Нилъеда кидаго бицунеб рагIула гьве инсанасул гьудул кколин абун. Руго гIезегIан лъугьа-бахъинал ункъхIатIилаб гьалмагъалъ гIадамал хвасар гьарураб, гьезие лъикIлъиялъе батараб. Амма гьединаб хIужа жеги бихьичIо ва рагIичIо Каспийскиялдагун МахIачхъала шагьаразда. Гьелъул гIаксалда, гьениб лъимада хIанчIана, доба гIадамазде бортанаян гIемер хъвала. Хасго ниж ругеб рахъалда, Каспийскиялда, руго цIакъго квешал, хIинкъи бугел гьаби. Чанго нухалда гьаби кколел...

