Вуз лъугIарал студентазе дипломал кьеялъул гIадатияб гуреб къагIида тIаса бищун буго ДГУялъул экологиялъул (Институт Экологии и Устойчивого Развития) факультеталъ. Арал гIодоркъояз студентал ракIарун рукIана МахIачхъалаялда тIаде балагьараб Таргъуялда гъоркье. «Хъиргъу» тукадаса рикIкIад гьечIого, магIардехун унеб рацIцIалъиялда рищни-къулги бакIарана гьез. Гьезие хIалае рахъине гьенире рачIун рукIана МахIачхъалаялъул бесдал лъималазул рокъоса лъималги. Нараттюбеялъул габурлъийин...
