Районаздаса харбал

Сугъралъ росулъа анцIго сон барав ХIажи БагIачевас хвасар гьавуна лъабго сон барав вас.

 

Росулъ бугеб лъимал чвердолеб хIориниве МухIамад вортулев вихьидал, ХIажи виххичIого ва хIинкъичIого лъелъе кIанцIана гьитIич хвасар гьавизе. ХIажи БагIачевги, лъабго сон барав МухIамадги, гьесул кIудияв вацги гурони доб къоялъ хIорихъ рукIинчIо.
Вас лъелъа къватIивеги вахъун, тIоцебесеб медицинаялъулаб кумекги гьабун бажарун буго ХIажихъа.
Щуабилеб классалъул цIалдохъан, живго гьитIинав вукIаниги, кIудияб гьунар бихьизабурав ХIажи БагIачевасе Гъуниб районалъул администрациялъ хIурматалъулаб грамота кьуна ва лъимадул гIумру хвасар гьабуралъухъ баркалаги загьир гьабуна.

*** 

Хьаргаби

Районалда бугеб 14 школалда байбихьана цIалул сон. 2395 цIалдохъанасда лъаялъул байрам баркизе районалде вачIун вукIана республикаялъул спорталъул министр МухIамад МухIамадовги. Районалъул бетIер Рамазан Малачиловгун ва лъайкьеялъул управлениялъул начальник ГIумар КъутIбудиновгун цадахъ гьев щвана Хьаргаби росдал № 1 школалде. Гьениб бицана росабазул школазда гьабунин ремонт. Гьединго ремонт гьабуна цо-цо ясли-ахаздаги, масала, Хьаргаби росдал «Улыбка», ГIаймаки росдал «Чебурашка», КIикIуни росдал «Ромашка» ясли-ахазда.
ГI. КъутIбудиновас бицана цо-цо школазул бугеб ахIвал-хIалалъул. Хъвартихьуни ва Къудукь росабалъ школал цIидасан разе кколеб хIалалда руго. Гьединго капиталияб ремонт гьабизе ккараб хIалалда руго районалъул цо-цо школал ва ясли-ахал.
Буйнакск

ЧIикIаб росулъ рагьана батIи-батIияб даражаялъул лъайкьеялъул центр. Гьениб центр рагьиялъулаб тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельникова, Буйнакск районалъул бетIер Камил Изиев, Буйнакскалъул педагогияб колледжалъул директор Бартихан ГIумаров, районалъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулей Аида Залимханова, СагIид-Апандиясул цIаралда бугеб Дагъистаналъул теологияб институталъул директор ГIабдула Ацаев.
Лъайкьеялъулаб централъул директор МухIамад Бартихановас гьалбадерида цIияб школа бихьизабуна, цIияб цIалул соналде гьабураб хIадурлъиялъул ва гьабизе ракIалда бугеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана. Гьеб цIалул идараялда цIалулев вуго 950 цIалдохъан. Гьанжеялдаса нахъе централда цебе хIалтIизе буго лъабго къокъа жанибе бачунеб школалде хIадур гьарулеб бакIги.
Районалъул бетIер Камил Изиевас бицана исана республикаялда 5000 цIалдохъанасе 15 цIияб школа рагьанин.
Унсоколо

Унсоколо районалъул администрациялда районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовасул нухмалъиялда гъоркь иргадулаб данделъи тIобитIана. Данделъиялда бицана районалда цIияб цIалул соналде гьабураб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. Унсоколо районалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Лабазан МухIамадгIалиевас бицана, районалъулго школазул 83 процент цIалдохъабазе тIахьал щванин, хутIаразеги гьал гIагарал къоязда тIахьал кьезе ругин. МухIамадгIалиевас бицана лъайкьеялъул идараби хасалиде хIадурго рукIиналъул хIакъалъулъги.
Районалъул экономикияб отделалъул нухмалъулев Муслим Адуевас бицана сентябралде щвезегIан ракIарарал налогазул къадар 113 проценталде баханин.
8-9 сентябралда Унсоколо районалда тIобитIизе буго Гъайирбег ГIабдурахIманов ракIалдещвезавиялъул хIурматалда шахматазул республикаялъулаб турнир. Микьабилеб сентябралда «АхIулгохIда» тIобитIизе буго гIалимзабазул мажлисги. Гьел тадбиразде хIадурлъи ва гьеб гIуцIулезе кумек гьабизе кколел гIадамазда цIаралги чIвана администрациялда тIобитIараб данделъиялда.
Гьенибго гьоркьоб лъуна Унсоколо росдал «Ромашка» ясли-ах цIияб минаялде гочинабизе ккеялъул суалги. Жавабиял хIалтIухъабазда тIадкъана хIажатал документал ракIаризе ва кIиго анкьида жаниб цIияб мина хIажатабщиналдалъун хьезабизе.