Къисматалъул 80-абилеб свериялда

Дица гIумру тела гIадада инчIин,

ГIураб росулъгIаги дир цIар хутIани,

Хабалъ дун лъолелъул, росдал жамагIат,

ГIадан ватIалъанин, пашманлъанани…

МухIамад Биясланов. ШагIир. ГIадатияв инсан. Унго-унгояв магIарулав. МухIамадил кучIдуз кIудияб асар гьабулаан ва гьанжеги гьабула дие. Гьел руго гIадатиял, цIалдолезда ричIчIизе бигьаял. Гьезулъ нилъеда батула, тIоцебесеб иргаялда, гIаданлъи, яхI-намус цIунейилан балеб ахIи, гьединго гьесул лирикиял асараз нилъ рачуна рикIкIада хутIараб гIолохъанлъиялъул гIидраялде, ракIалде щвезарула тIоцебесеб рокьиги рокьул махI бахъарал къоялги.

ШагIирасул буго щибго цIекIлъи гьоркьоб гьечIеб, роцIараб, бацIцIадаб, мугIрул иццазул чвахиялъул гьаракь жиделъ бугеб гIищкъул дуниял. Гьаб макъала хъвазе ракIалде ккелалдеги, чанго нухалда цIалана дица МухIамадил цохIого цо бугеб «РекIел хьул» абураб тIехь. Гьанир ратана дие гIагараллъун даим хутIизе ругел, макъалаялда цере лъурал шагIирасул жугьаби. Доб заманалда лъие асар гьабичIеб Россиялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан ПатIимат Магаевалъ МухIамадил рагIабазда ахIулеб букIараб Афгъанистаналда чIварав ТIелекьа гIолиласул хIакъалъулъ кечIалъ. ШагIир МухIамадил кинаб кечI босаниги, гьеб буго гIумруялъул дарс.

Гьал къояз редакциялде гьоболлъухъе вачIун вукIана МухIамад Биясланов. Газеталъул коллективалъги баркула МухIамадида гьесул гIумруялъул 80 сон. Гьарула гьесие щулияб сахлъиги, пагьму-гьунаралъе — дагьабги борхалъиги, пикрабазе — тIадегIанлъиги. 80 сон. Гьеб гIемер гьечIо шагIирасе. Гьеб ригьалда гьесул асаразулъе чвахулеб букIуна гIумруялъул хIалбихьиги ккарал гъалатIазе кьолеб ритIухъаб къиматги.

ГIагараб ТIелекь росулъ анкьгосонилаб школаги лъугIизабун, МухIамад цIализе ана Буйнакскиялъул педучилищеялде. Гьединго лъугIизабуна ДГПИялъул филологияб факультетги. 35 соналъ хIалтIана гIурус ва авар мацIазул, историялъул учительлъун гIагараб районалда, МахIачхъалаялда, Чонтаулалда, Акнада, Кироваулалда (Манапхъалаялда).

Учитель. ШагIир. ЛъикIав инсан – гьадинал руго МухIамадил къисматалъул сверабазда цIаралги. 80-абилеб свериялде вахунагоги, гьев ритIухъавлъун хутIана гьел киналго цIаразе.

РачIаха, хIурматиял цIалдолел, нилъецаги цадахъ гьитIинабго сапар бухьинин тIадегIанлъиги гIаданлъиги кIудиял МухIамадил асаразухъе. Гьез бицина нилъее шагIирас нахъа тарал нухазулги, гьезул сверабазулги, магIарул адабияталда гвангъараб лъалкI толеб бугел шигIрабазулги хIакъалъулъ. ЦIидасанги рагIила нилъеда гIагараб ракьалъухъги рокьулел гIадамазухъги урхъараб шагIирасул, ассаламу гIалайкум, гIамал бахIарчияб халкъилан ахIулеб гьаракьги. Гьелъул гурищ бугеб шагIирасул талихIги, миллаталъул ургъелалги тIалабалги жиндираллъун лъугьин:

— Дунялалда рагIизе, магIарулал ругеблъи,

АхIизе мех щун гьечIищ киназго, цолъун, цо кечI!?

Дица кучIдул хъвана магIарулазе

 

Ассаламу гIалайкум, гIагарал магIарулал!

ГIолохъаби цIа гIадал, хараби ралъад гIадал,

ГIумруялъул аслулъун Аллагьасул нух ккурал,

Хасаб яхIалъул кьучIда кьурулъун намус тарал…

— Дие кидаго бокьулаан кучIдул хъвазе. Хъварал асаралги газетал-журналаздаги рахъулаан. Иргадулаб нухалдаги дица кучIдул ритIана газеталде рахъизе. Заманалдасан дие жаваб бачIана кучIдузул гIемерго тIад хIалтIизе кколеб хIал бугилан абун. Къокъаб хIасил, кучIдул лъугьун гьечIилан бичIчIизабуна. Ва дида ракIалде ккана кучIдул хъвачIого тезе. Доб заманаялъ, гьанже гIадин, шагIирзабаз цогидазул кучIдул къачIалеб гIадатги букIинчIелъулха. Амма Каримулагь ГIабдулаевас дун тIадвуссинавуна дирго шигIрияб дунялалде. Гьесул насихIатаздаса хадуб дица цIидасанги байбихьана кучIдул хъвазе. Дица кучIдул хъвана магIарулазе. Гьез кьела гьезие къиматги, — ян байбихьана МухIамадица нижергун гара-чIвари.

