Росабазе — гIумру, гIадамазе — хIалтIи

ЦеречIарал масъалаби гIунги тIокI ругониги, республикаялъул росдал магIишаталъ ахирал соназда рихьизарулел руго гIезегIан лъикIал хIасилал. Хасго лъикIал хIасилал руго цIибил ва пиринчI гIезариялъулъ. Кинаб хIалха бугеб щибаб районалда?


Гъуниб

Райадминистрациялъул росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулев АхIмад ХУЧИРОВ:

 

— Районалъул росдал магIишаталъул аслияб бутIа буго гIи-боцIухъанлъи. Гьелъ ккола валовияб (гIаммаб) продукциялъул 67 процент.
Районалда буго 21 СПК, 40 КФХ ва 7448 ЛПХ. Гьенив хIалтIула 7750 чи.

2022 соналда гIезабураб продукциялъул гIаммаб багьа бахана 2,7 млрд гъурщиде. Гьебго заманалда районалъул АПКялъе гьабураб пачалихъияб кумек бащалъана 84,8 млн гъурщида. Гьелда гьоркьоса 70,3 млн гъурущ щвана гIи-боцIухъанлъиялъе.
Гъоркьиса бана 800 тонна тIорщалил цIунизе рес кьолеб склад. «Щулани» ва «Обох» СПКязда къачIана фермаби, М. ХIажиевасул цIаралда бугеб агрофирмаялда бана гIухьбузе ункъо мина, гьенибго гьабизе байбихьана лъабазарго бетIер гIицIцIаназул хъулухъ тIубалеб май- дан. БечIчIана 37320 тонна рахь- дал (планалда букIаралдаса 0,3 проценталъ цIикIкIун), гIезабуна 6274 тонна гьанал (0,5 проценталъ цIикIкIун), къунцIана 510 тонна квасул (2021 соналда букIаралде дандеккуни — 0,4 проценталъ цIикIкIун).
МагIишатазда букIана: чIегIербоцIи – 30,5 азарго бетIер (планалда букIаралдаса 0,3 проценталъ дагь), гьезда гьоркьоса гIачи — 16933 бетIер, гIи-цIцIани — 150 азарго бетIер, гьезда гьоркьоса чахъу – 104,5 азарго бетIер.Могьолал культураби хьан руго 1600 гектаралда.

Исана ихдал беги- зе, хьон хьазе буго 4276 гектаралда, гьелда гьоркьоса пиринчI — 1500 гектаралда, картошка — 227 гектаралда, хурдул — 145 гектаралда, люцерна — 845 гектаралда. Районалъул АПКялда, киналго магIишатазда церечIарал аслиял масъалаби ккола: гIи-боцIухъанлъиялъул специалистал, гIухьби, дояркаби гIунгутIи, гьел щунгутIи; гIарцул мукъсанлъи; гочинабун гIи-боцIи хьихьулел ракьазул багьа (ижара) тIадеялдаса тIаде бахунеб букIин.

 

 

Гумбет

Райадминистрациялъул росдал магIишаталъул управление:

 

 

— ГьабсагIаталда районалда бу­ го 9 СПК, 21 КФХ ва 6025 ЛПХ. ГIезабураб продукциялъул 82 про- цент кьола гIи-боцIухъанлъиялъ, 18 процент — хурухъанлъиялъ.

МагIишатазда буго 32115 бетIер чIегIербоцIул ва 168100 бетIер гIицIцIаназул, 2710 чу, 33100 гIанкIухIелеко, 6130 найил тIала. 2022 соналда районалда гIезабуна: гьан (чIагояб цIайи) — 6204 тонна, рахь — 207510 тонна, хоно – 4,5 млн штук, къунцIана квас — 307 тонна. Гьезул гIаммаб багьа ккола 1,8 млрд гъурущ.

Гъоркьиса районалда бакIарана: могьолазул — 3190 тонна, картошкадул — 2860 тонна, овощазул — 1960 тонна, пихъил — 3472 тонна, бахчабазул — 1498 тонна. Гьезул гIаммаб багьа бахана 200 млн гъурщиде.

ХIалтIул соналъул хIасилал квешал гьечIониги, гьел дагьалги лъикIал рукIиналъе, хIалтIул даража жеги лъикIлъизабиялъе руго гIезегIан масъалаби. Масала, кредитал щвезе захIмалъи; гIезабураб продукция цIакъго гIодобегIанаб багьаялда босулеб букIин; бакIарараб пихъ ва овощал цIунизе бакIал (хIажатал шартIал ругел складал) гIунгутIи; гьава-бакъалъул шартIал захIмалъулел рукIин.

Гьебго заманалда районалда руго росдал магIишат цебетIеялъе пайда босичIел ресал ва сурсатал. Гьел ккола хIалтIулъ цIиял къагIидаби ва технологиял рилълъанхъиза- ри, рехун тарал ракьал пайдаялда хIалтIизари, гIезарурал нигIматал районалдаго къачIаялъе ресал ралагьи.

Исана ракIалда буго могьолал культураби (хасало ва ихдал хьалел) хьараб гIатIилъи 1050 гектаралде бахинаби; кIвар кьезе ихдал магIарухъ хьалел могьолазул культурабазде, цIикIкIинабизе гьел хьа- раб ракьалъул гIатIилъи; харибакIал пайдаялда хIалтIизариялда хадуб хасаб бербалагьи букIинабизе.

 

Гъизилюрт район

Районалъул росдал магIиша­ талъул управлениялъул нухмалъулев ГIали КАМИЛОВ:

 

 

2022 соналда районалда гьабураб хIалтIул 69,9 процент ккола хурухъанлъиялъ ва 30,1 процент гIибоцIухъанлъиялъ.

Районалъул АПКялда руго: 17 СПК; батIи-батIиял тайпабазул 132 КФХ; 26780 ЛПХ; 5 СПоК (СПКабазул тайпа); 1 рахьдал завод; рахь къачIалеб 3 цех; 2 консервабазул завод; ЗАО. Хайиралда хIалтIулел магIишатазул процент бахана 90-ялде, магIишатияб ракьалъул гIатIилъи хIалтIизаби бащалъана 98,8 проценталда (ракьалъул 1,2 процент гурони рехун тун гьечIо).

Гъоркьиса районалда бакIарана: могьолазул – 7117,8 тонна (1 гектаралдаса 27,4 центнер); картошкадул — 11291 тонна; овощазул — 90066 тонна; цIолбол – 6382,2 тонна; пихъил – 6957,9 тонна. ГIезабуна: гьан — 7210 тонна (цебесеб соналдаса 4,5 проценталъ дагь); бечIчIана рахь – 27415,3 тонна (4,2 проценталъ цIикIкIун); хоно – 1,6 млн штук (850 азарго хоноялъ дагь); къунцIана квас – 190,7 тонна (9,2 тоннаялъ цIикIкIун).

Районалда буго 21191 бетIер чIегIербоцIул (13020 гIака), 77178 бетIер гIи-цIцIаназул, 1148 чу ва 48611 гIанкIу-хIелеко.

Гьоркьохъеб хIисабалда лъагIалие цо гIакдадаса районалда бечIчIула 2227 литр рахьдал, 100 гIакдада хадуб цIунула 83 бече, 100 чахъуялда хадуб — 89 кьегIер.

 

 

ХадурагIи

Гьадинабго хIисаб-суал гьабила цогидал районаздасаги, магIишатиял идарабаздасаги нижеца хадусел номеразда.

 

 

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