Эбелалъул сариналъ ВатIаналде ахIана

Тохтурасда хьолбохъ кидаго букIуна гIумруги хвелги. Гьезул даи­маб къеркьеялъул нугIлъун вугев МухIамад ИмангIалиевас къойил салам кьола гьезие. Операциялъулаб столалда чанги гIумру хваликьа бахъун бугониги, МахIачхъалаялъул №2 больницаялъул бетIерав тох­турасул рекIелъ абадияб бакI ккун батила коронавирусалде данде гьа­булеб къеркьеялъ.

 

Дунялалъего хIалуцарал гьел къояз МухIамадги гьесул коллек­тивги, цогидал киналгоги тохтурзабиго гIадин, макьу тун, рахIат тун, больницаялдаго рукIана гIумру гьабун. Гьезда цебе чIараб масъала букIана цIакъго кIудияб кIваралъул. Хвалил харицелалъ бецун балеб бугеб гIумруялъухъги балагьун, угьдулеб тIабигIатги тIабигIаталъул талихIкъарал кьеразухъ гIодулеб гIумруги, сверухълъиялдаго кIалгьикъулеб хвелги – гьеб кинабго хIехьезе ТIадегIанас сабру кьу­рал тохтурзабиги.

Республикаялъе хIалуцарал дол къояз гIадамал хвасарлъиялъе гьа­бураб хIалтIухъ МухIамад Расуловичги мустахIикълъана тIадегIанаб шапакъаталъе.

 

 

МухIамадие рахIат толеб букIинчIо Дагъистаналда йигей эбелалъухъ урхъиялъ. Гьесул ракI гIедегIунеб букIана ватIаналде. ЦIакъ бокьун букIана эбелалъухъе тIад руссинаризе гIумруялъ гьелъ жиндиего кьу­раб гьалдолеб хинлъиялъул гьитIиналгIаги къатIраби. МухIамадил пи­краби роржунел рукIана лъимерлъиялъул лъалкIалги гIолиллъиялъул расеналги жанир хутIараб, цIумазул улкайилан жинда абулеб ЦIумада районалде. Гьале гьаниб, рорхатал мугIрузул тIогьазда, чанги кьурдана МухIамадил анищал. Гьале гьанисан гьел роржана улкаялъул ракIлъун кколеб Москва шагьаралде.

  

 

Долдаса нахъе ана гIемерал сонал…

1981 соналда ТIинди росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, МухIамад цIализе лъугьана МахIачхъалаялде, мединституталде. ТIубана гIолиласул анищ. 1987 со­налда гьев вахъана тохтур-хирург­лъун. ГIолохъанав тохтур хIалтIизе ана Калуга шагьаралде. Гьенив ун­къо соналъги хIалтIун, МухIамад ана Москваялде. Лъугьана ордина­тураялде, лъугIизабуна аспиран­тура. Живго хIалтIулев вукIараб Н. Пироговасул цIаралда бугеб мединституталдаго лъугIизабуна докторантураги. Гьенибго цIунана медицинаялъул гIелмабазул канди­датлъиялде ва докторлъиялде дис­сертацияби. Гьев гIуралго соназ хIалтIана Н. Пироговасул цIаралда бугеб мединституталъул госпита­лалъулаб хирургиялъул отделени­ялъул нухмалъулевлъун.

2011 соналда гьесие кьуна про­фессорасул цIар. Гьединго хIалтIана Москваялъул 500 унтарасе бакI бу­геб больницаялъул (МСЧ) бетIерав тохтурлъун. ЛъикIав тохтур ва ун­го-унгояв инсан хIисабалда, гьесул тIадегIанаб къадру-къимат букIана больницаялъул коллективалдаги гьудул-гьалмагълъиялдаги гьор­кьоб. БукIана кинабго…

 

 

Лъимерлъиялъул лъалкIал

Амма гьитIинаб ватIаналдасан гьесда рагIулеб букIана гIазизаб гьа­ракь. Гьелъ бикъулеб букIана гьесул макьу. Макьилъ цее ячIуней йикIана хIасратай эбел. Гьел лахIзатаз гьев цIидасанги щолаан росдал сухъ­махъазухъе. Гьале гьал къватIахъ чанги васандана гьев, гьале гьал кьу­рабалъан чанги харана, мугIрузул тIогьазде воржинеги воржана, жин­дирго анищазул чуги кьолон. Гьале гьаб ракьалъухъ ккараб рокьи бер­гьана гьаб нухалдаги МухIамадил каранлъ. Гьасие бокьун букIана цIидасанги гьитIинлъизе, лъимер­лъиялъул лъалкIазда рухI гъезе.

