Тарихалда рекъон, Дагъистаналъул ракьалда гIадамаз гIумру гьабизе байбихьун буго 150 азарго соналъ цебе. Гьелдаса нахъе батIи-батIиял къавмаздаса гIуцIараб халкъалъ нахъа тана цIар араб, бахIарчияб нух. Экономикияб, культурияб цебетIеялъулъ ккана кIуди-кIудиял хиса-басиял. Берцинаб тIабигIаталъги, ракI рагьарал гIадамазул хасияталъги батила, Жебал Каф (Кафалъул мугIрул) абулеб ракьалде магърибалдасаги машрикъалдасаги гIалимзабазулги гIадатиял гIадамазулги пикру цIалеб букIана. Гьединаб гьитIинаб, амма гIемерал миллатазул гIадамаз гIумру гьабулеб ралъдал рагIалда бугеб нилъер ватIан киназего бокьулаан жидераблъунго букIине. Расул ХIамзатовас гьелъул бицунаго, «Дир Дагъистан» тIехьалда хъвана: «Дагъистаналъул доб заманалъул тарих цIалун хадуб дир инсуца абуна гьеб бугила гьекъолдухъабаз столалда нахъа цоцахъе кьолеб лълъарилан».
Гьединаб кверщел гьабиялъул мурад букIана 1741 соналъул 12 сентябралда Дагъистаналде 100 азарго чиясдаса гIуцIараб аскаргун тIаде кIанцIарав Ираналъул Надир-шагьасулги. Кинаб хIасил гьеб рагъул ккарабали лъаларев чи Дагъистаналда ватиларо. Шагь, гъурараб аскарги тун, тIурун ворчIана. Гьелдаса нахъе кIигогун бащдаб гIасру ун хадуб ХицIиб абулеб бакIалда гIуцIун буго гьеб рагъул хIакъикъат бицунеб, Россиялдаго цохIо бугеб музейги. Жакъаги магIарухъ абулеб рагIула «Надир-шагь гIадаллъун ватани, дагъистаниялгун рагъде виччай» — илан абураб кици. Гьеб рагъулъ якъинго бихьана нилъер халкъал тушманасде данде, миллат батIа гьабичIого, рухIалда барахщичIого, къеркьолел рукIараб куц.
Дагъистаналъул халкъазул III съезд – цолъи щула гьабиялъе аслу
Гьеб лъугьа-бахъин ккана 2010 соналъул 15 декабралда тIобитIараб Дагъистаналъул халкъазул III съездалда республикаялъул халкъазул гьудуллъиялъул къолъун 15 сентябрь чIезабиялъе гIиллалъунги. Гьеб букIана ХХI гIасруялъул байбихьуда нилъер халкъал цоцалъ разаризе бокьарал цо-цо мунапикъзаби раккараб заман. ХIажат букIана миллатазда гьоркьоб цолъи щула гьабизе. Гьеб пикруги загьир гьабун кагътал рачIунел рукIана республикаялъул нухмалъулезухъеги. РакIалда буго, гьединаб хитIаб букIана Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул, Миллияб политикаялъул министерствоялъул ва гьединго Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул нухмалъулезул. Гьелдаса хадуб, тIадехун рехсохъе, съездалъул халгьабиялде босараб гьеб суалалда тIасан хIукму къотIана Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул къолъун чIезабизе 15 сентябрь.
2011 соналдаса байбихьун, щибаб соналда гьеб къо кIодоги гьабула республикаялъул росабалъ ва шагьаразда.
Гьеб къоялъул магIна буго Дагъистаналъул халкъазул цоцадехун бугеб божилъи щула гьаби, гьел цолъизари, гIицIго гьелъул кьучIалда гурони республикаялъул экономикияб ва социалияб цебетIей букIунарилан абураб.
