Новость на родном

Пикрабазул карачел

Пенсиязул реформа: дагIба-рагIи, бахIсал ва пикраби   Пенсиялъул реформа гьабизе бугин бицаралдаса нахъе лъугIулел гьечIо бахIсал. Абулеб буго, 63 сон бараб мехалда ихтияр кьезе бугин руччабазе пенсиялде ине ва бихьиназе – 65 сон бараб мехалда. Гьедин гьабиялъе гIиллалъун рехсолеб буго кватIичIого хIалтIулелги пенсиялде аралги россиялъулазул къадар бащалъизехъин букIин. Гьебмехалда пенсионеразе щибаб моцIалъ кьолеб пенсиялъул роцен...

Новость на родном

Лъани, зарал гьечIо

Дагъистаналъул тарихалда июль моцI Конституциялъулаб собраниялъ Дагъистаналъул цIияб Конституция къабул гьабуна гьаб моцIалъ 1614 соналъул 21 июлалда гIурусазул пача Михаил Федоровичас лъарагIазул гиназ Герее кьуна гIурусазул къайимлъиялде восиялъул Грамота.1631 соналъул 29 июлалда Хайдакъалъул уцмий Рустам-ханас гIурусазул пача Михаил Федоровичасде гIурусазул къайимлъиялде восеян хитIаб гьабуна.1720 соналъул 26 июлалда гIурус пачаяс гиназ Чопан-шамхалие гIурусазул къайимлъиялде восиялъул Грамота кьуна.1722...

Новость на родном

Улкаялъул бечелъи

Мина базе бакIгIаги кьолебани… Гьонодаса Нурудиновазул хъизамалда буго 10 лъимер ГъветI кьалбаз ккола. Амма гьеб берцинлъизеги, кIудияб гIезеги, гьелда тIад пихъ базеги ккани, хIажалъула гьелда хадуб гьабулеб хъулухъ. Гъуниб районалъул Гьонода росулъ гIумру гьабун бугеб Нурудиновазул хъизамалъул «гъветIин» абуни буго цIакъго берцинаб ва тIад гIемераб пихъ бараб. Гьезул хъизамалда буго цоцазул адаб-хIурмат гьабулеб, мадугьаллъиялъе кумекалъе...

Новость на родном

ТIабигIат ва инсан

Пайда босичIого тараб бечелъи   МагIарухъ гIезегIан руго даруялги минералиялги иццал Кавказалда цониги гьечIо Дагъистан гIадинаб гьава-бакъги рекъараб, чIахI-хералдалъунги рухIчIаголъабаздалъунги гьарзаяб, бечедаб ва беричаб тIабигIаталъул бакI. Субтропиказдаса байбихьун, даим гIаздаца рацарал цIорол мугIрузде щвезегIан тIабигIаталъул хаслъаби, устарас накъиш угьун гIуцIарал гIадал мугIрул-щобал, гIедерал лъаралгин гIорал, рикIкIен гIемерал хIорал — сахаватго кьун руго БетIергьанас Дагъистаналъул ракьалъе....

Новость на родном

ГIакълабазул гъамас

ТалихIалъул кIул   Метерисеб талихI балагьи гIададисеб хIалтIи буго ЦIалуда, хIалтIуда, рокъоб, къватIиб ва цогидалги бакIазда бокьарав чияс, гIилла букIа-букIунге, рекIелъ рекъолареб рагIиги абун, къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тIехьалъул автор аль-Къарница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракI бекизе биччагейила ва дуда лъайила гьес абураб рагIиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабураблъи. Гьеб тIехьалдаса босун цо-цо бутIаби...

Новость на родном

МацIалъул устаралъ нусго сон балаан исана…

Тираж дагьаб букIиналъ ракI пашманлъизабула   Гьал къоязда къватIибе бачIана «Г. И. Мадиевалъул 100 сон» абураб тIехь. РакIалде ккола, гьеб гьанже бачIинги гIадада батиларин, щайгурелъул рахьдал мацIаздехун нилъер республикаялъул жамгIияталъул пикру хисулеб бугелъул. МацIазул кIвар, гIолеб гIелалъе гьезул хIажалъи, миллияб тарих лъазе ккани, гьел гьечIого гIолареблъи гьанжего гьанже бичIчIулеб бугин ккола нилъер гIадамаздаги. Мунагьал чураяй...

Новость на родном

Бищунго, бищунго, бищунго…

4 000 000 долларалъул багьаяб номер   Бищун багьаяб реклама Духи Chanel N. 5 рикIкIуна дунялалда бищунго машгьураб махI бугеблъун. Гьелда рекъараб къваригIинарищха рекламаги. Гьединлъидал гьелъул хIакъалъулъ ункъо минуталъ бахъараб рекламаялъулаб фильм бищун хираго чIараблъунги рикIкIуна. Гьеб бахана 44 миллион долларалде, ай клипалъул щибаб минуталъул багьа бащалъана 11 миллион долларалда. Духиялъе реклама гьабурай актриса Николь...

Новость на родном

Аралда таманча речIчIани…

Алхасовасул музей Арал гIасрабазде рагьараб нуцIа даниятги, хисулеб буго гIадат-гIамалги. Гьединлъидал некIо хIалтIизабулеб букIараб ва жакъа нилъеда кIочараб къайи-къоно музеялдагIаги цIуни ккола росдал тарих, умумузул рукIа-рахъин кIочене биччангутIиялъе гьабулеб хIалтIи. Гьеб мурадалда ГьентIа росулъги гIуцIун буго музей. Гьеб иш гьабурав чиги ккола гIемерал соназ школалда тарихалъул учительлъун хIалтIарав МухIамад Алхасовасул хIаракат. Музей гьабизе санагIатаб бакI...

Новость на родном

АхIмад ЦIурмилов гьавуралдаса 110 сон тIубаялде

Кьабулеб цIумур, кенчIолел цIваби… Гьев вукIана лъималазда гьоркьов лъимерлъун, гIолилазда гьоркьов гIолилавлъун, херазда гьоркьов херавлъун 19 июналда Гъуниб районалъул культураялъул кIалгIаялъуб (КДЦ) тIобитIана халкъияв композитор, «Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи», пачалихъалъул гIемерал шапакъатазул кавалер, Щуланиса АхIмад ЦIурмиловас 110 сон тIубай кIодо гьабиялъул хIурматалда гIуцIараб тадбир. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Гъуниб райадминистрациялъул хIалтIухъабаз, росабазул вакилзабаз, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул...

Новость на родном

ЕГЭ-2018

Лъимал хIинкъизарулеб «хIапуч»   Экзаменал халатрахъине руго кIиабилеб июлалде щвезегIан Лъимал хIинкъизарулеб «хIапуч»Экзаменал халатрахъине руго кIиабилеб июлалде щвезегIан Дагъистаналда гIурус мацIалъул ЕГЭ кьуна 12 азаралда 668 выпускникас. Исана ЕГЭ тIобитIулеб куцалъухъ халгьабизе республикаялде вачIун вуго Москваялдаса 120 чи. Гьел гьанире рачIиналъул мурадги буго нилъер лъималаз экзаменал ракIбацIцIадго кьолел ругищали халгьаби. БитIараб буго. Экзаменал тIоритIизе ккола...