Гьале цIидасанги – хъизамалъул горсверуда – релъиги, рохелги, къварилъи-пашманлъиги гIахьалаб гъанситохъ. Гъасда беролеб цIадул хинлъиялъул махI гьанжеги чIвалеб букIана МухIамадида. Макьилъ гьимулевги вукIана гьев. Гьелъие гIиллаги букIана – гьесул ботIрол расалги лъухьулаго, хIасратаб рахь­дал мацIалда хIайранаб кечI ахIулеб букIана эбелалъ. Гьале доб нилъер гIумруялъул аслияб кечI. Гьеб кечI лъел цIураб гIеретIлъун букIана МухIамадил гIумруялъул сухъма- хъазда ва шагьрабазда.

Лъимерлъиялъул лъалкIазда талихIалъул нурги бекьулаго, сор­дойил бачIунаан МухIамадихъе хIайранаб макьу. Гьеб макьил ас­лияй багьадурлъун йикIана эбел. МухIамадида бичIчIана эбел жин­да макьилъ гIададаго йихьулей гьечIеблъи.

— Эбел. Гьей ккола нилъер щи­васул гIумруялъул сиги, сси­ги, кьибилги. Лъимерлъиялдаги гIолохъанлъиялдаги бичIчIуларо эбе­лалъул кочIол магIна. Цо-цоязда гьеб гIумруялъго бичIчIуларо. Эбелалъ­ул адаб, гьей чIаго йигеб мехалда, гьабизе ккола. Гьел пикраби ригьда рорчIана дилъ. Ва ракIалде ккана эбелалъе дирго бугеб талихIалъул дагьалгIаги кескал гIахьал гьаризе. Дир кIудияб талихIалъе байбихьи гьелъул сариназлъидалха лъураб. Ур­хъун вукIана дун гьезухъ. Гьайгьай, дида кIвезе гьечIо гьелъ дие кьура- лъул бащдабгицин тIад буссинабизе. Бугониги, бокьун букIана цохIо вугев васасул сипат къойилго гьелда би­хьизе, — ян бицана МухIамадица.

 

 

ЦIидасанги – гIагараб Дагъистаналда

2014 соналда МухIамад Иман- гIалиев тIад вуссана Дагъистаналде. Гьелдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго МахIачхъалаялъул №2 боль­ницаялъе. Коронавирусалде данде къеркьолаго, коллективалъги, гьеб нухда бачунелъул, жинцагоги ри­хьизарурал хIасилазухъ МухIамад мустахIикълъана «За доблестный труд» абураб медалалъе. Тохтурасда шапакъат баркизе, дун щвана гьев хIалтIулеб больницаялде.

ХIалтIул къо ахиралде щолеб букIаниги, гьесухъе иргаялда чIарал гIемер рукIана. Унтаразе бокьун букIана гьес жал сах гьаризеги, цохIо гьеб больницаялда гурони регила­рин абун чIаралги рукIана гьенир.

 

Ва гьале дандего вахъун вачIана МухIамад. Гьабуна лъай-хъвай, би­цана дирго мурад.

