Лагераздаса «сайгъат»

Педикулез унтудаса кин цIунилел?

 

Бицине нечараб бу­кIа­ниги, тохтурасухъеги ун чара гьечIого дару гьабизе кколеб унти буго нацIал рай. ЧIахIияб ригьалъ­у­л гIадамаз бицуна, цере гIа­дамал сахал рукIанин, гьанжейин абуни цIакъго загIипал ругин, нацIалцин раларин, ай нацIал рикIкIуна сахал рукIин бихьизабулеб шартIлъун. Гьез рикIкIуна гьанжесеб, гъорлъ химияги бугеб кванца сахлъи загIип гьабулеб бугин, загIипав чиясда нацIги баларин.
Гьебго заманалда киназдаго лъала нацI чорокаб черхалда балеблъиги.
Медицинаялъги абулеб буго нацIаз инсанасде батIи-батIиял захIматал унтаби рахинарулин.

НацI дарулъун рикIкIунаан

ГIадатияб гуреб медицинаялда рикIкIуна нацIаз гепатит (тIогьилаб унти) унти сах гьабулин. ТIул унтарал гIадамаз чанго чIагояб нацI къулчIула, сах гьарулинги абун.
ХVIII гIасруялда гIу­ру­сазул тохтур Федор Лоевскияс жиндирго «Лечебник» абураб тIехьалдагицин хъван букIана гIадатияб гуреб медицинаялда тIул сах гьабизе нацIал хIалтIизариялъул хIакъалъулъ. ГIадамаз ричунгицин росулел рукIун руго «даруял» нацIал. Чорокал рухIчIаголъабазда цадахъ чанго батIияб квешаб унтиги бичун босун букIин щибха гьезда лъалеб букIун батилеб? Жакъа медицина цебетIураб заманалдацин гьеб къагIида хIалтIизабулел гIадамал дандчIвала.
НацIаздаса гIадамазде бахине бегьула цIадул унти, бакъул унти, туляремия (хIай­ваназдаса бахунеб тIо­мол захIматаб унти). Гьез лъу­гьинабизе бегьула аллергия, экзема (лъамахIапаро), дерматит (тIомол унти), хьор­докъучIби.
Цебего кIочон тун букIараб гьеб унти, лъабго-ункъо соналъ цебе цIидасан баккана гIисинал цIалдохъабазда гьоркьоб. КIиго соналъ цебе Дагъистаналдаса Крымалде лагералде арал лъимал тIадруссинаруна, нацIал ругин ва цогидаздеги рахинарун ратанин абун. Гьелдаса хадуб республикаялда гьелъул хIакъалъулъ бицунеб рагIичIо, амма лагеразул заманалда гьеб «сайгъатги» босун рачIанин лъималин бицуна эбел-инсуца.

ЦIех-рехаз тIатинабуна

Россиялъул цо-цо газетаздаги хъвалеб буго улкаялъулго аптекабазда нацIазде данде дараби ричиялъул къадар цIикIкIун бугин. Босулеб гьечIони, бичизе лъелищха. «Московский комсомолец» (МК RU) газеталъул цIех-рехазда рекъон, 2019 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIалида жаниб, улкаялъулго аптекабазда, араб соналда данде­ккун, 9,2 проценталъ цIикIкIун ричун руго педикулез унтуде данде дараби.
Роспотребнадзоралъул баяназда ре­къон, ахирал соназда улкаялда гIумру гьабун вугев нусазарго чиясда гьоркьоб 180-203 чиясде педикулез унти бахунеб буго. Унго-унголъунин абуни, гьеб унти бугезул къадар анцI-анцI нухалда цIикIкIун батулин рикIкIунеб буго МК RUялъ. Киналго гурелъул тохтурасухъе рачIунел. ГIемерисез гьеб бахчулеб буго. НацIазул унти тIи­би­тIулеб буго чIахIиял ша­гьаразда, ай гIадамал цIи­кIкIарабгIан бакIазда. Аслияб къагIидаялъ нацI балеб буго лъабгоялдаса анлъго сон базегIан лъималазда. ЧIахIиял лъимал батIаго чIаниги, гIисинал цIикIкIун цоцазда аскIоса ричIуларо. НацIал рахаразда гьоркьор кIиабилеб бакIалда руго 15-24 барал, лъабабилеб бакIалда — 35-50 сон барал гIадамал.
Педикулез унти бахине рес буго бокьарав чиясде. РикIкIуна нацI балин рацIцIалъи цIунулеб гьечIониян. Амма цIех-рехаз «бицунеб» буго нацIазе бацIцIадаб, цIвакараб рас бокьулеб букIин ва лъадалъги гьел эркенго лъедолел рукIин. Цо чиясдаса цогидасде нацI бахине бегьула аскIор эхетун ругоницин. Гьединго унти бахине рес буго цIалул идарабазда, жамгIияб транспорталда, тукада, парикмахерскаялда ва хIамамалъубгицин. Гьединго нацI бахине бегьула педикулез бугев чи вегун вукIараб бусадасанги.

Кин сах гьабилеб?

Лъималазде нацI бахун батани, гIемерисел тохтурасухъе ине кколеб бакIалда, гьебги бахчун, жидерго «къуваталдалъун» гьезда данде рагъ базе лъугьуна. Цо-цояз хIалтIизабула цебегоялдаса гьукъараб дуст (ицалде данде гьабулеб загьру), медицинаялъул спирт, уксус, хлор, расул релъенал ва гь.ц. Тохтурзабаз лъазабулеб буго ботIрол тIом хвезаби гуреб гьезул пайда гьечIин. Бензин, нарт, дихлофос гIадал жалаз нацIал тIагIинаризеян лъугьани, чорхолъе загьру ккезе бегьула, хасго гьитIинаб лъимадул сахлъиялъе зарал гьабизе бегьула. ЛъикIаблъун рикIкIуна сагIаналъул, розмариналъул, лавандаялъул бахъараб нах расуда бахине. Гьединго тохтурзабаз рихьизарула кинал дараби педикулезалде данде хIалтIизаризе кколелали. НацIал тIагIинаризе сундасаго лъикIаб ва хIасил кьолеб къагIидалъун рикIкIуна гIисинал магIал ругеб хасаб гьоркьоялъ рас хай. Хазе лъикIаб буго щибаб къоялъ. Чияр гьоркьо, заколкаби, рас бухьунел жал, кIаз ва цогидалги алатал хIалтIизаризе бегьуларин малъизе ккола лъималазда. Роол лагераздаса лъимал тIадруссун хадуб, гьезухъ лъикI халгьабизе ккола. Гьединго халкквеяла гъоркь рукIине ккола школалде яги лъималазул ахикье хьвадулел лъималги.