ГIажалалъул «тохтур»
КIочон тезе мустахIикъал малъа-хъваял
Медицина кигIан цебетIуниги, гIемерисезда кIочон толел гьечIо сахлъи «цIунизелъун» умумузго хIалтIизарулел рукIарал къагIидаби. Хасго гьитIинал лъимал унтани, гьелда сверухъ тухумго бакIарун, некIо жидецаги гьадин сах гьарулел рукIанин лъималиланги абун, жидерго къагIидаби малъизе лъугьуна чIахIияб ригьалъул гIадамал. Умумузул заманалда гьанже гIадаб медицина букIинчIелъул, жидерго лъималазул сахлъи цIунизе батIи-батIиял ресал ратулаан гьез. Жакъа медицина цебетIураб заман букIаниги, умумузул малъа-хъваял хIалтIизарулел руго цо-цояз.
Жакъаги цо-цо улбуз лъимер сах гьабизеян хIалтIизабула эбелалъул рахь, порол сок, квачалъул унти бугони къанцIа яги гIаракъи бахун черх лъулъала. Педиатраз гьел къагIидаби къабул гьаруларо ва какула. Амма кигIан тохтурзабаз бадирчIваял гьаруниги, заралиял гIадатал тезе кIолеб гьечIо нилъеда. КIудабазул малъа-хъваязухъ гIенеккулел гIолохъанал эбел-инсуда бичIчIулеб гьечIо гьединал жалаздаса лъимадул гIумрудуе хIинкъи букIин.
«Нижецаги гIезегIан лъимал гIезаруна, умумузул къагIидабазда рекъон дару гьабунин абун жеги цогIаги лъимерги хвечIо», — ян абула гьез. ГIолохъанал улбузин абуни, бокьаниги бокьичIониги, тIасабищулеб буго гьанжесеб медицина. Умумузул къагIидаялда дару гьабиялъ яги бакъвазабураб рахьдал (смесь) бакIалда гIакдал рахь яги мани-карщ кьеялъ лъимадул сахлъиялъе зарал гьабулин бицуна педиатразги. Кинал малъа-хъваяздаса инкар гьабизе кколеб? Умумузул малъа-хъваяз сахлъиялъе кинаб зарал гьабизе рес бугеб?
«МегIерччин щун бугони, магIарзухъе эбелалъул рахь тIинкIи»
ГIемерисез лъимадул мегIерччин бугониги, гIин унтун бугониги, гьеб сах гьабизе каранзул рахь тIинкIизе кколин абула. Дарабаздасаги лъикIаб бугинги рикIкIуна гьеб. Амма гьеб пикру мекъаб буго. Инсанасул магIазукъалазухъ рижун рукIунел гIисинал расаз кумек гьабула магIазухъа къватIибе бачIунеб лъамалъи битIун хьвадизе, гьеб къагIидаялда магIазукъалалги жаниса рацIцIуна. МагIазухъе каранзул рахь тIинкIани, гьелъ магIазухъ рижарал расал дандрекIинарула, гьединлъидал жидедаго тIадаб хIалтIи тIубазабун гьезухъа бажаруларо. Гьеб гуребги, каранзул рахь бацIцIадаб букIунарелъул (нестерильный), гьеб тIинкIун хадуб магIазухъ бактериял лъугьинеги бегьула. Гьелъул хIасилалда лъимер т1адеги унтизе рес буго.
«Лъимер бухIараб лъелъ
мочалкаялъ чвердезаби»
Цо-цоязда ракIалде ккола лъим бухIараб бугебгIан лъикIаб букIунин лъималазе ва гьез лъимер 40 градусалъул лъелъ чвердезабула, сапунги бахун лъикIго мочалкаялъ лъулъала. Амма гьеб бегьулеб жо гуро. БухIараб лъеца лъимер багIаризабула, цIа-кан бахинабула. Лъимер чвердезабизе хIажалъула 37 градусалъул хинлъи бугеб лъим. ГьитIинаб лъимер щибаб къоялъ сапнаца яги цогидал чурулел жалаз чвердезабизеги бегьуларо. Гьелъ тIомол бактериязде дандечIолел жал мукъсанлъизарула, гьединаб лъимаде инфекцияги бигьаго бахине рес буго. ГIадатияб сапунги хIалтIизабизе бегьуларо, гьелъ тIом бакъвазе, хъартIизе гьабула. Гьанжего гьанже гьабураб лъимер мочалкаялъ чуризе лъугьуна цо-цо кIудаулбул. Лъимадул тIом цIакъ тIеренаб ва хIеренаб букIунелъул, мочалкаялъ лъулъани гьелда ругъун лъугьине бегьула.
«Гордал рагьуге –
гьури речIчIизе гурин»
КIудаби лъимада гьури хъваялда хIинкъун рукIуна. Лъимада гIетI бан бугони яги чвердон бугони, гьури чIваледухъ гордал рагьизе лъикIаб гьечIо. Амма щибго квалквал гьечIониги, кидаго къан гордалгун рукIине бегьуларо. Лъимер унтизе бегьула хинаб бакIалдаса цIакъго квачараб бакIалде бачунеб бугони. Лъимал гордухъа бачIунеб цIияб гьаваялъ гуро унтулел, гьел унтула чорокал бактерияз ва вирусал рахиналдалъун. Щибаб къоялъ горду рагьун рокъобе цIияб гьава биччалеб бугони, гьел заралиял бактериялги вирусалги рокъоб гьава хисиялдалъун тIагIун уна. Киналго гордалги къан, хIухьелго цIилъулареб бакIалда унти багIаризабулел (патологические) микроорганизмал цIикIкIуна ва бокьаразде бахине бегьула унти.
