Доб заман ракIалде щведал, гьанжеги сири балеб бугоан Аминатил черхалда. Унтулел-холел гIадамалги, хвалил кьер чIвараб сверухълъиги, сихIкъотIун гIенеккун чIараб тIабигIатги. «БагIараб зонаялда» хIалтIизе ккечIониги, гьелдаги цIакъ хехго бичIчIана цIар лъезе лъалареб унтуца гьабулеб бугеб гьужумалъ чангиясул гIумру лъукъизе букIин. ЛъукъунгIаги толеб букIарабани гьеб – тIутIун балеб букIана нухда бата-батараб, цIарал, ригь, хъулухъ цIехечIого. Хвалие ургъел...

