Исана 35 сон тӀубала БежтӀа участок гӀуцӀаралдаса. Гьелда бан редакциялда ракӀалда буго участокалъул тарихги халкъалъул гӀумруги рагьулел макъалаби газеталда рахъизе. БежтӀа участокалъул администрациялда церечӀарал масъалабазул хӀакъалъулъ нижее бицана муниципалияб гӀуцӀиялъул бетӀер Шамил Арадаховас. — Шамил, дуца участокалъе нухмалъи гьабулеб буго ункъо соналъ. Щиб гьабун бажарараб гьеб болжалалда? — Муниципалитеталъул масъалаби гӀемерлъиялъ, гьел тӀуразариялъе нухал...










