Искусствоялде рокьи сун гьечIо Башкириялда

Гьал къоязда республикаялда гьоболлъухъ буго Башкириялдаса Салават шагьаралъул театр. Дагъистаналъул театралъул тарихалда гьел ккола тIоцебесеб нухалда нилъехъе рачIарал гьалбал. Федералияб программаялда рекъон, Авартеатралъ гьабураб хIалтIул хIасил ккола гьеб.

16 апрелалда гьез бихьизабуна лъималазул спектакль — «Алладинил хIалкIояб чирахъ» абураб маргьа. Спектакль лъугIун хадуб Авартеатралда гьез тIобитIана пресс-конференцияги. Салаватиялъул драмтеатралъул хIалтIухъабаз бицана жидерго театралъул тарихалъул, Дагъистаналде рачIиналъул мурадалъул, жидерго репертуаралъул хIакъалъулъ. Пресс-конференция лъугIун хадуб, рехсараб театралъул бетIерай режиссер Лиана Нигматулиналгун гара-чIвариги гьабуна нижеца.

— Дагъистаналде дун цееги щун йикIана.ГIажаибаб рокьиги буго дир нужер ракьалде ва гIадамазде. Гьалбал хириял, умумузул гIадатал цIунараб халкъ буго нужер. Гьединго гIезегIан бечедаб буго адабиятгун маданиятги. Гьеб киналдего тIадеги, Расул ХIамзатовасулги башкиразул халкъияв шагIир Мустай Каримилги букIараб гьудуллъиги гIеларищха нилъее мисаллъун букIине, — ян абуна Л. Нигматулинаца.

— Авартеатралъе кьучI лъуралдаса тIадеялъул тIубала 90 сон. Гьединабго кIудияб тарих батила нужер театралъулги. Амма цоцахъе рачIунеб къагIида гьанже гурони билълъанхъизабулеб гьечIин ккола…

— Цере миллиял театрал рукIана жалго жидеего гIураллъун. Ниж — Башкириялда, Авар театр -МахIачхъалаялда. Цо кIудияб хIажалъи букIинчIо цоцахъе хьвадиялъул. Гьанжейин абуни, ресал цIикIкIана сапарал ва гастролал гьаризе.

— Башкириялда кинаб бугеб театралияб искусствоялдехун бербалагьи?

— Башкириялда гьеб рахъалъ кидаго букIана лъикIаб бербалагьи. Хасго чIахIиял шагьаразда ругел театралде гъираялда рачIуна.

— Нужер театралъул репертуар, аслияб куцалда, сундаса гIуцIун бугеб? Классикиял асаралищ гIемер ругел яги… Жакъасеб темаялда цIиял пьесаби хъвалел чагIи ругищ?

— Киналго рахъаздалъун бечедаб репертуар буго нижер. Классикиял асаралги гьанже хъварал цIиялги руго.

— Театралда гIумру хурхинабизе бокьарал гIемер ругищ?

— Руго. Нижер театралъул къокъаялда вуго 39 чи. Гьезул гIемерисел руго гIолохъаби. Гьеб рахъалъ къварилъи гьечIо. Амма, гIамм гьабун босани, республикаялда гIолохъанал махщелчагIазул рахъалъ гIунгутIи буго.

Ашахан ЮСУПОВ