Новость на родном

Аргъвани: гIарацги иманги-цого гьакида

      Шамалдаса умумул        Араб анкьалда магIарухъе гьабураб нижер иргадулаб сапар Аргъванибе букIана. Хасго чанго соналъ цебе гьеб росдал тарихалъул хIакъалъулъ тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ хъвараб тIехь цIалун хадуб цIакъго гъира ккун букIана ГIанди округалъул диванчи Абакар-дибирасулги, имам Шамилил разведчик Барбарал Ибрагьимилги, репрессиязул кIичIикье ккарав магIарул газеталъул бетIерав редакторлъун вукIарав машгьурав гIалимчи ГIабдулатIип Шамхаловасулги,...

Новость на родном

Салам, гIагараб тIалъи! Салам, дир Хунзахъ район!

    Гьале гIедегIулей йиго нахъеги магIарухъе, гIагараб Хунзахъе. Гьаб нухалдаги- гIажаибго берцинаб байрамалде, умумузул гIадатал тIад руссунел талихIал лахIзатазухъе гьоболлъухъ. Хъил тIун цIвакизарурал кIичIарал нухалги нахъа толаго, яхуней йиго хунздерил тIалъуде.     Хунзахъ «шагьаралде» гIагарлъулелъул, дандего бачIана гьелъул тарих.     НекIсияб Хунзахъ. Дуца ракьалда бекьанщинаб гьунар, наслабазе тарабщинаб гIакълу.     Гьаб...

Новость на родном

ТIалъиялда бараб кIиго къо

         БакьайчIиса махх бухулев ГIабдулагьилги МахIачхъалаялда жалакьурисес гьарурал гьунаразулги бицунаго, Хунзахъе щун ратана. Гьединал жал рицине пагьму бугилан, БакьайчIиса Шамилил Бахуда (МухIидинова) хIайранлъун хутIун нижги рукIана.      ХУНДЕРИЛ ЯСАЛ      Гьейгун цадахъ дунги ТIанусиса Расулил Шамайги (Хъазанбиева) Хунзахъе иналъе гIиллалъун ккана хунздерица цо «гIассияб» сухIмат гьабулеб бугилан рагIи. Гьениреги ниж...

Новость на родном

Киназдаго релълъараб, лъиданиги релълъинчIеб

       Гьал къоязда Дагъистаналде рачIун рукIана «Вместе.РФ» абураб федералияб (федерациялъул советалъул) телеканалалъул мухбирзаби Артем Пашнин ва Михаил Чупрасов. Гьезул масъала букIана Федерациялъул советалда тIоритIизе ругел «Дагъистаналъул къоязде» республикаялъул социалиябгун экономикаялъул гIумру бихьизабулеб программаялъе материал хIадур гьаби (передачаби рихьизаризе руго ОРТ ва Россия-24 каналаздасанги). Гьел щвана Гъарабудагъкент, Хъунзахъ, Бабаюрт, Гъуниб районазде.      СалтIа...

Новость на родном

Бакълъулазул ракьалда дармилгун ихтилаталъул байрам

   30 январалда Гумбет районалъул Гъоркь Инхо букIана кIудияб тадбир. Республикаялъул мугIрузул росабазда гьоркьоб тIоцебе гьениб тIобитIана росдал магIишаталъул ярмарка. Тадбиралъул гIуцIарухъаби ккола ДРялъул Росдал магIишаталъул министерствоги Гумбет районалъул нухмалъиги. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса 100 сон тIубаялъул хIурматалда хурхинабуна гьеб тадбир. Амма Инхо ярмарка тIобитIиялъулъ букIана цоги кIудияб магIнаги гIиллаги. Гьеб росулъ умумузул за- маналдаго сверухъ...

Новость на родном

АхIи базе ккараб хIал

Коронавирусалъул унтудаса цIуниялъе гIадамаз щиб гьабулеб буге­бали бихьизе росабалъе унев Гъуниб районалъул бетIер МудунхIажи Къадировгун цадахъ ниж щвана Кудалиб росдал участкаялъулаб больницаялде.   Ниж рачIиндал, больницаялъул хIалтIухъабаз бицана жидер гьа­ниб гьалбал гIодор чIезаризе сах-саламатал бакIалцин гьечIин абун. Хъваш-баш гьабун хадуб, районалъул бетIерас, больницаялъул хIалтIул, гьенир гIолел-гIоларел рахъазул, цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ бицун, медицинаялъул хIалтIухъабазулгун данделъи...

Новость на родном

МагIарухълъи берцинлъулел ишал

Лъим бугеб бакIалда гьитIинабго бугониги къулгIа балеб гIадат букIана нилъер умумузул. Свакан унев чи, нухда къулгIа батидал, жиндир рукъалъул бокIон батарабгIан вохулаан. Щивасе санагIаталъе бараб бакI гьеб букIинги бичIчIун, гьениб рацIцIалъиги цIунулаан. Гьениб какги бан лъимги тIад гьекъон, хIангун чедги кванан чучулаан нухлулазул свак. ЦIияб къуват, чIаголъи бачIунаан лъелго унел гьезул махIабалъе. Какие чуризе лъим,...

Новость на родном

ГIадамал дагьлъулел рукIин – бищунго захIматаб масъала

Шамил районалъул МачIада росу буго гьидерил жаниблъиялда, сверун рохьаз ккураб, гIумру гьабиялъе санагIатаб, тIабигIат берцинаб бакIалда.Жакъа росдал жамагIаталъул гIумруялъул, администрациялъ гьарурал хIалтIабазул ва цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна бегавул ХирамухIамад ГъазимухIамадовасулгун.   — ХирамухIамад, МачIада абураб цIар кин бачIараб, гьелъул магIна щиб? — ГIага-шагарго Х-XII гIасрабазда росу букIун буго Соло абулеб бакIалда....

Новость на родном

Даруял иццазул къисмат

Мокъокъ росдадаса кIиго километралъул манзилалда, бакътIерхьул рахъалда, Микьуда гIурул рагIалда буго ицц. Гьениса лъим гьекъолеб мехалда цо дагьабго чIабтIил махI чIвала. Гьеб буго кванирукъалъе цIакъ пайдаяб лъим. Гьелда халкъалъ лъун буго «Бодохская минераль­ная вода» абураб цIар (БМВ).   Мокъокъ МагIарухъ хIалтIулев цо тохтура­сул квералда байбихьун букIана экзе­ма. Чанго батIияб дару хIалтIизабуна тохтурас, амма хIасил ккечIо....

Новость на родном

Кьурулъан чвахулеб чабхил иццул сас

КьилимагIарде гьабураб сапаралъул ялъуни, кьурул сирталги квегъун, магIарде лъим бачараб куцалъул хIакъалъулъ репортаж.   Жакъа бицине буго бацIцIадаб магIарухълъи гъорлъ бессараб са­паралъул хIакъалъулъ. Коронави­русалъул цо рагIи гъорлъ букIине гьечIо гьаб макъалаялда. ГIела, чIалгIана, бадиса баккана «корона­ги, пандемияги, карантинги», авал­ги-ахирги биларал гIорхъичIваял лъазабурал къоялги. ТIокIаб бици­не жойищ нилъер гьечIеб? КигIан бокьаниги буго. Доб лъимала­зул кочIолъ гIадин:...