Гьайбатаб гIумруялъул завалалда

КунчIараб къисматалъул гъанситохъ…

 

МухIамад Ибрагьимович МухIамадов. ЛъикIав гьалмагъ. МагIарул мацIалда тIад хIалтIулев гIалимчи. Жеги гIемер лъикIалги тIокIалги рагIабазе мустахIикъав вуго МухIамад. Исана гьев гьавуралдаса тIубала 60 сон. Киналго курсцоязул рахъалдасан баркула МухIамадида гьайбатаб ва бацIцIадаб гIумруялъул завал. Гьарула гьесие дагьалги тIадегIанал гIелмиял рорха-лъаби мукIур гьаризе жанги, жигарги, хъизамалъул гъасда бакараб цIадуе гвангъиги, гвангъарал къасдазе рогьалил гьогьенги, гьуридал гIедерлъиги, гIумруялъул нухазда дандчIвалел гIазу-цIерги бураналги секьизаризе къуват бугеб сабруги, сабруялда нур базабулеб гIакълуги, гIакълуялдаги тIегь базабулеб гIадлуги. Амма лъала гьеб кинабго эбелалъул рахьдада цадахъ гьесул бидулъ бессун бугеблъиги. МухIамадил хIеренаб, гIадан вичIчIулеб, гьесие кумекалъе кидаго хIадураб, цогиясда, хIатта жиндехунго рагьун яги балъго рокьукълъи загьир гьабулездагицин, унтулеб рагIи абизе гьукъараб гIамал-хасияталъ чанги квалквалги гьабулеб батила гьесие.
БукIаниги, МухIамад нижее, курсцоял гьалмагъзабазе, даим хутIизе вуго гIадатлъиялъулги, гIаданлъиялъулги, тIадегIанлъиялъулги кIудияб мисаллъун.

РакIалдещвеязул щенон балеб цIад

Бокьун буго гIумруялъул тIохьол тIанчал цо лахIзаталъ нахъехун регизе…
Долдаса нахъе ана 35 сон, тIоцебе МухIамадилгун лъай-хъвай ккаралдаса. Гьеб букIана 1978 соналъул хасалил сессиялъул заман. Дунги Хунзахъа Нуцалайги, экзамен кьезе ине ирга щвезегIан, кабинеталъул кIалтIа эхетун рукIана. Гьеб параялъ нижеде аскIове вачIана цо студент ва магIарул мацIалда кIалъана. Гьес бицана нижее живги филфакалда цIалулев вукIанила, гьале гьанжеги нижер курсалде вачIанилан.
Дунги Нуцалайги цоцазухъ ралагьана, ва, гьев нахъе индал, цадахъ гIадин абуна, гьав цо «двоечник» цощина ни-лъер группаялдецин вачIинадайилан. Нижер тIоцебесеб группаялда къоло щуго чиясда гьоркьов цониги вукIинчIо «3» къиматалда цIалулев студент. Киналго рукIана «отличникал» ва «хорошистал». Нижедайин абуни, ккун букIана МухIамад, гъоркьги хутIун вукIун, цIидасанги цIализе восарав чийилан. Бихьулищха, гьес лъабго курс лъугIизабун букIун буго гIицIго «5» къиматалда. Цинги лъикIаблъун бихьун буго армиялда хъулухъ гьаби. Гьес хъулухъ гьабуна Чехословакиялда. ВатIаналда цебе тIадаб налъиги тIубан, МухIамад тIадвуссана институталде. Гьесул хIакъалъулъ нижерго рукIарал тIоцересел пикраби ракIалдещведал, гьанжеги релъанхъула дунги Нуцалайги.
Экзаменазде хIадурлъулагоги, МухIамадица цIаларал гIолаан тIахьалги. Цинги, цо рокъореги данделъун, гьес бицунаан нижее нижехъа цIаличIого хутIарал тIахьазул хIасил. Щиб захIмалъи-квекIен цIалулъ кканиги, ниж гьесухъе унаан.
Цинги — щуабилеб курс. Хунзахъ районалъул ГIарани гьоркьохъеб школалда ахирисеб практика. Гьениреги цадахъ ккана ниж. Гьеб букIана цIакъго талихIаб заман — гIанчIаб гIолиллъиялъул карачелабалъ чвердолел нижгун сапаралда букIана магIарул кечI-бакъанги. Гьединго нижгун цадахъ рукIана гьанже магIарулазда кочIохъан хIисабалда лъалев Хьаргаби районалъул КIикIуниса Мадани Ибрагьимов ва СайхIат ХIажимухIамадова, Бо-лъихъ районалдаса Агъларов АхIмад, Хунзахъ районалъул БакьайчIиса ГIарапат Гьудова, Гъуниб районалъул Сугъралъа ПатIина Абакарова, Хунзахъа Нуцалайги. Хунзахъ тIалъиялда бараб кIиябго моцIалъ (сентябрь-октябрь) нижер гьудуллъи дагьабги щула гьабуна. Ва гьеб тIалъиялъул ЦIобокь чвахиялъул рагIалда нижеца гьа бана гьудуллъиялъул ицц къине теларилан.
35 соналъ, беролаго, дандчIварал захIмалъабиги гIанлъулаго, чвахулеб буго нижер гьудуллъиялъул гIащикъаб, гIолохъанлъиялъул анищазул цIураб, роцIараб ицц. Гьелда хIохьбазе рещтIуна ниж, курсцоял, зама-заманалдасан.
Щола ниж МухIамадихъеги. Гьалбадерида дандчIвазе кидаго хIадурай, хIурулгIиналъул хIеренлъиялъул нур гьурмада бугей Аминатица МухIамадил гIумруялъе кьун буго гIажаибаб чвахи. Абизе кIола гьеб чвахиялъулъ гьечIин цониги хIабургъараб лъел къатIра. Гьесул гIумруялъул нухазда махI берцинаб тIегьлъун йижарай гьелъулги буго доб нижер гьудуллъиялъул ицц къун инчIолъиялъул бутIа. МухIамадил гьудул-гьалмагъзабазде Аминатил бугеб рокьул къатIрабазги ахIула гьеб иццухъе ниж. Гьединай гурони чIужугIадан гьесда хьолбохъ йикIине ресги гьечIо.

