«Хонжрод басун буго дун гьавураб сон…»

Расулил гьал рагIаби цIалараб мехалда, бачIунеб буго суал: Щай, батIияб алаталъ гуреб, хонжроца басараб магIарулас жиндир лъимадул цIар рукъалъул хIобода? Бегьуларебищ букIараб носоца, гIощтIоца, ялъуни цогидаб рекIараб жоялъ гьеб гьабизе? Гьединал суалал кьезе бегьила нилъер халкъалъул, магIарул чиясул гIумруги, гIамалги, тIабигIатги лъаларев, гьеб бичIчIуларев цо пуланас. Дагъистаналдаги Кавказалъул цогидал бакIаздаги хонжродехун букIана хасаб гьоркьоблъи. Гьелъие рукIана гIемерал ва батIи-батIиял хIужабиги. МагIарулазул гIумруялъулъ гьеб яргъилаб алаталъ – хонжроца кидаго кколаан хасаб бакI. Гьеб букIана радал вахъаралдаса нахъе вегизегIан магIарулас къойил борчулеб цохIого цо яргъил тайпа ва халкъиял гIадатазда жаниб якъинго бихьизеги чIезеги гьабун букIана гьелъул бакIги. Масала, КIудияв ГIумаханил Къануназда жаниб буго гьадинаб цо хасаб жумла: «Хунжрул рахъун, цоцазе хIинкъаби кьолел ругони, щивасдаса цо-цо чахъу бахъула», — ян.

Машгьурав гIалимчи ва хъвада­рухъан ХIасан ал-Къадарияс «Асари Дагъистан» абураб жиндир тIе­хьалда жаниб хъвалеб буго: «Цебе за­маналда магIарулазда гьоркьоб талихIалъул ва икъбалалъул гIа­ла­матлъун букIана микьго жо, гьезда гьоркьоб Гъазданущиб росулъ устар­заби Базалай-ГIалица, ялъуни ГIаб­дул-ГIазизица гьабураб ханжарги».

КъанагIатги хутIулароан магIару­лав тушман гьечIого, рагъулъги кьа­­лулъги гIахьаллъи гьабичIого. Гье­­динлъидал къватIисанги жанисан­ги букIине бегьулеб хIинкъиялъ тIа­му­лаан гьев рукIа-рахъиналъулъ борчараб ханжаргун вукIине. Хонжролгун магIаруласул букIараб гьоркьоблъи баян гьабулаго, гIурус гIалимчи Н. Дубровиница хъвалеб буго: «Ма­гIарулаз киданиги бахъулароан тIаса хан­жар, хIатта рокъобцин. Бахъун чухъагун, магIарулас гужгаталда тIасан борчулаан ханжар. Щивав хохорав магIарулав, хъисда хъисда квералги лъун, ялъуни хонжрол тIагъиги ккун, ялъуни тункIида тIадги вегун, дунялIаламалъул бетIергьан кинигин, гIамал кIодого чIун вукIунаан», — илан.

Хонжроца гIемераб жо тIубалаан магIаруласул гIумруялъулъ, амма гьелъул букIана кIиго аслияб вазипа: рагъулабги ракълилабги. Гьелдаго цадахъ ханжар букIана магIаруласул напсалъулабги материалиябги культураялъул, гьесул гIумруялъулаб философиялъул, менталитеталъул кIвар бугеб гIаламатлъунги.

Дагъистан Россиялде гъорлъе ун хадуб, пачаясул хIукуматалъ ханжар бахъичIо магIаруласухъа, амма нилъер гьаниб Совет хIукумат щулалъараб мехалда, 1926 соналда пачалихъалъ байбихьана бакIалъул халкъалъухъа ярагъ бакIаризе. Гьел соназда хонжрол суалги лъугьана цIакъ кIвар бугеблъун Дагъистаналда. Рорхатал трибунабаздасан, хIакимзабазул кIалъаязулъ, газет-журналазул гьурмаздасан кIу­дияб кампания байбихьана хонжрода данде. Гьеб лъазабуна некIсиял гIадатазул заралияб тIагIеллъун, гьелъие нагIана кьуна ва халкъалдаса тIалаб гьабулеб букIана гьелдаса инкар гьаби. Гьеб кампаниялда жигараб гIахьаллъи гьабуна адабияталъги. 1920-1930-абилел соназда магIарул автораз хъвана хонжрол темаялда тIасан батIи-батIиял жанразул асарал, гьезул цо-цоял хас гьарун сайгъат гьарурал рукIана хонжрое.

