Балагьаб унтудаса халкъ хвасар гьабизе батараб сабаб
Ковидалъ унтарал сах гьаризе квербакъеян хитIаб гьабуна гьал къоязда республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ халкъалде. Гьелъие гIоло бокьарав чияс кьезе бегьула жидерго би. Гьеб хIалтIизабизе буго цIиял унтарал сах гьаризе. Амма цо шартIги буго гьениб — би кьолев чи цевеккун ковидалъ унтарав вукIине ккола.
МахIачхъалаялда бугеб би кьолеб станциялъул нухмалъулей Хадижат Танкаевалъул рагIабазда рекъон, гьанжелъизегIан гьез хал гьабун буго 3000 чиясухъ. Амма гьезда гьоркьоса 100 чиясул гурони бидул плазмаялъе дандекколел антителаби ратун гьечIо. Гьеб гуребги, цевеккун ковидалъги унтун сахлъун вукIаниги, гьесул цогидал лугбалги рукIине ккола щибго унти гьечIел. Мисалалъе, рекIел, гьуърузул, тIулал ва цогидалги унтаби ругел гIадамазул бидул плазма данде кколаро.
«Ковидалъ унтарал сах гьаризелъун гIадамазул бидул плазма бакIариялъул хIалтIи нижер станциялда унеб буго июнь моцIалдаса нахъего. Г1емерав чи вачIана жидер би босеян абун. Амма киназулго гьеб босизе бегьулеб батичIо. Цоял жеги лъикIаланго унтудаса хадур сахлъун ратичIого нахъчIвазе ккана, цогидазул антителаби ратичIо гIураб къадаралда. Гьедин гьабураб хитIаб буго Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ гьеб», — илан бицана Х. Танкаевалъ.
Амма ковидалъ унтун больницаялда регун сах гьарурал гурелги, абизегIанасеб къварилъи ккечIого гьеб унти борхарал гIадамалги рачIине бегьулин би кьезеян бицана гьелъ. Щайгурелъул гьезул антителабиги данде ккола ковидалъ унтарал сах гьаризе. Гьединлъидал жидеде коронавирус бахун букIинчIилан чIечIого, би кьезе жидехъе рачIаян абулеб буго Хадижат Танкаевалъги.