Новость на родном

Цересел къагIидаби

ГIажалалъул «тохтур»   КIочон тезе мустахIикъал малъа-хъваял Медицина кигIан цебетIуниги, гIемерисезда кIочон толел гьечIо сахлъи «цIунизелъун» умумузго хIалтIизарулел рукIарал къагIидаби. Хасго гьитIинал лъимал унтани, гьелда сверухъ тухумго бакIарун, некIо жидецаги гьадин сах гьарулел рукIанин лъималиланги абун, жидерго къагIидаби малъизе лъугьуна чIахIияб ригьалъул гIадамал. Умумузул заманалда гьанже гIадаб медицина букIинчIелъул, жидерго лъималазул сахлъи цIунизе батIи-батIиял ресал...

Новость на родном

Устарасда релълъараб букIуна хIалтIиги

ЛъикIав инсанго гIадин, лъикIав махщелчиги вуго Сапарилав МухIамадов   Сапарилав МухIамадов ккола Каспийск шагьаралда бугеб живго бетIергьанаб «СагIид ва Компания» цаби-гIусазул поликлиникаялъул нухмалъулев. Гьев ккола Къорода росулъа. ГIагараб росулъ школаги лъугIизабун, ана армиялде. Гьелдаса хадув Сапарилав цIализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде. ЦIали лъугIидал, 1985 соналда хIалтIизе витIана Псков областалъул Хилово шагьаралде. Гьениб 13 соналъ нухмалъи гьабуна...

Новость на родном

ЧIахIияздеги бахуна месед

Чара гьечIого гьаризе ккола прививкаби   Месед ккола бахунеб вирусазулаб захIматаб унти. Лъималазул инфекциялъун рикIкIунеб букIаниги, гьеб бахуна месед унтуда данде иммунитет гьечIел бокьараб ригьалъул гIадамазде. Лъималазде дандеккун чIахIиязе гьеб унти цIакъ захIмалъула.Месед унти бугев чиясда аскIове прививка гьабичIев чи ккани, гьесдеги унти бахинчIого хутIуларо. Лъабго гIужалъул къагIида ТIоцебесеб гIуж (катаральный) байбихьула хIалуцараб унтигун: бетIер...

Новость на родном

Халкъияб медицина

Хурдузул тохтур   Дараби гьекъезе ккола лъиданиги лъаларедухъ, гурони гьез кумек гьабуларо Физкультурияб институт лъугIун хадув, гIолохъанав  махщелчи хIисабалда, ТIагьир хIалтIизе витIана ГЭСал ралеб гIуцIиялъул школалде. Гьений завучлъун хIалтIулей йикIана Валентина Михайловнаги, Дагъистаналде  хIалтIизе ячIарай гIурус мацIалъул учительница. — Дица физкультураялъу­л дарсал кьеялдаго цадахъ бачунаан тIадагьаб атлетикая­лъул рахъалъ секцияги. Ир­га­­дулал къецазда нижер коман­даялъе щвана кIиабилеб...

Новость на родном

«Меседил балагь»

Унтуде данде прививкаби гьаризе инкар гьабуразул къадар бахана 15000 чиясде   ГьабсагIат ругел баяназда рекъон, республикаялда месед унти бахун буго 154 чиясде. Гьебги буго хехго бахунеб ва цебеса цебе унеб унти.Прививка гьабичIев ва цевеккун меседалъ унтичIев чиясде цIакъ хехго бахуна гьеб. Жиндир заманалда тохтурасухъе бачун бачIараб унтараб лъимер хехго сах гьабизеги кIола. Цебе, месед унтуда...

Новость на родном

Витаминазул нахърател

Огь баркаман, бакъвараб пихъ   ГIемер кванани, бидулъ чакар цIикIкIи ЛъаратIа росулъа АхIмадов ГIумарица редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «КигIан къасд тIамуниги, къанагIат гурони щоларо нилъерго ахикьа бетIараб пихъ, бичун босизеги гьеб хираго чIола. Дун гIадав рекIелгун бидурихьазул ва ургьисалабазул унтабаз кIвекIулев чиясе тIабигIиял витаминал хIажалъула. Цо-цояз абула витаминалги, сахлъиялъе гьечIого гIоларел цогидал жалги...

Новость на родном

РагIизе бокьани…

Дагъистаналда 65-70 процент гIадамазул буго гIиндабакIлъи   Ахираб заманалда СМИяздасан бицунеб букIана МахIачхъала шагьаралъул тIоцебесеб больницаялда, операцияги гьабун, тIубанго гIинкъав лъабго чи сах гьавунилан. Масала, отосклерозалъул хIасилалда 30 соналъ тIубанго гIинкълъун йикIарай цо гIадан, гIинзуниб титаналъул протезги лъун, сах гьаюна. Гьелъул цIех-рех гьабун щвана рехсараб больницаялде ва гара-чIвари гьабуна хирург, лор-отделениялъул заведующий Ясудар АхIмадовасулгун. Гьес...

Новость на родном

БацIцIадаб лъим — ургьисалабазе дару

Инсанасул чорхолъ киналъулъго гIахьаллъула ургьисалаби   Дунялалда вуго ургьисалабазул батIи-батIиял унтабаз унтарав 850 миллион чи. Ургьисалабазул халатбахъараб унтиялдалъун цо лъагIалида жанив дунялалда холев вуго 2,4 миллион чи. Жакъа Россиялъул халкъалъул анцIго процент, ай 14 млн (Дагъистаналда 4000) чи унтун вуго ургьисалабазул халатбахъараб унтиялъ. Гьелъул хIасилалда Россиялда щибаб соналъ 41,5 азарго чиясе инвалидлъи чIезабулеб буго.Ургьисалабазул унти...

Новость на родном

Тохтурасул малъа-хъвай

Ибрагьимица хIалтIи чIаголъизабуна Районалда гIумру гьабун ругел гIадамазул къадаралъухъ балагьун биччала больницаялъе ФОМСалъ гIарац Шамил райбольницаялъул бетIе­рав тохтурлъун Халилов Ибрагьим тIамуралдаса жеги лъагIелцин сверичIо. Амма къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана гьенир гIемерал хиса-басиял гьарун. Гьес гьабураб ва гьабизе бугеб хIалтIулги бицун, нижер мухбир Сайпула Гьи­тIинамухIамадовас гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.— Ибрагьим, мун гьаб...

Новость на родном

Тохтурасул малъа-хъвай

Канлъи цIунулел къагIидаби   Анлъабилеб марталда дунялалдаго кIодо гьабуна глаукома унтуде дандечIеялъул къо Глаукомаялде данде къеркьеялде кIвар цIикIкIинабиялъул мурадалда, 2008 соналдаса нахъе гьелъул бицунеб къолъун бихьизабун букIана анлъабилеб март. Глаукома ккола беразда жанисеб бидул тIадецуй цIикIкIиналдалъун лъугьунеб унти. Гьелъул хIасилалда канлъиялъул нерв хола, канлъи дагьлъула яги тIубанго беццлъула. Унти лъугьунеб куц Жеги лъазе кIун гьечIо...