Асарцин букIинчIо чIамучIлъиялъул

Рохалил ракIалги цIун руссана магIарулал 20 марталъул къаси Авар театралъ бихьизабураб, бетIерав режиссер МухIамадгIарип Сурхатиловас лъураб, «Саба Меседо» трагедиялъул премьераялдаса.

Авар театралъул зал цIурал спектаклялги гIезегIан рихьана, актеразул гьунар бихьун хъат ч1валезулъги чанги йикIана, амма гьеб сордоялъ букIараб гIадаб багъа-бачари ракIалда гьечIо.

 

Премьераялда байбихьудаса ахиралде щвезегIан тIаде рахъинчIого залалда рукIана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаеваги, республикаялъул миллиял театразул нухмалъулелги. Балагьизе рачIаразулъ гIезегIан халлъана батIи-батIияб миллаталъул гIадамал, (актеразул калам магIарулалдаса гIурус мацIалде буссинабун рагIизабулел аппаратал руго театралъул). ХIалтIул анкьил байбихьи бугониги шагьараздаса гурелги магIарухъаги вачIун вукIана гIемерав чи. «МагIарулазе Авар театралъул гIатIилъи гIезехъин гьечIо, цIияб, жеги кIудияб мина базе ккола», — ян махсаро гьабулеб букIана, гIодорчIезе бакIал щвечIого балъабазда кIусарал гIадамаз.

Щай нилъее ГIабасил МахIамадил гьеб пьеса цIидасанги сценаялда чIаголъизабиялъул гьедигIанго кIвар бугеб, гьеб бихьилалдего щайха васвасаз ракI басараб? МагIарулазе кIвар бугел лъугьа-бахъиназдаса махIрумлъараб гьаб заманалъул рухIияб тIалабги, тIадегIанаб даражаялда гьеб асар бихьизе бугеб хьулалъ ратила цереккунго суалал рижаралги.  

            

Вас гьавидал рахьи бала    

 

Театралияб махщалил тIалъи босарав, магIарулазул ракIазулъ рукъ ккурав МахIмуд ГIабдулхаликъовас ГIабасил МахIамадил драматургиялъул рахъалъ хъван нахъе тарал пикраби цIидасанги ракIалде щвезаризин: «БугIуд ккараб буртинаялъ цIад жанибе биччаларо. Драматургиялъе хехлъиги кIухIаллъиги — кIиябго тушман ккола, гьелъие чара гьечIеб жо буго гвангъарал пикрабиги, рагIабазул къокълъиги, магIнаялъул гъварилъиги. Гьеб киналъго гугьар базабун букIуна ГIабасил МахIамадил драмаялъул асаразда. Гьелъин гьел, режиссерас постановка гIуцIизеги, артистазе хIазеги, балагьаразе ричIчIизеги бигьаял рукIунел ва халатаб гIумруялъ сценаялда хутIулел. Авторас кIудияб махщалида, рагIа-ракьанде ваккун, хIакъикъиябщинаб къалмикье бачун, поэтасул гIакъиллъиги пасихIлъиги жиндирго рекIелъ бессун хъвана «ХъахIаб росулъа МахIмуд», «Камалил Башир», Саба Меседо». ГIащикълъи, берцинлъи ва согIлъи — гьеб букIана лъабабго пьесаялъул аслияб магIна. Вас гьавидал магIарулаз рахьи бала гIумру халатав ватагиян. ГIумру халатал васал ратана ГIабасил МахIамадил «ХъахIаб росулъа МахIмудги», «Камалил Баширги». «Саба Меседойин» абуни ханас хеккого «ГIакаро» мугIрул тIогьий гIунун хвезаюна. Амма гьейги гIумру халатай йикIине йиго, иншаллагь».

        

Гьанже гIадал ресал рукIинчIо цере

 

ТIоцебе лъураб «Саба Меседо» халат бахъун хутIичIо сценаялда. Щайдай гьелъул гIумру додигIан къокълъарабин кьураб суалалъе гьадинаб жаваб гьабуна, цебесеб постановкаялда Баланурил роль хIарав, нилъее къиматав ХIусен Казиевасе.

 

— Зайнаб ХIамзатовалъ – Сабал, дица — Баланурил образал рихьизаруна доб мехалъ, — ин ракIалде щвезабуна ХIусеница. — Щаялиго, советияб заманалъул зрителас гIемер гъираялда къабул гьабичIо цебесеб «Саба Меседо». ГIабасилас гьанжего гьанже хъвараб цIияб пьесаги букIана гьеб. Нилъерго хъвадарухъабазул асар сценаялда лъолелъул живго автор вукIунаан залалда гIодов чIун, жидер бихьиялда рекъон щибго хис-бас гьабизеги режиссерасул изну букIунароан. Гьанже гIадин лъикIал декорациял, бечедаб ретIа-къаялъе ресалги рукIунароан. РакIчIун абизе кIоларо гьелъул гIумру къокълъиялъе гIилла. Гьанжесала Сурхатиловас лъураб постановка балагьулез цIакъ лъикI къабул гьабунин бицана дида. Дун гьелдаса вохаравги вуго, нижехъе вачIарав чи разиго нахъе ин, цIидасан тIадвуссине гъира бижи — гьеб буго театралъул мурад. Цоги, лъикIаб хIужжа буго театралияб искусствоялъул къимат лъалев, адабият, тарих бичIчIулев чи нижер директор вукIин. Гурони, гьедин сахаватго сурсатал риччалароан. Щаклъи гьечIого абила дица, БисавгIалиев вугин театралъе бетIерлъи гьабизе гуребги художествияб нухмалъиги гьабизе бичIчIи бугев чи. МагIарулазул къимат борхулел, къадру батулел постановкаби рукIине ккола сценаялда.

