Нилъер умумузул рухIияб тарих, халкъалда цереккун лъалел рукIинчIел исламалъул гIалимзабазул бечедаб гIумруялъул хIакъалъулъ баянал ракIарун кIудияб хIалтIи гьабуна магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ. Гьеб гуребги, ЦIоралда ругел нилъер умумузул наслаби жакъасел миллатцоязухъе сапар бухьун, гьезул яшав ва къварилъи-гIатIилъи цIехон, адаб бугел тадбиралги гьаруна гьез.
Цо чияс бахъулеб хъала букIунаро
— Жакъа магIарул миллиябгун маданияб автономиялъ гьабулеб хIалтIуда тIасан гара- чIвари ккана нижер гьелъул цIияв нухмалъулев МухIамад МухIамадовасулгун.
— БитIун бицани, ракIалдаго букIинчIо гьаб хIалтIи тIаде босизе. Амма нилъер миллаталъул тIалаб-агъаз гьабулеб, гьелъул унтарал суалал рорхулеб, гIунгутIаби рехсолеб идара цIакъ хIажалъулеб буго, гьединлъидал кигIанго заман букIинчIониги, тIаде босизе ккана гьеб хъулухъ. ШагIбаница (ШагIбан ХIапизовас) цIакъ гIемераб хIалтIи гьабуна автономия рагьаралдаса, гIемерал тIахьал рахъана, батIи-батIиял тадбирал тIоритIана. Амма дие абизе бокьараб жо буго, ракI-ракIалъ нилъер миллаталъул ургъел гьабулев чи вуго гьелъие кьучI лъурав Сайгидпаша ГIумаханов. Цогидазул гьединаб хIаракат дида бихьулеб гьечIо. Амма цIакъ бокьилаан, кинабго тIалаб Сайгидпашаде рехун течIого, нилъер миллаталъул цогидалги вакилзабаз гьелъие кумек гьабулебани.
Заманги бихьуларищха исана хисараб куц. Хасго кIудиял хиса-басиял ккана гIаламалъулго гIумруялда жанир. Дунялалъул букIинесеб метер кинабдай ккелаян абураб лъалареб бакIалде бачIинабуна иш коронавирусалъ. ГIемерав чиясул ракIалда рукIарал мурадалги, гьаризесел хIалтIабиги гьоркьор арал гIадин, гьедин ккана нижер гьаризе рукIарал тадбиразулги къисмат.
— Автономиялъул букIана «Тарихалда лъалкI тарав нусго магIарулав» абураб проект. Гьеб рагIалде бахъун букIарабищ яги цIиял проектал ялъуни сапарал гьаризейищ ракIалда бугеб?
— Сапаралги руго гьарулел, гьелдаго цадахъ нилъер ГIелмияб централда хIалтIулел гIолохъабазулги буго кIудияб хIалтIи умумузул тарих цIи гьабиялъе гьабулеб. Нилъер тарих кутакалда бечедаб букIин гуребги, аслияб куцалда гьеб хурхараб буго гIараб гIелмуялдаги гIараб мацIалдаги. Щайгурелъул киналго гIелмиял материалал хъван руго гIараб ва гIажам мацIазда. Гьел лъазариялда тIад хIалтIулел руго гьабсагIат МухIамад ШейхмухIамадовги, ШагIбан ХIапизовги, Жамалудин МалламухIамадовги ва цогидалги гIолохъанал гIалимзаби. Гьез хIадур гьарурал тIахьал рахъизе ракIалда буго.
Гьединго руго нилъер шагIир- забазги хъвадарухъабазги лъималазе хъварал тIахьалги ва гьезул жидерго тIахьалги.
Амма дие цоги нухалда такрарлъаниги абизе бокьун буго, цохIо Сайгидпашаде тIаде рехун течIого, гIарцудалъун автономиялъе кумек гьабулел чагIи гIемерлъизе къваригIун ругин.
— Пикру лъикIаб буго. Амма кумек гьабизе бокьарал чагIи рукIинадайха?
— ЦIакъ къанагIат гурони ратулел гьечIо. Мисалалъе, дица чанго нухалъ хIаракат бахъана автономиялъулги диргоги цIаралдасан районалъул нухмалъулезухъе кагътал хъван «ХIакъикъат» газеталъеги, «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазеги подписка гьабилародайин гьезилан. ГьабичIо. Жакъа хIукуматалъ лъималазе рахъулел тIахьалги гьечIеб заманалда гьезул кIудияб пайда букIинаан гIун бачIунеб гIелалъе. Гьеб гIемер бицараб, унтараб суалги буго, амма унго-унголъунги нилъерго мацIалъухъ унтарав хIаким яги бечедав чи дида жеги дандчIвачIо.
— ЦIоралда ругел нилъер миллаталъул вакилзабазулги щулияб бухьен букIана автономиялъулгун, гьенире гьарулаан сапарал…
— Пандемия сабаблъун сапарал гьоркьор къотIаниги, бухьенал къотIизе тун гьечIо. Ц1оралда жакъаги руго хIакъикъаталдаги нилъер мацIалъул ургъелги, умумузул тарихги, аслуги кIоченчIел къадруял гIолохъаби. Гьезул чангоязе исана февралалда букIараб рахьдал мацIалъул фестивалалдаса хадуб баркалаялъул кагъталги сайгъаталги ритIана нижеца.
Гьединго Томскиялда вуго Апсалудин АхIмадов. ЦIакъ яхI бугев чи вуго, гIемераб хIалтIи гьабула миллияб тарих цIуниялъе. Москваялда бугеб Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб «Намус» абураб школалъул директор ЧIарада районалъул Рилъаб росулъа МуртазагIалиева ПасихIатицаги гьабулеб буго бергьун кIудияб хIалтIи республикаялъул миллатазул мацIал ва тарих малъиялда хурхун.
