ЦIодорав вукIине бокьани…

Кванде кIвар кьезе кколеб ригь

 

10 соналъ чипсал, бакь ва хъахIаб чед гурони кваначIев Великобританиялдаса гIолилав беццлъанин бицунеб буго Интернет-сурсатаздасан. ГьитIинго гьес инкар гьабизе байбихьана пихъалгун овощаздаса. Гьединаб квенги кьун хIалбихьиялъе хьихьарал гIункIкIазулги батIи-батIиял унтаби раккулел рукIин ва беццлъулел рукIин гIалимзабазги некIого чIезабун букIана. ЧIахIияз инкар гьабуниги, лъималазда бичIчIизабизе захIмалъулеб буго ахираб заманалда цIакъго гIемерлъун бугеб тукадул кванил зарал бугеблъи. Школалде хьвадулеб лъимер щибги кванан букIунебали киналго эбел-инсуца пикруго гьабуладай? Школалда нилъер лъималаз гIарацги кьун босулеб квен кинаб даражаялъул бугебали халгьабизе рес бугищ эбел-инсул?

«Лъайкьеялъул хIакъалъулъ» федералияб законалъул № 37 статьяялда бицунеб буго школалъул квен кинаб букIине кколебали. Гьелда рекъон рихьизарун руго санитариял къагIидабиги. 2019 соналдаса байбихьун, СанПиналда рекъон, цIалдохъабазе гьукъун буго школалде рокъоса жидерго квен босизе. Рокъоса цадахъ босараб квен хехго холин ва гьелъ цIалдохъабазул чехь-бакь унтизабулин абураб гIилла батулеб буго гьелъиеги. Кинаб квенха школалда цIалдохъабазе кьолеб? Гьелда хадуб халкквезе рес бугищ? СанПиналда рекъон, школалда лъималазе гьабулеб кванилъ хIалтIизабизе бегьуларо ракьа белъун гьабураб гьагIу, тIатIи, маргарин ва къанцIа. Амма цо-цо намус гьечIел нухмалъулез лъималазе лъайкьолел бакIазда, жидеего гIарац тIокIлъизабиялъул мурадалда щарил нахул бакIалда маргарин хIалтIизабулеб, квен гьабизе учузал нигIматалги росун ратула. Пачалихъалъ чIобого кьолеб кванида тIаса дагIба базе бажаричIониги, гIарацги кьун чIахIиял классалъул цIалдохъабаз босулеб кванил халгьабизе ва лъималазе рекъараб квен чIезабизе ихтияр буго эбел-инсул. Гьезул рес буго цIалдохъабазе кьолеб кванил жидеего бокьараб меню гIуцIиялъе школалъулгун къотIи-къай гьабизе.

Роспотребнадзоралъул
малъа-хъваял

Инсанасул сахлъи, гIакълу ва ру­хIияб рахъ цебетIезе байбихьулеб заман ккола школалда цIалулеб, ай 7-17 сон базегIан ригь. ЦIалдохъанасул физикияб ва психикияб сахлъи щула гьабизе ккани, битIараб квен тIаса бищизе кколин рикIкIунеб буго Роспотребнадзоралъ:
— Лъимадул чорхолъ кколел физиологиял хиса-басиязухъ балагьун, гьелъул сахлъи цIуниялъе гIоло лъимер кваназабизе ккола къойида жаниб лъабго нухалда, гьединго кванил гIужазда гьоркьоб кIицIул дагьа-макъабго жоги квине ккола.
Жиндирго кколеб заманалда квани квен лъикI бихIинабула ва кванирукъалъулгун бакьазул унтабаздаса цIунула. Гьединлъидал тохтурзабаз ва диетологаз батIи-батIияб заманалда школалде хьвадулел цIалдохъаби кваназе кколеб хасаб заманги бихьизабун буго. ТIоцебесеб сменаялда, ай радалалдаса нахъе школалда цIалулел лъимал кваназе ккола, масала, 7.00-8.00 тIубазегIан; кIиабилеб радал квен – 10.30-11.00; къадеквен – 13.00-14.00; къалъудаса хадуб квен –16.30-17.00; боголиквен кьижилалде сагIатгун бащдалъ цебе – 19.00-20.00. КIиабилеб сменаялда къалъудаса хадур цIалуде хьвадулел цIалдохъаби: радал – 7.00-8-00; къаде – 12.00-12-30; къаденахъе – 15.00; боголиквен – 20.00-20.30 тIубазегIан квани лъикI букIина.
— Лъимадуца хвезабулеб энергиялда рекъараб букIине ккола квенги. Лъимадул ригьалде балагьун, гьоркьохъеб хIисабалда, къойида жаниб щвезе кколел каллориял: масала, 7-11 сон базегIан лъимадуе къойида жаниб хIажалъула 2300 ккал, 11-14 сон – 2500 ккал, 14-18 сон – 3000 ккал.
Цого къагIидаялъул гуреб, батIи-батIиял нигIматазул гьабураб бу­кIине ккола квенги. Лъималазул гIун бачIунеб чорхое хIажалъула гьан, ччугIа, ханал, овощал, пихъ, цIу­лакьодул батIи-батIиял тайпаби, хурдузул нах. Лъимал гIедегIун кваназаризе бегьуларо, радал, къаде, ва боголида кваназе бащдаб сагIатгIаги хIажалъула, цогидаб квание 10-15 минутги гIола.

