ЛъикIав инсанго гIадин, лъикIав махщелчиги вуго Сапарилав МухIамадов
Сапарилав МухIамадов ккола Каспийск шагьаралда бугеб живго бетIергьанаб «СагIид ва Компания» цаби-гIусазул поликлиникаялъул нухмалъулев. Гьев ккола Къорода росулъа. ГIагараб росулъ школаги лъугIизабун, ана армиялде. Гьелдаса хадув Сапарилав цIализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде. ЦIали лъугIидал, 1985 соналда хIалтIизе витIана Псков областалъул Хилово шагьаралде. Гьениб 13 соналъ нухмалъи гьабуна цаби-гIусазул поликлиникаялъе.
1997 соналда Сапарилав хъизан-лъималгун тIадвуссана Дагъистаналде. Лъади Раисат хIалтIизе лъугьана республикаялъул неврологиялъул централде. Сапарилас рагьана живго бетIергьанаб поликлиника.
Долдаса нахъе ана 20 сон. Жакъа клиникаялда хIалтIулев вуго 37 чи. Поликлиника хьезабун буго жакъасел технологияздалъун. Къого соналда жаниб поликлиникаялъ къабул гьавун вуго нусазаргоялдасаги цIикIкIун унтарав.
Цадахъ хIалтIулезги тIадегIанаб къимат кьолеб буго Сапариласе, тохтур ва инсан хIисабалда. Масала, тохтур-стоматолог ПатIимат Айдаевалъ гьадин бицана:
— Поликлиника рагьаралдаса нахъе хIалтIулей йиго дун Сапариласда цадахъ. Гьесухъа бажарана жакъасеб медицинаялъул тIалабазде дандекколеб идара гIуцIизе ва цIунизе. Гьединго гьанир хIалтIулел руго тIадегIанаб даражаялъул махщалил тохтурзабиги, — ян.
— Поликлиникаялда дун хIалтIулей йиго 2018 соналъул октябралдаса нахъе. ЦIакъ йохарай йиго гьадинаб гъункараб, махщел бугезулги хIалтIулезулги къимат бугеб коллективалде ккеялдаса, — ян бицана медсестра Севиндж ИсмагIиловалъ.
— Сапариласе, Россиялда хIалтIулелъул, щвана тIадегIанаб цIарги. Гьев ккола Псков областалъул мустахIикъав тохтур. Гьениб щвараб хIалбихьи гIадада ккечIо. Ва гьес рагьана цаби-гIусазул поликлиника. Нижеца Сапариласда СагIидилан абула. Гьединал гIадамал ракьалда гIемерлъулелани, гIумру дагьабги берцинлъилаан, — ин бицана «Дагътехкадастр» цолъиялъул Каспийскалда бугеб МУПалъул филиалалъул директор МухIамад Зулпукъаровас.
КМШИялъул директорасул заместитель Светлана Корниенко:
— Дида Сапарилав лъала 1997 соналдаса нахъе. Нижер хъизан гьесул поликлиникаялде уна цаби-гIусал сах гьаризе. Гьев вуго жавабчилъи цIикIкIарав тохтур.
Гьеб батизе буго гьесие лъимерлъиялдаго щварал дарсалги. ГьитIинго хвана эбел-эмен. ГIисинал вацал-яцазул тIалаб гьаби тIаде ккана Сапариласде. Гьес гьезие лъикIаб тарбия кьуна. ЦIализеги лъай щвезеги кумек гьабуна. Ва нухарегIана цIияб гIумруялде.
«ГIагараб Дагъистан» гIуцIиялъул хIукмуялдалъун Сапарилав МухIамадовасе кьуна «Миллияв БахIарчи» абураб цIарги меседил цIваги.РакI-ракIалъго гьесда шапакъатги баркун, поликлиникаялъухъги ялагьана дун. Щибаб кабинеталъул бугоан жиндирго хаслъи. Клиникаялда сверухъ бугеб рацIцIалъиялдаги квегIенлъиялдаги бахиллъизе бачIана: киса-кирго чIун руго гъутIби ва тIугьдул.
Гьединабго бацIцIадаб ва роцIараб буго Сапариласул гIумруги. Лъади Раисатгун цадахъ гьес гIезабуна лъабго лъимер: кIиго яс ва цо вас. Гьел киналго инсул нухдасанги ана.
ПатIимат Аледзиева,
РФялъул Журналистазул
союзалъул член