Хъвана магIарул композитораз гьесул кучIдузе бакънал. Аслияб къагIидаялда рехсезе бокьун буго Каримулагь ГIабдулаевасул цIар. Гьел цадахъ хIалтIулел рукIана Чонтаул росдал школалда учительзабилъун. Дагъистаналъул халкъияв артист ХIажилав ХIажилаевас ахIулеб жиндир 27 кочIое бакъанги хъванин Каримулагьицайилан ракIалде щвезабуна МухIамадица. Гьадин хъвана гьес бакъназул устарасул хIакъалъулъги:

— Дур бакъналъан дида мугIруз щурула,

МагIарул намус-яхI рехугейилан.

Рорхалъалабазда цIумал роржуна,

ЦIваби ругин нилъер гIадамалилан…

 

Дур бакъназулъ дида булбул бихьула,

Бай рокьуй какилан, кучIдул ахIулеб.

ХIасраталъул ралъдал гьулчи рагIула,

ГьечIин гIумру гIадаб берцинлъийилан…

М. Бияслановасул кучIдул къабул гьаруна магIарулаз. Гьелъул магIнаги ккола шигIруялъе кьураб МухIамадил гIумруги гIадада инчIин абураб. МухIамадил шигIрабазе кIиабилеб хIухьел кьуна бакъназул устар Каримулагь ГIабдулаевасги кочIохъаби ПатIимат Магаевалъ, МухIамадтIамир Синдикъовас, ХIажилав ХIажилаевас, Апанди ИсмагIилхIажиевас, ТIелекьа ХIабибица, ХIусен ГIамирхановас ва цогидазги.

Ва гьале цIидасанги рагIулеб буго дида гIагараб магIарул миллаталъулги Дагъистаналъул букIинеселъулги пикрабазда вугев шагIирасул гьаракь:

— Нилъер чорхолъ бугеб би цо умумузул гурищ?

РачIа рекъон хIалтIизе, хIурмат цоцазул гьабун…

РачIа, къец бан, босизе гIелмуялъул борхалъи,

ГIакълуялъул гъварилъи, адабалъул берцинлъи!

РачIа, къец бан цолъизе, цадахъ церехун ине,

Цоцазда гъуждулги цун, цо нухдасан рилълъине!

 

Мун вуго талихIав чи

Гьадин хъвалеб буго шагIирас цо кочIолъ. Сундулъха бугеб инсанасул талихI. Гьелъул хIакъалъулъ жиндирго пикраби руго МухIамадил. «Дица гIумру тела гIадада инчIин» абураб кечIалъго гIадин, гьелъги гIумруялда тIад ургъизе тIамуна дун. Ва ракIалде ккана кечI гьаниб тIубанго кьезе:

— Ватани гIагарав чи, ракI-ракIалъ мун вокьулев,

Бикьун, дур бакIлъиялъул раччи мугъзада балев,

Балъгояб жахIда гьечIев, лъороб лъун гамачI гьечIев,

Гьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихIав чи!

 

 Ватанани мадугьал, дур рукъ къватIиб чIваларев,

ЧIчIел босизе цингIаги мун виччазе къасд бугев,

Къадру дур борхизелъун, рагIи абун, кIалъарав,

Гьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихIав чи!

 

Ватани жеги гьудул, гьитIинаб мехалъ ккарав,

Ккани, гьесие гIоло, дуца къо рехуларев,

Гьев, дуе хIажалъани, хIалае гъеж гурулев,

Гьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихIав чи.

 

РатичIони рикIкIалъун бищунго цIакъ хириял,

РагIичIеб ххвелги гьабун, «гарица дур хур чIвайдал»,

Хвезабун батичIони жидеде бугеб божи,

Гьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихIав чи!

Гьаб кIиябго кечIалдасан бичIчIулеб буго нилъеда инсанасул гIумруялъул талихI сундулъ бугебали. Гьаниб бицунеб гьечIо бечелъиялъул, ресалъул, кIудиял хъулухъазул. ГIицIго рехсон руго, гIумру берцинлъиялъе къваригIунел дагьа-макъалго шартIал – инсанасул хьвада-чIвади, гIамал-хасият, вукIа-вахъин.

Гьадинаб буго МухIамадил шигIру. Гьадинал руго шагIирас нилъее толел ругел гIумруялъул дарсал. Гьадинав вуго живго МухIамадги. Гьадинавлъун вачIана гьев жиндирго къисматалъул 80-абилеб сверуде.

 

ХъахIаб гIаздада тIад гIинтIидул тIегьлъун

Ва макъалаялъул ахиралдаги яккизе бокьун буго МухIамад Бияслановасул шигIрияб улкаялда хасаб бакI ккурал, аза-азар тIогьол махIалъ лъа­лъарал, хъахIаб гIаздада тIад гIинтIидул тIегьлъун кенчIелел ругел лирикиял асаразухъе. Гьале гьаб нухалда рагIизе лъугьана ХIажиласул гьаракь:

— ХъахIаб гIаздада тIад гIинтIидул тIегьлъун

ТIегьан йихьана мун дида тIоцее.

Къаси бецIаб сардилъ рогьалил цIвалъун

Яккун ячIана мун дир гIумруялде…

 

Яги:

Аза-азар тIогьол махI тIабигIаталда буго,

МагIарул тIогьол гIадаб тIагIамаб дие гьечIо.

Аза-азар берцинал ясал дун сверун руго,

Амма, гьудул, дур гIадаб дие берцинлъи гьечIо…

* * *

МухIамад Бияслановасул гьунаралъе сайгъат гьабураб гьаб гьитIинабго макъала лъугIизабизе бокьун буго гьесулго рагIабаздалъун:

-… МагIарулал цолъани, цадахъ цо кьерда чIани,

Кьуризаризе кIолеб къуват гьечIо ракьалда!

РачIа, вацал, цолъизе, цадахъ бакъан тIамизе,

Къадру тIубан хвелалде, тIагъур нилъерго лъезе!

Шамай Хъазанбиева