Гьал къоязда республикаялда гьоболлъухъ буго Башкириялдаса Салават шагьаралъул театр. Дагъистаналъул театралъул тарихалда гьел ккола тIоцебесеб нухалда нилъехъе рачIарал гьалбал. Федералияб программаялда рекъон, Авартеатралъ гьабураб хIалтIул хIасил ккола гьеб. 16 апрелалда гьез бихьизабуна лъималазул спектакль — «Алладинил хIалкIояб чирахъ» абураб маргьа. Спектакль лъугIун хадуб Авартеатралда гьез тIобитIана пресс-конференцияги. Салаватиялъул драмтеатралъул хIалтIухъабаз бицана жидерго театралъул тарихалъул, Дагъистаналде...
