Сайгидов ГIалихIажи
(1948-2020)
Сайгидов ГIалихIажи – Россия-лъул мустахIикъав художник, Да-гъистаналъул скульптор, Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул лауреат (2001).
Гьавуна 1948 соналда Гъуниб районалъул СалтIа росулъ. 1973 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул М.А. Жамалил цIаралда бугеб художествияб училищеялъул ма-ххуда накъищал гьарулеб отделение. 1976-1982 соназ-да гьев цIалана Ленинградалда
И. Е. Репинил цIаралда бугеб живописалъул, скульптураялъул ва архитектураялъул институталда скульптураялъул факультеталда. ГIалихIажица лъугIизабуна Репинил цIаралда бугеб художествияб академияги.
1982 соналда гьев восана СССРалъул Художниказул союзалъул членлъун. 1980-1990 соназда хIалтIана имам Шамилие чода рекIун гьабураб си гIадал (Генуб лъун бугеб) тарихияб кIвар бугел монументалиял хIалтIабазда тIад. Гьенибго ГI. Сайгидовас гьабуна имамасул аллеяги.
1992 соналда гьесие СалтIа росулъ лъабго рагъул гIахьалчагIазе бараб мемориалияб комплекс баралъухъ кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъав художник» абураб цIар.
ГI. Сайгидов вукIана республикая-лъул бищунго машгьурал скульпторазул цояв. Гьесул лъикIал хIалтIабазда гьоркьор рехсезе бегьула Йирчи Хъазахъие ва генерал-полковник МухIамад Танкаевасе гьарурал памятникал.
ГIабашилов МухIамадхIажи
(1950-2008)
ГIабашилов МухIамадхIажи – Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул лауреат, политикиявгун жамгIияв хIаракатчи.
Гьавуна 1950 соналъул 17 декаб-ралда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ.
МухIамадхIажица лъугIизабуна ДГУялъул къватIисел пачалихъазул мацIазул факультет ва, армиялдеги ун, тIубазабуна тIадаб налъи.
ЗахIматалъулаб биография байбихьана 1975 соналда, комсомолалъул идарабазда хIалтIулаго. МухIамадхIажи́ вукIана политехникияб техникумалъул комсомолалъул комитеталъул секретарь. 1980 соналда вищана комсомолалъул Дагъистан обкомалъул секретарьлъун.
1990 соналда М. ГIабашилов тIамуна «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул бетIерав редакторлъун. Цадахъго бачунеб букIана обкома-лъул секретарасул хIалтIиги.
1999 соналъул марталда машгьурав журналист вищана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун.
2006 соналъул маялда тIамуна Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватIисел бухьеназул министрасул заместительлъун.
2007 соналъул январалда МухIамадхIажи вачIана «Дагъистан» республикаялъул телевидениялъул ва радиоялъул компаниялъул нухмалъулевлъун.
2008 соналъул 21 марталда, гьабураб терракталъул хIасилалда, М. ГIабашилов чIвана.
Гьес журналист, хъвадарухъан
хIисабалда къватIире риччана «Караван», «Экспансия», «Позиция», «Альтернатива», «Рубежи», «ГIумрудул мухъ» абурал тIахьал.
ВатIаналъе ва халкъалъе гьабураб ракIбацIцIадаб хъулухъалъе гIоло мустахIикълъана «Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIаралъе, студентазул бакIал ралезул отрядалда хIалтIун — «БахIарчияб захIматалъе гIоло» медалалъе.
Инсанасул гражданлъиялъулаб борч ракIбацIцIадго тIубазабиялъе ва бихьизабураб бихьинчилъиялъе гIоло гьесие Россиялъул президент Д. Медведевасул указалда рекъон, хун хадуб кьуна «Бихьинчилъия-лъул» орденги.
Гьесул цIар кьун буго республикаялъул цо школалъе ва МахIачхъалаялъул къватIалъе.
ГIамирханов Хизри
(1949)
ГIамирханов Хизри – советияв ва Россиялъул археолог, гIалимчи, Россиялъул ГIелмабазул академиялъул академик.