— ЦIияб вирус Китаялда тIатун бугин рагIабго, бичIчIана дидаги ва цогидал тохтурзабаздаги гьеб Да- гъистаналдеги щвезе букIин. Щай­гурелъул, цIиябин нилъеца абуниги, гьеб цIияб букIинчIелъул. Ниж, гьеб тIаде щвезегIан чIечIого, дагь- дагьккун хIадурлъулел рукIана. Ки­са-кибего гьедин букIана. Гьанже гIайиб гьабулелги камулел гьечIо, хIадурлъи букIинчIиланги абун. Гьеб битIараб гьечIо. Россиялдаго букIана гьединаб хIал. РукIана гIурал дарабиги, хасаб ретIелги, цогидаб къаригIараб-тарабги. ГIураб къада­ралда гьеб букIиналъе кумек гьабуна кидаго миллаталъе кумекалъе вату­лев, гьелда нахъа хвалченлъун чIарав Сайгидпаша ГIумахановас. Гьес кьу­на 300 форма. Гьединго кумек гьабу­на ХIабиб НурмухIамадовас. Гьеди­нал лъикIал гIадамал жеги рукIана. КIалъан рачIун рукIана «Инсан» фондалдасанги. Амма дица гьезда абуна гьабсагIаталда къваригIараб жо гьечIин, къваригIаразе кумек гьабейилан. Баркала буго гьезие. Гьез киназего гьабулеб букIараб ку­мекалъулги рагIана дида. ЛъикIал гIадамазул лъикIал ишаз ккун буго жакъа нилъер Дагъистан. Гьеб буго нилъеца цIунизе кколеб умумузул ирс, — илан бицана МухIамадица.

 

Карантиналъул заманалда боль­ницаялда букIараб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъги бицана гьес:

— Байбихьудаго щвана гьеб ни­жехъе. Гьеб босун бачIана жалго унтаразги. Масала, гьанире регизе рачIаразда лъан батулароан жалго унтун ругеблъи. Цинги гьезул унти­ги, гьелде тIаде коронавирусги сах гьабизе кколеб букIана. Ва рагьана хасаб отделение. Нижерго унтарал къабул гьариги гьоркьоб къотIизе тун, гьаб цояб унти сах гьабизе жу­рана ниж.

ЗахIматго букIинчIилан абила­ро. РакI унтулаан, жал хвасар гьа­рейилан абулеб балагьиялъ гьел ни­жехъе рачIиндал. ГIумруги хвелги дандчIвараб къваридаб лахIзат цебе­са инабизего кIолеб гьечIо. ТIолабго къуват кьолеб букIана унти бача- хъизе. Жидерго хъизамазде регIичIого хIалтIана тохтурзаби. МоцIаз ро- къоре щвечIелги рукIана. Дунги къойил чанго нухалда щолаан унта­разухъе. Вохулаан, гьезул разиял гьур­мал рихьидал. Гьединго дир гьумерги хьухьалаан, гьезул гьурмал кьерхун рихьараб мехалда. ХIикматаб жо буго гьаб гIумру. Метералде, сезеял­де, тIаде-хариялде планал рахъулел, ургъулел рукIуна нилъ. ГIумруялде хвелалъ рехулеб рагIад бихьидал, букIкIун уна ракI. ГIедегIулел гьечIо нилъ цоцазе хинлъи кьезе. Рихьу­лел гьечIо нилъер кумекалде ккарал. БичIчIулеб гьечIо загIипазул рекIел хIал. ГIаммаб къагIидаялда босани, лъикIал чагIи руго дагъистаниял. Гьезул лъикIлъиялъги квербакъа­на унти гIодоцине. Амма гьанжеги рахIат холеб буго, гьеб унтул хабар цIилъидал…

Щвана нижер больница­ялде Москваялдаса гьалбал­ги. Гьезда гьоркьов вукIана ун­тул заманалда машгьурлъараб Коммунаркаялъул бетIерав тохтур Проценкоги. Тохтурзабазул гьеб къокъаялъ тIадегIанаб къимат кьу­на нижер больницаялъул хIалтIуеги.

ЛъугIана МухIамад Расулови­часулгун гьабураб гара-чIвари. Гьесул кабинеталъуса унаго, дида рагIулеб бугин кколеб букIана гье­сул эбелалъул кочIол гьаракь. Гьеб цIакъ релълъараб букIана дирго эбелалъул кечIалда. Киналго ул­бузул саринал цоцазда релълъа­ралги рукIунелъулха. ГIагараб ватIаналъухъги эбелалъул сариналъ­ухъги урхъи буссунарев, рорхатал мугIрузул согIаб тарбия щварав магIарулас къокъабго заманалда дие кьуна гIумруялъул дарсал. Эбе­лалъул кечIалъеги мугIрузул тарби­ялъеги хилиплъичIев магIаруласда гIагараб ватIаналда батун буго унго- унгояб талихI. Гьеле гьединал гван­гъарал руго МухIамадица жиндирго къисматалъул гIидраялда толел ру­гел лъикIлъиялъул лъалкIал.