КIочонареблъун букIина улкаялъего Расулил Сон

Араб соналъул хIасилалги гьарун, исана хIисабалде босараб хIалтIул бицана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ, талат къоялъ республикаялъул журналистазулгун дандчIваялда. Жидерго идараялда тIобитIараб гьеб данделъи нухда бачана РИА «Дагестан» агентствоялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас.

 

Миллияб проекталда рекъон, культураялъул бутIаялда гьарун рагIалде рахъарал чIахIиял хIалтIабиги рехсон, республикаялъул маданияб рахъ цебетIеялъе гьелъул хIажалъиялъул бицана министралъ.

 

Аслияб къагIидаялъ Зарема Бутаевалъ тIадчIей гьабуна Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубаялда хурхун исана республикаялда ва улкаялда тIоритIизе хIисабалде росарал чIахIиял тадбиразда:

 

— Расулил Соналъе гвангъараб байбихьи лъуна 1 марталъ республикаялъул ГIурустеатралда, хадубккунги гьеб тIадегIанаб даражаялда тIобитIизе буго Россиялдаго. Расул ХIамзатов ракIалдещвеялъул хасаб программагун нилъер искусствоялъул гьунарчагIи, театразул коллективал щвезе руго республикаялъул районаздегун шагьаразде, улкаялъул регионазде, хIатта къватIисел улкабаздецин. Тадбиразул программа цIакъ бечедаб буго, гьеб гIуцIизе нижее кIудияб квербакъи буго «Росконцерт» федералияб идараялъул.

 

Зарема Бутаевалъ загьираб пашманлъигун ракIалдещвезавуна, дагьалъ Аллагьасул къадаралде щварав, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев МухIамад АхIмадов:

 

— РакIал унтараб, ками ккана нилъее исана лъагIалил байбихьудаго. Хасго гьадинаб кIваралъул хIалтIи гьабулаго хьолбохъ МухIамад АхIмадов гьечIолъи — гьеб нижее буго квербекараб чIобоголъи.

 

Жиде-жидер миллаталъул маданияб ирс цIуниялда хурхарал суалал рорхана гьенир республикаялъул газетазул вакилзабаз. Шамил районалъул къелдерил фольклор цIуниялъе, гьезул маданияталъун мина цIигьабиялде кIварбуссинабураб букIана «ХIакъикъаталъул» рахъалдаса министралъе кьураб суал.

 

— Нилъер халкъазул хаслъи, рухIияб ирс цIуни — гьеб цIакъ кIварбугеб суал буго, — ян абуна министралъ. — Гьал ахирал соназ гIемераб хIалтIи гьабун рагIалде бахъана миллияб «Культура» проекталда рекъон республикаялъул райцентразда, росабалъ анцI-анцI клубалгун искусствоялъул школал къачIана, цIидасанги гIезегIан рана. Рагьулел руго заманалъул тIалабалда рекъарал библиотекаби, цогидал культураялъул идараби, гьеб хIалтIи тартибалда унебги буго жеги. Жидер районалда ва росулъ гьединаб хIалтIи рагIалде бахъин, бакIалъулал нухмалъулезул хIаракаталда, законалъул тIалабазда рекъон жиндир заманалда документал хIадуриялда бараб буго, — ян абуна Зарема Буттаевалъ.

 

Ахиралдаги министр тIадюссана пресс-конференциялъул аслияб тема-Расулил Соналде, щаклъи гьечIого, гьаб тIубараб лъагIелго нилъее киназего ракIалда чIолеблъун букIинин абуна гьелъ.

 

Расул ХIамзатовас 100 сон тIубаялда хурхун тIоритIулел тадбиразул мухIканлъи лъазе бокьаразе, хIажатал баянал руго культураялъул министерствоялъул сайталда.