Жакъа гIадамазе бокьулеб гьечIо рахьдал мацIазда хъвараб жо цIализе. Дир хIисабалда, гьелъие гIилла буго гIадамал жидерго магIишаталдеги руссун, чед-хинкIалъул тIалабазда рукIин. Вакъарав чиясул рухIияб рахъ загIипаб букIуна. МагIишат- яшав роцIцIараб мехалъ, инсанасул гъира букIуна жиндирго цIали-лъай ва рухIияб дуниял цебетIезабизе. Амма кигIан захIматаб замана бугониги, нилъерго мацIги, тарихги, гIадат-гIамалги квер хьвагIун тезе бегьиларо.
ГIолохъабазул гъира гIадада хвеларо
— МухIамад, дагьал ругониги магIарул мацIалдехун рокьи бугел гIолохъаби дагь- дагьккун цIикIкIунел руго. Мисалалъе, Авар театралда рихьана гIолохъанал артистал.
— Руго. Диеги мисалалъе бачине бокьилаан шагьаралда ругел гIолохъабаз гIуцIараб «Аварал» абураб жамгIияб гIуцIи. КIудияб хIалтIи гьабулеб буго гьез.
Амма бищунго дун вохараб жо буго, шагьаралда гIурал ругониги, гIолохъабазда бичIчIун буго рахьдал мацI лъачIони, жал унго-унгоял магIарулаллъун рукIунареблъи. МагIарул мацIалда батIи-батIиял тадбиралги данделъабиги тIоритIун, гьезул гъира буго мацI лъазабизеги, нилъер миллаталда хурхарал суалал мухIкан гьаризеги. Цо-цояз гIайиб чIвалеб буго гьезда мацI лъикI лъалеб гьечIин абун. Амма гьеб гьезул гIайиб гуро. Шагьаралда гьарурал ва гIурал гIемерисезул унти буго гьеб. Шагьаралда гIумру гьабулел лъималазда рахьдал мацI лъангутIиялъул гIайиб тIоцебесеб иргаялда эбел-инсул буго. Гьез рокъоб лъималазда малъарабани, рахьдал мацI лъачIого хутIилароан.
Авар автономиялда ракIалда буго хадубккунги «Аварал» абураб жамгIияб гIуцIиялъе кумек гьабизе.
Цо-цояз абулеб буго миллиял газеталги журналалги къваригIун гьечIилан. Дида гьединал чагIиги ричIчIуларо. «ХIакъикъат» газетаги гьечIони, «Гьудуллъи» журналги тIагIани, Авар театрги къани, сунца ва лъица квербакъи гьабизе бугеб нилъер миллаталъе рухIияб бечелъи цебетIезабизе? Росабалъ жакъа магIарул мацI бицунеб буго. ЛъикI букIинаан хIукуматалъ магIарухъ ругел гIадамазе гIумру-яшав гьабизе лъикIал шартIал чIезаруни, газ бачани, нухал къачIани. Амма жакъа къоялде щвезегIанги гIатIиракьалде гочунезул къадар дагьлъулеб гьечIо. РакI гъанцIизабула магIарухъ нилъер умумуз гIасрабаз бетIербахъи гьабурал росаби чIунтун рихьараб мехалъ.
Амма гьел цIуни нилъер щивав магIаруласда бараб иш буго. ЦIи гьаризе ккела умумузул рукIарал рукъзал, тIалаб-агъаз гьабизе ккела росу- жамагIаталъулги.
БитIараб бицани, гIатIиракьалде гочин цIакъго хираго чIана магIарулазе. Хисана гIамал-хасият, хъарцинлъана рухIияб рахъ, нилъеда кIочана умумузул гIемерисел лъикIал гIадатал. Гьеб гуребги, гIалимзабаз абулеб буго рижараб бакIалдаса цогидаб бакIалде гочарал гIадамазул сахлъигицин загIиплъулин. Гьеб кинабго нилъеда бихьулебги буго.
Йохъ, цо миллион гуро…
Тарихалде ракке, аслияб бакIлъиги захIмалъиги магIарулаз босана тIаде. Киналго рагъазулъ, тарихиял лъугьа-бахъиназулъ цебесеб кьерда букIана нилъер миллат. Нилъер миллаталъ кидаго хасаб бакI кколеб букIана республикаялъул тарихалда. Амма ахирал соназда миллаталъул церехъаби дагьал загIиплъана, чучлъана, республикаялъул жавабиял хъулухъазда ругел магIарулазул къадар дагьлъана. Щай гьедин ккарабали бичIчIулеб гьечIо. Гьеб суалалъухъги автономиялъ цIакъ кIвар кьун хал гьабизе буго. Мисалалъе, 5000-6000 чи вугеб цахуразул ялъуни рутулазул миллатги, миллион чи вугеб нилъер халкъги цо цIадирабазда лъезе, цого даражаялда рекъон къимат кьезе бегьиларо.
— Амма цо-цо питна-хIур гьабизе бокьарал чагIазда дур рагIабазул магIнаги мекъи бичIчIун, миллатчи вугин мунилан дуде гIайиб чIвалелги камиларо.
— Дидаги бичIчIула гьеб. Амма нилъеца, магIарулаз, цогидал гIисинал миллатазухъе кумекалъулаб квер бегьун, ккаралъуб мугъчIвай гьабун гурони, гьел киданиги къварид гьаричIо. Гьебги кIочон тезе бегьиларо.