Гьедин, ханжар какун, гьелъул заралияб рахъ бихьизабун хъварал руго ЦIадаса ХIамзатил «Бидул алат гIодобе рехарал магIарул росаби», «Хонжрол хIакъалъулъ «МагIарулав» газеталде хитIаб», «Ханжар», «Хонжролай» абурал шигIраби; Ражаб ДинмухIамаевасул «Бидухъ би» абураб къиса, МухIамад-Наби Шамиловасул «Сапинатил нух» абураб пьеса.

Гьединго хонжрол баркат гьечIолъи бихьизабун, бидул тушманлъиялъул гIадат какун хъвараб ккола гьаниб бахъулеб бугеб «Ханжар» абураб хабарги. Гьеб дагьаб цебегIан батана 1929 соналъул 30 июналда гIажамалъ бахъараб «МагIарулав» абураб газеталда ДГПУялъул магистрант Шамил ЗайнулгIабидовасда. Гьесго буссинабуна гьанжесеб хъвай-хъвагIаялдеги. Газеталда, асаралъул авторасул инициалал гурони (Н.А.), гьесул тIубараб цIарги хъван гьечIо. Бахъизе хIадурулаго, харбил текст дагьабго къачIа-кIатIана, авторасул хатIалъеги мацIалъеги мукъсанлъи ккеларедухъ.

АхIмад МуртазагIалиев

 

Ханжар (хабар)

I

Къаси, щибго сихI къотIараб заманалда МухIамад, бакьулъ ханжарги бухьун, таманчаги бан, ахикье унев вукIана. Гьесул хIалалъухъ балагьун, гьев цIакъ ццидакьго вукIин бичIчIулаан. Хехго гъутхъиниса бахъун хъалиян цIан, гьелдалъун жиндирго ццин гIодоцинабизе гIадин вилълъун унев вукIана.

Гьев жиндие йокьарай ясалъул гIадамаз нахъ­чIван вукIана. КIиабилеб нухалъги, цо чIван­къотIараб рагIи кьеян абун ясалъул ба­кIал­де чиги витIун, жеги гьениса хабарги бачIинчIого вукIана. РакIалда ругел жуба-гъубарал хиялаздеги машгъуллъун, ахикье щвана. Рагьлил махI бахъараб, туснахърукъалда релълъараб хъощинив лъугьунаго, жаваб босун къваридго эбел ячIуней йихьараб мехалда, дунял пара-пара гьабизе бокьараб жанавар гIадин ццидахинеги ццидахун, гьес гьелда гьикъана:

— Щиб лъугьараб? — ан абун.

— Дир вас, гъой яс Тажудиние абун йиго. ТIо­кIаб гьанже нилъеца цIар бахъизе бегьуларо. Та­жудин Бакуялда цIалулев вуго. Гьал къоязда жанив вачIун, бертин гьабизехъин буго.

Гьесул ракIбуссун балеб букIана.

— Дир вас, Жанса гьедигIан берцинай яс гуро. ЛъикIаб хIалалда канлъигицин бихьуларилан абулеб буго.

МухIамадие гьеб рагIухъ гIенекки­зецин бокьичIо. КIутIбиги рукъулаго, гьес абуна:

— ЦIакъ лъикI буго. ЛъикIаб бицун букIин­чIони, хIалицаниги бу­кIи­нагури эб…, — ан.

Ццин бахъараб бералдалъун эбе­лалъухъги валагьун, хонжрол тIо­гъода кверги лъун, къватIиве вахъана.

МухIамад нич гьечIев, живго жиндиего гIурав гIолохъанчи вукIана. Кидаго росулъ гьесул пиша букIана, ясазухъ валагьун, руччабазда щиб-щибниги рагIаби абун, кеп боси. Гьезда гьоркьоса гьесда Жанса йихьун, гьей ячина жинца абун, чи витIун вукIана гьелъухъе. Гьеб сордоялъ МухIамадица, тIурараб гьве кинигин, сордо рогьана.

 

II

«ГIадалаб гIишкъуялъ» МухIамад хIалалда толев вукIинчIо. Щиб лъугьаниги, Жанса гьесие щвезе кколей йикIана. Гьеб ишалъулъ таманча-хонжрода гIадин ракIгъолеб жо щибго букIинчIо гьесул.

— Гьезда дун гьитIинаб лъимерин ракIалде ккун буго. Дица бихьизабила гьезда дир гуч, — ан абун вукIана гьев.

Росулъ кидаго цадахъ вукIунев, живго гIа­дав цо «гIабдал» гьалмагъги вукIана гьесул. Гьел тIолго росдадаго лъалаан. ГIемерисеб халкъ гьездаса разияб букIинчIо. Гьелъие гIо­ло батизе бегьула гьезие абун яс кьечIейги. Му­хIамадица, жиндирго дардал чучизе гIоло, жиндир гьалмагъги валагьун, гьесда Жансал хIа­къа­лъулъ хабар бицана.