Гьавуна Болъихъ районалъул ГIанди росулъ.
1972 соналда Болъихъ районалъул Муни росдал школалда тарихалъул дарсал кьолев учителасул хъулухъалдаса байбихьана Хизрил захIматалъулаб биография.
Аспирантураялъул хIадурлъи, хIалбихьи гьесул ана СССРалъул гIелмабазул академиялъул Ленинградалъул археологиялъул институталда. 1977 соналдаса гьев хIалтIизе байбихьана гIелмабазул академиялъул археологиялъул институталда. 1977 соналда цIунана тарихиял гIелмабазул кандидатасул диссертация. 1989 соналдайин абуни – гIелмабазул докторасул диссертацияги. 1999 соналда гьесие кьуна профессорасул цIар.
2002 соналда Х. ГIамирханов вищана Германиялъул археологияб институталъул член-корреспондентлъун, 2003 соналдайин абуни – Россиялъул гIелмабазул академиялъул член-корреспондентлъун.
2009 соналда Х. ГIамирханов вищана Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмабазул централъул президиумалъул председательлъун ва тарихалъул, археологиялъул ва цадахъго этнографиялъул институталъул директорлъунги.
Гьев ккола протоисториказул Халкъазда гьоркьосеб союзалъул тIасияб палеолиталъул комиссиялъул член, археологиялъул институталъул гIелмияб ва диссертациялъулаб советазул членги ва гьединго «Россиялъул археология», «Евразиялъул археология, этнография ва антропология», «Восток», «Тарихалъул, филологиялъул ва искусствознаниялъул» ва гIемерал цогидалги журналазул редколлегиязул членги.
Х. ГIамирханов мустахIикълъана ДРялъул гIелмабазул мустахIикъав хIаракатчиясул (1999) цIаралъе, «Москваялъе 850 сон» медалалъе.
2000 соналда гьесие кьуна «Москва областалъул Зарайск шагьара-лъул хIурматияв гражданин» абураб цIарги.
Ахалов СалихI
(1949)
Ахалов СалихI – Дагъистаналъул халкъияв художник, Россиялъул Художниказул союзалъул член, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул доцент.
Гьавуна ЛъаратIа районалъул ЧIадаколоб росулъ 1949 соналъул 20 августалда.
1956-1964 соназда цIалана Хунзахъ районалъул ГIараниб школа-интернаталда.
ЛъугIизабуна Дагъистаналъул Жамалил цIаралда бугеб художествияб училище ва вачIана гIагараб росдал школалде сурат бахъиялъул ва черчениялъул дарсал кьезе.
1970-1972 соназда хъулухъ гьабуна Советияб Армиялда ва тIад вуссун хадубги школалда дарсал кьезе лъугьана. 1975 соналда СалихI хIалтIизе лъугьана Ленинградалда бугеб СССРалъул Финансазул министерствоялъул ВОХРалъул отрядалде.
1980 соналда цIализе лъугьана Ленинградалъул Н. Е. Репинил цIаралда бугеб живописалъул, скульптураялъул ва архитектурая-лъул художествияб институталде. 1986 соналда, гьебги лъугIизабун,
С. Ахалов хIалтIизе витIана СССРалъул Художниказул союза-лъул Дагъистаналъул отделениялде ва гьенив хIалтIана 1992 соналде щвезегIан.
1992 соналда гьев вищана Да-гъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул ху-
дожествиябгун графикияб фа-
культеталъул кафедраялъул заведующийлъун. 2004 соналдаса накъе СалихI ккола Россиялъул Художниказул союзалъул членги.
С. Ахаловасе 2010 соналда кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъав художник», 2016 соналдайин абуни «Дагъистаналъул халкъияв художник» абурал цIарал.
2015-2016 соназда гьес нухмалъи-гун жигараб гIахьаллъи гьабуна культуриябгун тарихалъул комплексалъул «АхIул гохI цIуни» абураб панорама гьабиялъулъ.
(Хадусеб букIине буго)