Пенсиялдаса щив махIрумлъизе бегьулев?

Ригьалде рахарал цо-цоязе пенсия щвечIого букIине рес буго

 

2016 ва 2017 соназда пенсиялъул ригьалде рахарал гIадамазе пенсия кьезе инкар гьабиялъул хIужаби ккана. Гьединазда абулеб букIана, пенсия щвезе ккани, жеги щуго соналъ хIалтIизе кколин. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб букIана песния кьеялъе хIажатал баллазул къадарги стажги гIолеб гьечIолъи.
Масала, Иркутск областалъул Пен­сия­лъул фондалъул отделениялда 2016 соналда инкар гьабуна 470 чиясе, Саратов областалда – 396 чиясе, Марий Эл республикаялда – 44 чиясе.
Экспертаз абулеб буго, пенсиялъу­л кьечIого хутIиялъе гIилла батулин, моцIрол харж «конверталда» жаниб лъун кьей. Марий Элалъул Пенсия­лъул фондалъул баяназда рекъон, республикаялда вуго бищун дагьаб моцIрол харжалдасаги мукъсанаб мухь щолев 14 азаргогIанасев чи.
РФялъул захIматалъул министр Максим Топилиница абулеб буго гIадамазда лъазе кколин жидер пенсиялъул роцен бараб букIин страховияб стажалдаги моцIрол харжалдаги.

Стажги баллалги

Пенсия кьолеб къагIида хисизабуна 2015 соналда. Гьеб мехалда баккана «пенсиялъул индивидуалияб коэффициент» (ИПК), яги пенсиялъул балл абураб норма. Гьанже пенсиялъул ригьалде рахаразе хIажалъула пуланаб къадаралда баллалги стажги. Масала, 2018 соналда пенсиялде унев чиясул букIине ккола ичIго соналъул стажги 13,8 баллги. 2025 соналде гьел рахине руго 15 соналдеги 30 баллалдеги.
Пенсиялде унаго, тIаде журазе руго щибаб хIалтIул соналъул баллал ва гьел кьабизе руго цо баллалъул багьая­лъулъ. Гьеб багьа санайил чIезабизе буго РФялъул хIукуматалъ. Гьедин жубанги кьабунги ккараб хIасилалде тIадеги жубазе буго пенсиялъул чIезабураб гIарацги данде гьабураб бутIаги (гьелде цебеккунго гIарац рехулеб букIун батани).
Чан балл бугеб жакъа къоялде дур букIинесеб пенсиялъул нахърателалда? Гьеб суал кьураб мехалда, цIех-рехалда гIахьаллъаразул 76 проценталъ абуна, жидеца киданиги халгьабичIин жиндирго лицевой счеталъулан (ИЛС) абун. ЦIех-рехалда гIахьаллъана 2000 россиялъулав. Гьезул 61 проценталда лъалеб батичIо, ИЛСалъул халгьабизе бегьулеблъи, 15 проценталъ абуна, жидер гье­лъие заман гIоларин. Гьебго заманалда, 24 проценталъ мухIканго халкколеб буго жиндирго ИЛСалда хадуб. 12 процент «пашманлъулел руго ИЛСалъухъ халгьабун хадуб, щайгурелъул хIалтIарал соназухъ щварал баллал цIакъ дагьал руго».

Нагагь баллал гIечIони…

Пенсиялъул ригьалде вахарав чиясе баллал гIечIони, яги гьесул дагьаб гурони стаж батичIони, рес буго пенсиялъул страховияб бутIаялдаса гьев махIрумлъизе. Гьеб мехалда 65 сон барав бихьинчиясеги 60 сон барай чIужугIаданалъеги кьезе буго гIицIго херлъиялда бан щолеб пенсия. ЗахIматалъулаб стажги херлъиялда бан кьолеб страховияб пенсияги чIезабула цо нухалда – пенсиялъул ригь чIезабулаго – ва хадубккун хисуларо.

Мисал:

2018 соналъул январалда 60 сон барав пуланав пенсионер МухIамадовас Пенсиялъул фондалде хитIаб гьабуна пенсия чIезабеян абун. Гьесухъа документаздалъун тасдикъ гьабун бажарана захIматалъул стаж – микьго сон (хIажалъулаан ичIго) ва пенсиялъул 12 балл (хIажалъула 13,8). Гьесие пенсия кьезе инкар гьабуна.
Гьесул ихтияр буго щуго соналдасан социалияб пенсия кьеян гьаризе. Амма рес буго гьелдаса цевеги пенсиялде ине: гьев жеги хIалтIизе ва пенсиялъул баллал щвезаризе ккола. Гьесие пенсиялде ине камун букIана гIицIго лъагIел – 2019 соналда пенсиялде унезе хIажалъула, тIадехун кьураб таблицаялда рекъон, 10 лъагIел, амма МухIамадовасда гьеб хъинтIуларо – гьесие гIола ичIго соналъул стажги. Гьелде тIадеги, гьесие щвезе ккола камун букIараб 1,8 баллги. ХIалтIулаго, гьел баллалги щвани, МухIамадовасе ихтияр буго 2019 соналда, ай 61 сон бараб мехалда, пенсиялде ине. Мисалалъе, 2018 соналда хIалтIаралъухъ гьесие тIаде бачIуна кIиго балл, моцIрол харж 17000 гъуруш букIун батани (10000х12/1021000х10). Гьебги тIаде жубараб захIматалъул стажги гIезеги буго 2019 соналда пенсиялде ине. Амма моцIрол харж рехсаралдаса дагьаб бугони, гьев хIалтIизе ккола 2019 соналдаги – хIажатал баллал ракIаризегIан.

