареб идеология бугин Рубол, гьединлъидал, панорамаялъе реставрация гьабиялъул биценго букIинеги кколарин.