Ахираб 10 соналда жаниб Дагъистаналда рак унтиялъ унтаразул къадар цIикIкIун буго 35 проценталъ. 2019 соналда республикаялда ракалъ унтун вуго 5026 чи (2391 бихьинчи ва 2635 чIужугIадан).
Соналдаса соналде рак унтялъ унтаразул къадар цIикIкIунеб букIин гуребги, гьеб «гIолохъанлъулебги» буго. Рак унти ккеялъе рукIунел гIиллабазул, гьеб сах гьабиялъе республикаялда гIуцIун ругел ресазул,
гьелдаса цIуни-къай гьабизе кколеб къагIидаялъул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДГМУялъул онкологияб кафедрая лъул доцент, республикаялъул онко логияб централъул хирург-онколог-мамолог ГIумардибир МухIамадовасулгун.
— ГIумардибир, сундалъун кколеб рак унти?
— Гьеб ккола инсанасул пуланаб логол клеткаби къокъаб заманалда жаниб цIакъго гIемерлъиялдалъун. Гьелъие ругел гIиллабиги гIалимзабазда жеги тIуран лъалел гьечIо. Унти ккеялъе квербакъула чиясул геназул ва гормоназул гIунгутIабаз, квешаб экологиялъ, заралиял вирусаз, хашаб къагIидаялда гIумру тIамиялъ, хъалиян цIаялъ, мехтизарулел жал гьекъеялъ, заралиял жал гъорлъ ругеб кваница.
Унти байбихьула чорхол цо клеткаялъул гIадлу хвеялдасан. Цоги, некIо унтараб, загIипаб ва заман щвелалдего гьабураб лъимер, гIемерисеб мехалда, холаан. Жакъайин абуни, хIатта 300-400 грамм гурони бакIлъи гьечIел гьитIичалги, хасал боксазда жанир гIезарун, хвалдаса рорчIизарула. КIудиял гIедал гьезул иммунитетги сахлъиги загIипаб букIуна ва гьел ракалъ унтизе бегьула.
— Рак унти «гIолохъанлъулеб» букIиналъе гIилла щибха кколеб?
— Гьелъие бугеб аслияб гIилла ккола жакъа гIолилаз бигьаго гIумру тIамулеб букIин. Гьел хIинкъула захIматаб хIалтIудаса: я магь баччуларо, я хур чIараларо, хъахIаб чедги кун, сериалазухъги ралагьун, тахида регун унеб буго гIумру. КъанагIатги кунаро хъачIаб, къвакIараб квен, хIалтIизабула кьаралъи. КватIун гурони ясал рос-рукъалде унаро, аниги, гьез кватIун гурони лъимал гьаруларо. Гьелдалъун хола ясазул гормоназул магIна, гормонал цIикIкIуна курмузул клеткабазулъ. Гьеб ккола курмузда рак унти ккеялъе бугеб аслияб гIиллаги.
— Сахаб гIумру тIамулев чиги унтулагури ракалъ…
— Цо гIилла сабаблъун ракалъ унтулел рукIаралани, гьеб бигьаго сах гьабизе кIвелаан. Рак унти букIине бегьула эбел-инсудаса ирсалъе щварабги, вирусал-бактериязул «гIайибалдалъун» ккарабги, гIураб къадаралда пихъалгун овощал щвечIолъиялъги.
— Рак унтудаса цIуниялъе бищунго цIикIкIун сунде кIвар кьезе кколеб?
— Бищун гIемер хола гьуъразда рак унти ккарал. Гьуърал унтиялъе аслияб гIиллалъунги рикIкIуна хъалиян бухIи. Гьелъ рак унти ккезабула кIветIалдаги мукъулукъидаги.
— Рак унтиялъ бищун цере инсанасул кинал лугби жагъал гьарулел?
— Гьеб рахъалъ Дагъистаналда тIоцебесеб бакIалда руго руччабазул курмул, кIиабилеб бакIалда — гьуърал, лъабабилеб бакIалда — тIом, ункъабилеб бакIалда – чехь-бакь, щуабилеб бакIалда — предстатаялъул цIекIгьан… Предстательнияб цIекIгьанада рак унти ккеялъе бугеб гIиллалъун рикIкIуна черх хIалхьиялда «хьихьи», гьединго саяхълъиялда хьвади.
— ГIемерал гIарзал рукIуна республикаялда медицинаялъул хъулухъ гIураб гьечIин, больницабазда хIажатал дараби рукIунарин, хъулухъ гьабиялъул даража тохаб бугин, поликлиникабазда иргаби рукIунин… Гьеб рахъалъ онкологиялъулаб централда щиб хIал бугеб?
