Чара гьечIого гьаризе ккола прививкаби
Месед ккола бахунеб вирусазулаб захIматаб унти. Лъималазул инфекциялъун рикIкIунеб букIаниги, гьеб бахуна месед унтуда данде иммунитет гьечIел бокьараб ригьалъул гIадамазде. Лъималазде дандеккун чIахIиязе гьеб унти цIакъ захIмалъула.
Месед унти бугев чиясда аскIове прививка гьабичIев чи ккани, гьесдеги унти бахинчIого хутIуларо.
Лъабго гIужалъул къагIида
ТIоцебесеб гIуж (катаральный) байбихьула хIалуцараб унтигун: бетIер унтула, квен рихуна, макьу хола, цIа-кан бахуна 39-40 градусалде, хIалцен ва мегIерччин щола. Гьелдаса хадуб чорхол хIал лъикIлъизе бегьула, амма цо къо гьоркьобги бахъун, цIидасан унтула, цIа-канги бахуна. Гьеб мехалда кIаркьабазда жанисеб рахъалда хъахIал тIанкIал лъугьуна.
КIиабилеб ккола тIаде багIарлъи бахъунеб гIуж. Лъабго къоялъ дагь-дагьккун багIарал тIанкIал лъугьуна черхалда. ТIадерахъин бала цин гIундузде нахъе, хадуб тIолабго черхго цIола. Бохдузде багIарал тIанкIал ралеб мехалда мегIерччин, хIалцен ва магIу чвахи цIикIкIуна.
Гьелдаса лъабго-ункъо къо ун хадуб байбихьула лъабабилеб гIуж, гьеб заманалда жаниб цебеккун тIаде жо бан букIарал бакIал ракъвазе лъугьуна ва гьел рукIараб бакIалда сурукъал (пигментация) тIанкIал лъугьуна. Гьеб буго меседалъ унтарал сахлъулеб заман.
Меседалдаса хадуб унтизе бегьула цогидал захIматал унтабазги. Масала, месед унтул энцефалит (гIадалнах гьорозабулеб); беццлъи; менингит, менингоэнцефалит ва полинефрит; ларингит ва ларинготрахеит (лъималазул хIухьел цIалел мащаби къварилъула ва хIухьел цIазе захIмалъиялъ гъанкъизецин рес буго); гьуърул гьорой; отит. Месед унтуца туберкулезги багъаризабизе бегьула. Лъимаде йигей чIужугIадан месед унтуца унтани, ургьиб бугеб лъимер хола.
Унтудаса цIуниялъе сабаб
Месед бахине рес буго гьелъул вирусалде данде прививка гьабичIел яги гIураб иммунитет гьечIел гIадамазде. Прививкаялъ месед унтудаса цIунула. Гьединлъидал прививкаби гьаризе ккола.
Поликлиникабазда гьарула тIолгодунялалъул сахлъицIуниялъул гIуцIиялъул тIалабазда рекъон хIадур гьарурал вакцинаби. Вакцинабиги гьарула профилактикиял прививкабазул миллияб календаралда рекъон. Лъималазде месед унти бахинаредухъ прививка гьабула лъагIел ва анлъго сон базегIан. Вакцинация жиндир заманалда гьабун букIун батичIони, чIахIиязеги кIиго нухалда батIа-батIаго гьарула прививкаби, гьоркьоб лъабго моцIги биччан. ЦохIо нухалда гурони прививка гьабун букIинчIел чIахIиязеги чара гьечIого гьабизе ккола кIиабилебги прививка. КIиябго нухалда прививка гьабуразул месед унтуде данде 95 проценталъул иммунитет лъугьуна.
«ЧIагояб» вакцина гьабизе бегьуларо лъимаде ругел руччабазе, иммунитет загIиплъарал гIадамазе, унтаби хIалуцараб мехалда, вакцинаялъулъ ругел жалазде данде аллергия бугони, цебехун гьабун букIараб вакцинаялдаса хадур захIматго унтун рукIун ратани.
Инфекция баккараб бакIалда ругел киналго гIадамал медицинаялъул хIалтIухъабазул бербалагьиялда гъоркь рукIине ккола. Месед унтул вирусалде данде прививка яги гьеб цо нухалъ гурони гьабичIел, цереккун месед унтиги бахун букIинчIел гIадамал меседалъ унтаразде аскIоре ккани, тIоцебесеб 72 сагIаталда жаниб хехаб къагIидаялъ прививка гьабизе ккола гьезие. Месед унтуде данде прививка гьабичIел, жеги прививкаялъул заманги щвечIел лъималазе ва вакцинация гьабизе бегьуларезул чорхолъе инсанасул иммуноглобулин биччала. Гьебги унтарасда аскIор рукIаралдаса щуго къоялда жаниб гурони гьабуларо.
Цо-цо мехалда, вакцина яги инсанасул иммуноглобулин гьабун хадубги баккизе бегьула загIипабго месед унти (митигированная корь). Гьеб унтиялъулги рукIуна меседилго гIадал цо-цо гIаламатал, амма гьеб бигьаго сахлъула.
ОРВИ яги бакьазул инфекциялъул бигьаяб формаялъ унтани, вакцинация гьабизе бегьула цIа-кан гIодобе ккарабго. Аллергиялъул унтаби ругезеги вакцинация гьабизе гьукъараб гьечIо. Аллергиялъул унтаби ругезе цогидазеялдаса захIмалъулелъул месед унти хIехьезе.
Месед унтуде данде прививкаби гьаризе бегьула нужерго поликлиникаялда чIобого, участкаялъул тохтурасул бихьизабиялда рекъон.
Сакинат Атрачева,
МахIачхъалаялъул №9 поликлиникаялъул участковияй терапевт