Тушманасда дандечIей гьабизе АхIулгохIги щула гьабулаго, Шамил имамас мажгитги бана гьениб. Гьеб бана ракьалда гъоркь, жанибе кIиго бакIалдасан балъгоял нухалги гьарун. Мажгиталде как базе гурелги, хIинкъи ккарабго, тушман гIагарлъулаго гуллидаса цIунун ва гIазу-цIад балаго гьелдаса рахчизе ракIарулаан. Гьеб букIана гIезегIан кIудияб рукъ. Амма гьелъул къисмат рагъухъанасулалда релълъараб ккана. АхIулгохIда рагъал халат рахъараб...