Даимал сапаразда

Гьелги МухIамадие бигьа гьарулел ратила лъел цIурал гIертIаллъун даим гьесул гIумруялъул нухазда ругел вас Даниялицаги, яс Мариятицаги, лъади Аминатицаги.
Дида ккола МухIамадил бугин бухIун щвараб бакъ гIадаб, роцIараб зоб гIадаб, зодор цIваби гIадаб кунчIараб къисматилан. Гъасда бакараб чирахълъунги, чирахъалъул гвангъараб канлъунги хъизамалъеги гьудулзабазеги вугев, сапараздегицин гьеб кунчIигун вахъунев, гIаданлъиялъулги гIадат-лъиялъулги хулжал кидаго цIовухъе рукIунев, ракьалда унго-унгояв инсанлъун вукIиналъул налъи тIубанго тIубарав МухIамадие гьаризе бокьун буго щулияб сахлъиги, сахаватлъиги, гьабулелъулъ икъбалги.
Жиндиего зарал гIемераб, гIадамазе пайда цIикIкIараб ритIухъаб гIамалалъ цIунаги гьев зама-заманалдасан къисматалда хIунчулеб заз-хъарахъалдаса.

ГIелмиял свералабазда

1984 сон. ЛъугIана институт. Гьале тIаде щвана цоцазулгун къо-мех лъикI гьабулеб заман. Гьенирго тезе барахщарал гогьлъиги гIанчIлъиги нижеца цадахъ росулел рукIана. Ва жакъаги гьез хасаб бакI ккола дир «РакIалдещвеязул тIехьалда».
МухIамадица институт лъугIи-забуна багIараб дипломалда. Гьенив цIалулагоги, гьев гIахьаллъулаан студентазул гIелмиял конференциязда, цеве вахъунаан докладалгун. ГIелмуялде МухIамадил бугеб цIайиги, гьесул пагьмуги бихьана институталъул преподавательзабазда. Гьеб тIатинабуна МухIума ЧIегIерчиевасги. Гьес МухIамадил лъай-хъвай гьабуна РАНалъул ДНЦялъул ИИАЭялъул директор ХIажи ХIамзатовасулгун.
Байбихьана МухIамадил гIелмиял свералаби…
1984-1988 соназда цIалана институталъул аспирантураялда.
КIудияв лаборант. ГьитIинав гIелмияв хIалтIухъан. КIудияв гIелмияв хIалтIухъан. Аслияв гIелмияв хIалтIухъан. Грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев.
2005-2017 соназ хIалтIана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул директорлъун.
Филологиял гIелмабазул доктор. Профессор. Дагъистан Республикаялъул гIелмуялъул мустахIикъав хIаракатчи. 2012 соналда МухIамадие щвана ДРялъул президентасул грантги.
МагIарул мацIалъул бицун, гьев гIахьаллъана Голландиялда, Германиялда, Америкаялда, Испаниялда, Москваялда, Элистаялда, Грозныялда, Казаналда, Уфаялда ва цогидалги бакIазда тIоритIарал гIелмиял конференциязда.
МухIамадица хъвана 250-ялдасаги цIикIкIун гIелмияб хIалтIи. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гIелмабазуул кандидатасул цIаралъе диссертация цIунана 12 чияс.
МухIамад ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул членги. Гьес гIемерал макъалаби хъвана магIарул хъвадарухъабазул махщелчилъия-лъул хIакъалъулъ.
60 сон. Гьеб дагьищ яги гIемерищ гIалимчиясе? Лъаларо. Амма лъала, гIагараб миллатги мацIги цIуниялъе гьес гIемер пайдаяб хIалтIи гьабуна ва гьабулебги буго. Гьединго МухIамад хIалтIулев вуго жинцаго гIелмуялде тIоцересел галаби тIамураб ва гIагараблъун хутIараб педуниверситеталдаги. ЦIидасанги байбихьулел руго гIалимчиясул гIелмиял свералаби…

Лъимерлъиялъул лъалкIал

МухIамад гIуна гIемер лъимал ругеб хъизамалда. Гьединазул букIуна гIажаибаб хаслъиги. Лъимерлъудасанго гьел ругьунлъула цогидазул тIалаб гьабизеги, цоцазе кумекалъе ратизеги. Гьезие щвараб тарбиягицин батIияб букIуна. ГIаданлъиялъул къатIраби гьезулъ цIикIкIунги ратула. РикIкIада хутIараб лъимерлъуда щвараб тарбиялъул гIаламатлъун ккола МухIамадил чорхолъ бугеб унго-унгояв инсанасул гIамал-хасият. Гьеб гурищ, ракьалде витIулелъул, ТIадегIанас инсанасда тIадкъалеб иш — гIаданлъун вукIин ва хутIи. Гьеб борч МухIамадица тIубана. Гьесул гIумруялъул ругел лъимерлъиялъул лъалкIазул кенчIей даимаб батаги.
Шамай Хъазанбиева