ГъалатIал

ХIалтIуда ругел эбел-инсухъа кколеб хIалалда лъималазул кванда хадуб халккун кидаго гуро бажарулеб. Хасго шагьаразда гIумру гьабун ругел гIемерисел цIалдохъаби рукIуна жалго жидедаго. Базаразда, тукабазда яги тIубараб къоялъ хIалтIуда рукIунел улбузул кидаго гуро рес гIолеб лъималазе школалде цадахъ босизе квен хIадуризе. Школалдаги гьез хинаб квен гуреб чипсал, сухарикал, хехго белъунеб вермишель, газ гъорлъ бугеб сок, гьуинлъи ва цогидабги заралияб квен босула. Учительзабазул гIарзалцин рукIуна лъималазухъе гIарац кьогейин, гьез заралияб гурони квен босуларин.
— Цо-цо лъималаз радалил квандаса инкар гьабула яги цохIо чайги гьекъон уна школалде. Гьелъиеги гIиллаби батIи-батIиял ратула. Къаси кватIараб гIужалда кваналеб ва гьединго кватIун кьижулеб лъимадул кинабгIаги гъира букIунаро радал кваназе. Гьединлъидал къаси макьилго гIадин кванилги хасаб заман чIезабизе ккола.
Роспотребнадзоралъ лъикIаблъун би­хьизабулеб буго полуфабрика­таз­даса, ай хехго релъунел нигI­матаздаса тIубанго инкар гьабизе. Гьединаб кванилъ цIикIкIараб къадаралда цIам, кьаралъи, махI берцин гьабулел жал рукIуна. Гьединаб кваница лъималазул гуребги чIахIиязул сахлъиялъеги кIудияб зарал гьабула.
— ЦIалдохъабаз аслияб къагIи­да­ял­да школалъул столоваялда кваналеб квен ккола сосискаби, хот-догал, чипсал, тукадул цIамхIалаб квен яги гьуинлъи. Гьеб киналъулго бакIалда лъимал ругьун гьаруни лъикIаб бу­кIина, школалда дарсазда гьоркьоб чипсал гуреб, бакъвараб пихъ, цIу­лакьо яги батIи-батIияб пихъил пур­чIун кваназе.
— ЦIалдохъабазе чара гьечIого къваригIунеб нигIмат ккола ччугIа. Анкьида жаниб кIиго нухалъгIаги кваназе ккола цIалдохъанас ччугIа. Школалда бугеб квенги, рокъоб гьа­булеб квенги дандеккун, лъималазул сахлъиялъе ва гIакълу цебетIезабиялъе бищунго хIажатал нигIматазул квен чIезабизе лъикIаб буго цIалдохъабазе.
— Пихъ ва овощал гIураб къадаралда кунел гьечIони, цIалдохъабазул ракIалда жо чIеялъулъги захIмалъаби рукIуна. Чорхолъ гIураб къадаралда клетчаткаги витаминалги рукIине ккани, щибаб къоялда жаниб 300 грамм пихъил ва 400 грамм овощазул кваназе лъикIаб буго цIалдохъанасе.
— Кофеин гъорлъ бугел энергетикияб лъамалъи гьекъола гIемерисеб мехалда чIахIиял классазул цIал­дохъабаз. Газ гъорлъ бугеб гьуинаб лъимги кофеинги жубараб лъамалъиялъ кванирукъалда ругънал лъугьинаризе бегьула, гьелдалъун лъугьуна гастритги язваги. Кофеиналъ нервабазул системаялъе зарал гьабизе бегьула.

Радал квандаса инкар
гьабизе бегьуларо

— ЦIалдохъабазул радал квен чайги чедги гуреб, тIубараб къоялъ кваназе кколеб кванил 25 процент букIине кколин лъазабулеб буго диетологаз. Роскачествоялъул специалистаз рикIкIунеб буго лъималазе бищунго лъикIаб радал квен карщал кколин. Масала, бищунго цIикIкIун витаминал ва минералал гъорлъ ругеб карщ букIуна гречкадул, лъикIал руго нихадул, цIоросаролъил ва богIол карщалги. Маникарщил абуни гьединаб пайда гьечIо. Бищунго лъикIаллъун рикIкIуна гъуричIеб могьол гьабураб карщ, ххенон хадуб могьолъ пайдаял жал дагьлъула. Гьез ункъо-щуго сагIаталъ ракъизе толаро, ххенараб могьол карщицайин абуни кIиго сагIатгIанасеб заманалъ гурони ракъи кколаро.
Лъеда гьабураб карщалдаса рахьгун гьабураб карщил чехь-бакьалъе пайда цIикIкIараб буго. ВОЗалъул (тIолгодунялалъул сах­лъицIуниялъул гIуцIи) бихьизабиязда рекъон, лъималазе рахьдал нигIматал къойида жанир кIиго нухалдагIаги кьезе лъикIаб буго.
Кидаго цого карщал лъималазда чIалгIине бегьулелъул, цо-цо гьоркьоб ханил яги нисдал гьабураб квенги лъикIаб букIина.
Цо-цоязул гIадат буго лъимер школалде кватIулеб бугин абун хехго гьабулеб квен хIалтIизаби. Тукабаздаса босулеб радаликваница лъималазул сахлъиялъе зарал гуреб жо гьабуларо. Гьезулъ цIакъго гIемер чакар букIунелъул. Гьелъ лъимадул бидулъ глюкоза цIикIкIинабула, аллергия, чакрил диабет, кьаралъи лъу­гьинабула.
ПатIимат СултIанмухIамадова