Дагъистаналъул халкъазул миллияб цолъи цебе тIуна батIи-батIиял геополитикиял ва экономикиял шартIазда, гьез цогояб, гIемер кIудияб гуреб ракьалда цадахъаб гIумру гьабулаго. Гьединлъидал жакъа нилъер рес буго нилъер халкъазул тIолгодагъистаналъулаб цоцазда релълъен ва бичIчIи буголъи загьир гьабизе. Гьелъул кьучIалда бижула тIолгороссиялъулаб цогогIадаб гъорлъ роси, мацIал, адабият ва маданият цIуни. Гьелда жаниб кумекалъе батулеб аслияб жо ккола нилъер гIумрудулал ва миллиял мурадал данде ккей.
Гьединлъидал республикаялда нухмалъулезги хIаракат бахъула цо миллаталъул хасал мурадал, масъалаби цогидал миллатазе заралги ккезабун гIумруялде рахъинарунгутIизе. Гьелде тIадеги, цадахъаб цебетIеялъулъ киналго республикаялъул миллатал цолъана цогояб, жидер хадусеб журарал ригьнал гьари тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIиналъ ва гьединго цогоял экономикаялъул ва политикаялъул шартIал ругеб гIумру гьабиялъ.
БичIчIи буголъи
Гьединаб политикаялъ халкъал рачуна цоцазе кумек гьабиялде. Масала, Новолак районалъул росаби цо пуланаб гIиллаялдалъун цогидаб ракьалде гочинаризе ккараб мехалъ, лъарагIаз, Дагъистаналъул халкъиял депутутазул III съездалъул хIукмуялдалъун 1991 соналда гьезие гьанжесеб Хъумторхъала районалъул ракьазул рахъалдасан кумек гьабуна. Гьеб ккола халкъазда гьоркьоб цоцада ричIчIи букIиналъул хIасил. Гьединал мисалалги рукIаго, жакъа республикаялъул районазул цо-цо росабазда гьоркьоб гьитIинаб ракьул кесек, лъел ицц сабаблъун кколел дагIба-рагIиял къотIизаризе МахIачхъалаялдаса хIакимзабиги ахIун, тушманлъиялде иш ккезабизе бегьиладай нилъеца?
Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул суалалде гIелмияб кIвар бусинабурав машгьурав гIалимчи, профессор, мунагьал чураяв Р.М. МухIамадовас хъвана: «Дагъистаналъул халкъазул тарих цоцалъ жубан буго бокьараб цо миллат букIиналъе шартIлъун киналниги цогидал миллатал чара гьечIого рукIине ккеялъул даражаялде щвезегIан», — ян.
Цо чанго соналъ цебе гIуцIараб Россиялъул президентасул «Россиялъул миллатазул цолъи щула гьабиялъе гIоло» премия нилъер ракьцояв М. МухIамадовасе кьейги буго нилъер халкъазул цолъиялъул мисал.
ПалхIасил, нилъер республикаялда халкъазул цолъиялъе сунца кумек гьабулебилан абураб суалалъе жаваблъун гьабизе бегьула:
- Цониги миллаталда битIахъегояб бухьен гьечIеб, киналго халкъал цолъизарулеб Дагъистан абураб цIар букIиналъ.
- Киналниги халкъазул вакилзабаз Дагъистан цогояб, жубараб гIуцIи хIисабалда къабул гьабулеб букIиналъ.
- Республикаялда ругел батIи- батIиял диназда гьоркьоб гъваридаб цоцазда ричIчIи лъугьиналъ.
- Халкъазда гьоркьоб хIалтIулеб, киназулго мурадал тIубалеб цо мацI букIиналъ.
- Россиялъул Федерациялде гъорлъ киналго журан ратиялъ.
- Киналниги халкъазул лъай, тарбия кьеялъул иш цогояб букIиналъ.
- Халкъазул гIадатал, хьвада- чIвади релълъараб букIиналъ.
- Миллатазда гьоркьор журарал ригьнал рукIиналъ.