Баллазул валарахас

Баллал чIезариялъул магIна би­чIчIу­ларо. ГIемерисез гьикъула, 2015 соналде щвезегIан, хасго 2002 соналда цебесеб, хIалтIул соназул баллал кин чIезарулин абун.
Чан гъуршида бащалъизе кколеб пенсиялъул балл? Кин ва сундухъ балагьун чIезабулеб гьелъул роцен? Гьел суалазе жаваб батизе хIаракат гьабуна 2016 соналда РФялъул ХIисабалъул палатаялъ ПФРалъул халгьабураб мехалда. Аудиторазул хIукмуялда хъван буго: «Жакъа къоялъги РФялъул хIукуматалъ тасдикъ гьарун гьечIо пенсиялъул индивидуалияб коэффициент баян гьабулебги федералияб бюджеталдаса ПФРалъул бюджеталде бюджетазда гьоркьосел трансфертал рикIкIунебги къагIидаби. ПФРалъул доходал цIикIкIиналъул индексги пенсиялъул баллалъул багьаги чIезарулеб методология гьечIеб мехалда захIмалъулеб буго, индексация гьабиялъулги пенсиял чIезариялъулги ритIухъаб нух батулищали халкквезе», — ян.
Гъоркьисала ПФРалъ тIибитIизабуна хасаб пресс-релиз. Гьелда бицунеб букIана баллазул къагIидаялъул цIакълъи-тIокIлъиялъул хIакъалъулъ. Гьелъие гIиллалъун ккана, СМИяздасан бицунеб букIин, баллазул къагIида хIалтIизабиялда бан, россиялъулазул миллионал хутIизе бегьулин пенсияги гьечIогоян. Масала, СМИязда рехсолел рукIана Пачалихъияб Думаялъул депутат Олег Шеинил гьал рагIаби: «2025 соналде (гьеб цIакъ хехго тIаде щвела), пенсиялде ине ккани, гIадамазе хIажалъизе буго 30-ялдаса дагь гьечIеб балл. КIигоялдаса цIикIкIун балл кьоларо цо лъагIелалъ хIалтIаралъухъ. Гьебги МРОТалда бащалъулеб моцIрол харж бугони. Гьелдаго цадахъ, моцIрол харжлъунги рикIкIине буго гIицIго Пенсиялъул фондалде тIаса гIарац рехараб харж. Гьелъул буго, нагагь чиясул бищун дагьаб моцIрол харж букIун батани, гьев 30 соналъниги хIалтIизе кколин абураб магIна. КIиго МРОТалда баща­лъулеб харж бугев чиясе гIезехъин буго стажалъул 15 лъагIел».
Гьелда бан, Пенсиялъул фондалъ лъазабун букIана:
1. ПФРалде рехулел страховиял взносал гьенире щола гIицIго «хъахIаб» моцIрол харжалдаса. Гьединлъидал баллаздаса махIрумлъизе рес буго гIицIго «конверталда» жанибги лъун харж щолел хIалтIухъаби.
2. ГьабсагIаталда рес буго, лъагIалида жаниб кIиго гуреб, 8,26 балл щвезе. 2021 соналдаса нахъе лъагIалида жаниб щвезе бегьула 10 баллги.
3. 2025 соналда херлъиялда бан страховияб пенсия чIезабулеб мехалда хIакъикъаталдаги хIажалъизе буго пенсиялъул 30 балл. Амма гьел баллал ракIаризе кколаро 2025 соналде щвезегIан хутIарал соназда; гьел рикIкIине руго тIолабго захIматалъул стажги хIисабалде босун. ГIагараб заманалда пенсиялде ине заман щварал гIемерисел гражданазул буго гьелъие хIажатал баллазул гIураб къадар.
4. Россиялда пенсиялде унезул гьоркьохъеб стаж буго 35 сон. Бищун дагьаб харж щолеб букIун батаниги, гьеб болжалалда рес буго хIажатал баллал, ай бищун дагьаздасаги цIикIкIун, ракIаризе.
5. Россиялда цониги чи хутIуларо пенсия гьечIого. Пуланал гIиллаби сабаблъун гьев махIрумлъулев вугони страховияб пенсиялдаса, гьединав чиясул ихтияр буго социалияб пенсия чIезабеян хитIаб гьабизе.
Кавсарат Сулейманова