— Дица гьезда дун лъазавила. Лъадай унелъул, хъамун гьей ясгун, тIурила дун.

— Гьеб иш гьедин гьабичIони, бихьинчи гуро мун.

— Жакъа бакъанида лъадай унаго, гьей дица хъамичIони, дица тIокIаб киданиги ханжар-таманча борчиларо.

— Дицаги дуй кумек гьабила, — ян гьалма­гъасги абун, гьев кIиявго ахIмакъасул рагIи рекъана.

Гьеб къоялъ Тажудин Бакуялдаса вачIун ву­кIана. МухIамад, гьев вачIараб рагIун, дагьавги цци­дахун лъугьана.

— РухI бахъагиха гьесул, Жансал гьурмахъ хIасратго хутIилародухъ, — ан абуна гьес жинцаго жиндаго.

Бакъанида дуниялги бана, росдал ясалги, дагь-дагьккун къокъа-къокъа гьабун, лъадаре ине лъугьана. МухIамадги, кидаго аскIоса ва­тIа­лъуларев жиндир гьалмагъги вачIун, Жанса хъамизе иццда гIагарда цо бакIалда чIун, са­на­гIа­талъул халккун рукIана.

Тохлъукьего ясазда гъорлъа, чIегIерал беразги чIегIерал кьунсрузги халкъалъул берал жинде цIалеб хIалалда Жанса яккун ячIун тана.

МухIамадил би гьалдезе лъугьана. ЧIваркьун бералгин, гьалмагъасда абуна:

— Вилълъа, гIедегIел гьабе! — ян.

КIиялго ясазда гъорлъ речIчIизе жураралго, ясазда гьезул иш би­чIчIа­на ва чIичIидилаго рахъ-рахъалде лъутизе байбихьана. МухIа­ма­ди­цаги гьал­магъасги, хехго Жансаги ккун, гьениб гIагарда букIараб рохьоехун хъамуна гьей.

Ахакьа рокъоре руссунел рукIарал гIадамал, гьеб чIиргъи-хъуйги ра­гIун, иццде рортизе журана ва гьеб ха­бар лъазе рекерана. Жансал вац Къади, гьеб хабар лъарабго, гIедегIун ханжар-таманчаги босун, иццде векерана. Гьесдаго хадур гIунтIун росдал жамагIатчагIиги мухъ гьабун рачIинел рукIана. ТIаде щвара-щварал чагIи рохьоре ралагьун ун, гьел ралагьулел рукIана. МухIамадги гьалмагъги, жал кквезехъин рукIин лъарабго, ханжар-таманчаги хIадур гьабун чIун рукIана.

ЖамагIаталъул цояс:

— Гьале дол гьанир руго, — йилан абулаго, ясалъул вац Къади пири гIадин тIаде ана.

Тунчул кьвагьана. Бищун цебесеб гулла СагIидилан абурав цо чиясул надалда щвана. СагIид гIодов ккана. Рагъул иш кьварана.

Гьеб ишалда гьоркьор росдал гIемерал гIадамал журана. КIиябго рахъалдасан кумек гьаризе байбихьана. МухIамадица яс, кодоса йорчIунгутIизе гIоло, хонжроца юсс-юссун яна. Ясалъул чIичIи рагIарав вац, «намусалда» хъвалев вугилан ккун, МухIамадида тIаде кIанцIун ана. МухIамадил гьалмагъас, хьолболъан ханжар къазе гьабун, гьев гIодов ккезе гьавуна. Къадил гьалмагъзаби, гьеб иш бихьарабго, цадахъго гьезде тIаде кIанцIун ана. Тунчузул патронал лъугIун, иш хунжрузде ккана. Цо заманалдасан МухIамадги гьалмагъги тIаде кIанцIун рачIарал чагIаз пара-пара гьарун рехана. Цо чанго хонжрол гьаракьги бахъана гьениб. ТIарамагъадаги гьеб питна жамагIаталъ хIарам-балагьалъ свине гьабуна. Гьеб ишалда гьоркьоб къоло щугоясдасаги цIикIкIун чи чIвана.

Росу магIирукъаз тIатIала босизе гьабун букIана. Бищун кутакаб гIоди Жансал бусс-буссун бараб къаркъалаялда тIад букIана. Киналго гьаркьаз гьеб бидул питна багъариялъе сабаблъун ккараб вахIщияб хонжрое нагIана кьолеб букIана. Амма дагьал гуро магIарул росабазул гIадамал ракьул чохьонир лъурал хонжрол балагьалдалъун, гьелъул къурбанлъун лъугьун. Гьелъие гIолохъаналги хералги нугIзал руго.