      

         

ХIикматаб бакъан кинигин чваххулеб магIарул мацI

 

Дагъистаналъул Поэзиялъул театралъул бетIерай режиссер, махщалил хIалбихьиялъе байбихьи Авар театралъул сценаялда лъурай, Изумруд ГIалиева республикаялъул театралияб гIумруялда жаний йиго 35 соналъ. ГIадатияй балагьулей хIисабалда «Саба Меседоялъ» жиндиего гьабураб асаралъул бицана гьелъ нижер гьариялда рекъон:

 

— Къокъго абуни, спектакль лъугьана. Цебегоялдаса нахъе бихьичIо Авар театралъул сценаялда гьедин бечедал декорациялги актеразул ретIа-къайги. Сундаго барахщичIого сурсатал риччан рукIин бихьулеб буго. Гьеб рахъги цIакъ къабуллъула балагьаразе. КIиабизе, битIараб бицани, дир жанисеб хIинкъи букIана гьеб щвалде щун балагьулезухъе кьезе бажаричIого букIинадаян. Щайгурелъул, жибго пьеса буго жакъа сценаялда лъезе бигьаяб гуреб, цIакъго некIсияб темаялъул. Байбихьудаса ахиралде щвезегIан дирго кинабгIаги асар букIинчIо чIамучIлъиялъул, актеразул махщалил даража гIейгьечIеб бугин абураб пикруги бижичIо. ЦIакъго бокьана, хIикматаб бакъан кинигин рекIелъе чваххулеб магIарул мацIалъул гугьар — тIад квартIа кIутIизе бакI гьечIеб, ГIабасил МахIамадил пасихIлъи. Иргадулаб нухалъ рохел кьуна гIолохъанав актер Ибрагьим МуртазагIалиевасул хIаялъ. Жинца бихьизабулеб образалъул сурат бахъун балагьаразул рекIелъ лъун бажарулеб гьунар буго гьесул. Спектаклялда гIахьаллъарал цогидал актералги цIакъ махщалида хIалтIана. ГIамгьабун абуни, цIакъ лъикIаб, кIудияб иш гьабуна МухIамадгIарип Сурхатиловас. РакIчIун жиндир бохдузда щулаго эхетараб, гIумру халатаб спектаклъун «Саба Меседо» лъугьиналда божана дун. Театралияб искусствоялъул махщелчIужу хIисабалда цо-цо, гIиси-бикъинал ругониги, васвасалги суалалги камилищха, вукIанадай Булач гъодигIан квешав, бегьилаандай ханзабазулъ къавулъ йигей кьурдухъан-гъаравашалъ, жиндирго инжитлъиялъул гъодин рагьун бицине. Актеразул махщалилъ букIуна лъикIасулъ квешаб рахъ, квешасулъ лъикIаб батизе кколин абиги.

              

КIийиде бикьараб ракIгун щвана театралде

        

«Саба Меседо» Авар театралъ лъолеб бугин рагIаралдаса нахъе щавкъ ккун премьераялда данде балагьаразул цояв, нижер махщелцояв Ашахан Юсуповасги загьир гьаруна гьадинал пикраби: «Бахчиларо, премьераялде унеб мехалъ дир жанисеб рахIатхвейги камун букIинчIо. КIвеладай театралъул жакъасел гIолохъанал артистазда ГIабасиласул бергьараб асаралъул аслияб кьучIги, гьелъул гъварилъигун камиллъиги халкъалъухъе кьезейин. Щаийн абуни, бигьаяб масъала гуро гьеб, анцIила щуабилеб гIасруялъул ахиралдаго, хунздерил тIалъиялда ккараб тарихалде араб лъугьа-бахъиналъул тIолабго трагизм жакъа цебечIезабизе.

 

Гьединал щакдарабаз кIийиде бикьизабун ракIгун щвана дун театралде, амма спектакль байбихьун арал тIоцересел минутазго дир рукIарал щакдараби риххизаруна. КIиго сагIаталъ сценаялда лъугьунеб-толелъ асир гьавуна дунги цогидалги.

 

Искусствоялъул борхалъиялъги, актеразул гьунаралъги гьеб сордоялъ чIел босана. ЦIакъ кутакалда рекIее гIунаа Баланурил роль хIарав Авар театралъул гьунар тIокIав артист Ибрагьим МуртазагIалиев. Саба Меседол роль хIарай Амина ГIабдулатIиповалъги асир гьаруна магIарулазул ракIал. ЦIар-цIарккун рехсечIониги, киналго актераздаса разиго букIана зал».

 

     ЛъикIаб кьучIалъул мина камиллъизе сверухъ лъугьун бекIкIулел, къачIалел чIоларо нилъ, гьелъухъего гIиси-бикъинал гIунгутIаби камун ратиларо хъирщани. Гьеб рахъалъ суалалгун жавабал кьезе бакI тарихчагIазе ва театралиял критиказе тела. Аслияблъун бихьана тIаде рахъун, халатккун заманалъ, халкъалъ ч1вараб хъат. Гьеб батила, гIицIго актеразегун режиссерасе гуребги, магIарул къвакIиялъе, яхIалъе, пасихIлъиялъе ва гьунаралъе кьолеб баркала.

 

Премьера букIуна зрителасда цебе тIоцебесеб экзамен гIадаб жо, гьеб хIалбихьи бергьенлъиялда борхана «Саба Меседоялъ».