«Лъимер къан бущи»
Лъимер бущани, лъикI кьижула. Гьелъул магIна кколаро лъимер цIакъго къахIазабун бущине кколин абураб. Макьидаса туркIун борчIиларедухъ лъимадул гъуждул рухьарабги гIола. КъахIазабун лъимер бущани, бохдул ритIулин абураб пикруги мекъаблъун рикIкIуна тохтурзабаз. Нагагь гьабуралдасаго лъимадул бохдузул дисплазия бугони, къазабун бущани, унти жеги хIалуцинабула. Къазабун бущараб лъимер цIакъго багIаризе бегьула, гьелъул бидул хьвадиги хIухьел цIайги хисизе рес буго, ччорбалги загIиплъула.
«Бакъвараб (смесь) ва гIакдал рахь»
Цебе лъимер хахизабизе чи щвечIони, гьелъие гIакдал рахь яги манная крупаялъул карш кьолеб гIадат букIана. Гьедин гьабулаан рес къотIиялъ. Лъимадул загIипаб чорхое гIакдал рахь цIакъ бакIаб ва заралияб бугеблъи чIезабун буго тохтурзабаз. Жакъа рес буго эбелалъулаб рахьалде жиб гIагараблъун рикIкIунеб, бакъвараб рахьдал нигIматал (смесь) росизе. Лъимадул сахлъиялъе дандекколедухъ щибаб ригьалъе батIи-батIиял руго гьелги. Амма гIемерисел кIудаулбуз лъималазе кьолел смесал рикIкIуна «химикаталлъун» ва гьелъул бакIалда гIакдал рахь яги мани-карщ кьезе кколин чIола.
ГIакдал рахьдалъ лъимадуе бегьулареб беэнлъи цIакъго цIикIкIараб буго. Гьелда гъорлъ ругел 20-ялдаса цIикIкIун белкаби риинаризе лъимадухъа бажаруларо. Кколеб хIалалда риинчIел белкаби бакьаз жидедаго гъорлъе цIала. Гьелъул хIасилалда кванил нигIматазде аллергия баккула. Статистикаялъул баяназда рекъон, щибаб щуабилеб лъимадул лъугьунеб буго аллергия. ГьитIинаб лъимадул чорхое белок захIматаб бугелъул, гьелъ кьара гьарула ва чакрил диабетцин лъугьине бегьула. Гьединго гIакдал рахь сабаблъун лъимадул чорхолъ железо ва цо-цо витаминал камула.
Манкаялъулъин абуни букIуна глютен, ай клейковина – ролъалда яги цогидал нигIматазда гъорлъ букIунеб белок (синумахIаб). Гьебги лъимадул чорхода бихIинабизе кIоларо. Гьединлъидал тохтурасулгун гIакълу дандбазе ккела, лъимадуе дандекколеб бакъвараб рахь тIасабищизе.
«Сапнал кесекалъул «кумек»
ГьитIинал лъимал гIемер рукIуна чехь унтун хъублъи гьабизе кIоларого. Гьелъие гIиллалъунги гIемерисеб мехалда дисбактериоз ва кванирукъгун бакьал загIиплъи ккола. ГIемерисез лъимадуца хъублъи гьабиледухъ сапнал кесек хIалтIизабула. Гьелъин абуни лъимадул бакь унтизабизе бегьула. НекIсиял къагIидаби хIалтIизаричIого, медицинаялъ бихьизабураб къагIидаялдаса пайда босизе ккола. Жакъа нилъер аптекабазда бокьанагIан дараби руго.
«Юргъаналъулъ жеми»
Сири балеб бугони, лъимер юргъаналъулъ жемизе кколин, гIетIги бахъун, хадуб цIа гIодобе кколин рикIкIуна цо-цояз. Гьедин гьабуни, цIа-кан жеги цIикIкIуна.
39,5 градусалдаса цIикIкIун цIа-кан бахани, лъимадул гIадалнахуе, рекIее ва хIухьел цIаялъул лугбазе зарал ккезе бегьула.
Лъимадул цIа-кан бахунеб бугони, гьелдаса ретIел бахъила ва рокъобе горду рагьила. ЦIа-кан бахараб лъимадуе лъим цIикIкIун кьезе ккола. Жеги лъабго моцI бачIеб лъимадул цIа-кан гIодобе ккезабизе ккола гьеб 38 градусалде бахунаго, лъимер кIудияб бугони — 38,5 градусалде бахунаго.
«ГIаракъи яги къанцIа бахин»
Лъимадул цIа-кан бахун бугони, гIемерисез малъула гъоркьахIатIазда ва мугъалда гIаракъи яги къанцIаги бахун лъулъазе кколин. Амма лъазе ккола, гьединаб къагIидаялъ лъималазул чорхолъе загьруял жал ккезе бегьула. КъанцIаялъ ва гIаракъиялъ тIомол рихьал рукIкIинаризе бегьула. ЦIа-кан гIодобе ккезелъун гIаракъигун къанцIа лъималазда бахунезда ракIалде ккола гьелъ кумек гьабулин абун. Амма гьез гIицIго тIомолъа цIа-кан къватIибе кьезе квалквал гьабула. Гьелдалъун тIом цIорола, цIа-канин абуни жанибе сверула. Жанисел лугбазул цIа-кан борцине бажаруларелъул. Гьеб мехалда лъимер жеги захIматго унтула. ХIинкъизе бегьуларо лъимадуе цIа-кан гIодобе ккезабулел дараби кьезе. АхIизе ккела бакIалъулав тохтур яги хехаб кумек.