— Араб гIасруялъул 70-абилел соназда бараб онкоцентралъул минаялда унтаразе буго 260 койка, ай гьоркьохъеб хIисабалда, Россиялъул цогидал регионазда бугелдаса лъабго нухалъ дагь. Дагъистаналдаго гIадин лъабго миллион халкъ бугеб Россиялъул регионалъул онкоцентразда унтаразе букIуна 600-700 койка. Руго гьаб заманалъул унти чIезабулел гIемерал алатал. ХIалтIулеб буго позитрониябгун эмиссионияб томограф.
Амма камуларо цIакъго багьаял цо-цо дараби гIоларого рукIиналъул хIужаби.
— Исана республикаялъул онкоцентралда цебе хIалтIизе биччана цIияб стационар ва поликлиника. Гьелдалъул унти тIатинабиялъул ва сах гьариялъул даража кин хисизе бугеб?
— Онкоцентралда цебе хIалтIизе биччараб цIияб поликлиника ва 60 койка бугеб стационар нилъее лъугьана кIудияб рохеллъун. Поликлиникаялда иргаби дагьлъана, тохтурзабазухъе ине унтаразе нух къокълъана. Стационаралда рагьана киналго алатаздалъун ва специалистаздалъун хьезабураб руччабазул керен сах гьабиялъе хасаб отделение, гьайгьай, кватIичIого гьелъ лъикIал хIасилал кьезе руго. Онкоцентралъул хIалтIи лъалаго лъикIлъана, рачIана цере щолел рукIинчIел цIиял препаратал ва цогидабги.
— МахIачхъалаялда онкологикияб кластер базе букIиналъул гIемер бицуна…
— Гьеб букIинаан Северияб Кавказалъул киналго республикабазул унтаразе кумек щолеб кластерлъун. Гьениб букIине буго лъикIал алатаздалъун хьезабураб поликлиника, радилогикияб центр… Амма кида гьеб бан бахъине бугебали лъаларо.
— Онкологаз абула, цудунго тIатинабуни, рак унти сах гьабизе бигьалъулин. Амма унтарал централде рачIунин кватIун. Гьениб унти чIезабиялъул гIунгутIийищ бугеб яги гIадамазул жидерго сахлъиялда тIадчIей гьечIолъийищ гьеб кколеб?
— Черхалъул рукIунаро рак унти цудунго загьирлъулел киналгIаги гIаламатал ва гьел тIатиндал ракалъ черх чIвала. Гьелъулъ буго аслияб масъалаги, захIмалъиги. Цудунго унти тIатинабиялъул мурадалда, щивав чи тохтурасул бербалагьиялда гъоркь вукIине ккола. 35-40 сон барал чагIи лъагIалида жанир цо-кIиго нухалъниги онкологасухъе ине ккола. Чара гьечIеблъун ккола зама-заманалдасан республикаялъул тIолабго халкъалъул цIех-рех гьабиги. Масала, профессионалияб цIех-рехги гьабун, рак унти гьечIин абураб справка гьечIони, бакътIерхьул улкабазда щивго хIалтIуде восуларо.
— Рак унти сах гьабиялъе нужеца гьаб заманалъул кинал къагIидаби хIалтIизарулел?
— Сах гьави бараб букIуна унтул даражаялда, унтарасул ригьалда ва гьесул чорхолъ ругел цогидалги унтабазда. Аслияб къагIидаялда, захIматаб рак унти сах гьабула хирургиялъулаб кумекалдалъун. Гьелъул хIасилазухъги балагьун, операциялдаса хадуб гьабула химия-, гормоно- ва лучевая терапиял. Жакъасел ресаздаса пайдаги босун, хирургас жигар бахъула унтараб лага цIунизе. Масала, церетIурал улкабазул хирургазухъа бажарула, нахъе къотIичIого, 95 проценталдасаги цIикIкIун руччабазул керен цIунун. Гьеб рахъалъ республикаялда буго бицинего нечараб хIал, ай цIакъго дагьаб къадаралда гурони нилъер хирургазухъа бажаруларо руччабазул керен цIунун.
— Нилъер онкоцентралда бищунго кIудияб гIунгутIи щиб бугин рикIкIунеб дуца?
— ГIемерисел тохтурзабазул лъайгун махщел буго мукъсанаб. КъанагIат гурони махщел камил гьабиялъе гьезие рес кколаро я улкаялъул яги къватIисел пачалихъазул медицинаялъул центразде ине.
— Ракалъ унтаразда щиб малъилеб, кинаб гIакълу гьезие кьелеб?
— Рокъовго тун, ракалъ унтарав чи сах гьавизеян лъугьине бегьуларо. Сах гьавиялъе аслияб шартI ккола сахлъизе вукIиналда унтарасул ракIчIей, тохтурасул лъай-махщел ва хIалтIул хIалбихьи. Ракалдаса жив ворчIуларин абун, гIумруялде квер хьвагIун чIезе бегьуларо, къеркьезе ккола. ЗахIматго унтаравги сахлъараб хIужа чанги ккола.