Ран рахъинчIел объектал, реестралде босичIеб мал-мулк

Гьал къоязда тIобитIараб Халкъияб Собраниялъул сессиялда гьор- кьор лъун рукIана ран рахъинчIел объектазулги, туризмалъулги, ин- санасул ихтияразулги, цогидалъулги суалал.

Гьедин ДРялъул ХIисаб кьеялъул палатаялъул нухмалъулев Билал ЖахIбаровас бицухъе, 2022 соналда миллиял проектал гIумруялде рахъинаризелъун харж гьабун буго 35 889 млн гъурущ.

 

Амма цо-цо мини- стерствабазул, ида- рабазул нухмалъу­ лез тасамахIлъи биччаялъ, жиндир за­ маналда тIоритIун гье­ чIоан гьезда хурхарал конкурсал, къотIикъаял. Гьелъ харж гьа­ бичIого хутIун буго цоцо проектазе биччараб гIарацги.

 

Масала, гъоркьиса- ла байги бихьун, исана рагIалде бахъине кколаан «Современная школа» абураб проекталъул 17 объект. Амма гьезда гьоркьоса гIицIго лъабгоялъул гурони щвалде щун хIадурун рахъун гьечIо документал. ХутIараб 14 объекталъул иш нухда хутIун буго.

Ясли-ахал раялъул хIалтIиги хадуб бехъерхъун буго. Гьедин гьанжеялдего хIалтIизе биччазе кколеб букIараб 57 объекталъул анлъгояб исана соналде бахъана. Сахлъи цIуниялъул объектал разениги ремонтал гьаризениги биччан букIана 4 610 млн гъурущ.

Гьебги цо-цо бакIазда тIубанго харж гьабизе бажарун гьечIо. Масала, республикаялъул онкологиялъул централда базе кколаан цойги корпус.

 

БакIал разе тIаде росарал организациязул лъикIаб гуреб бербалагьиялдалъун, къотIи-къай хвезабурал хIужабиги ккун руго. Гьеб гIиллаялъ бажарун гьечIо ГIахьвахъ районалдеги Южно-Сухокумскиялдеги лъим бачине. Гьединго республикаялъул мал-мулкалъул реестралде босун буго цебеккун хIисаб гьабичIого тун букIараб 530 млн багьаяб буголъиги. Гьелда бан цо-цо нухмалъулезе бадирчIваялги гьарун руго.

 

Депутат ГIабдулвахIид Лабазановас тIадчIей гьабуна туризмалда. Гьесул пикруялда рекъон, туризм цебетIунагIан магIарухълъиги цIилъизе буго. Депутат Руслан Ибрагьимовас борхана ясли-ахаздагун школазда медхIалтIухъаби гьечIолъиялъул суал. 1403 школалда гьоркьоб гIицIго 327 школалда гурони гьечIила гьел. Гьес гьарана республикаялъул бюджеталдаса гIарацги биччан гьенир гьел хIалтIуда теян.

ДРялда инсанасул ихтиярал цIунулев официалияв вакил Жамал ГIалиевас бицана гъоркьиса дагъистанияз гьесухъе 1273 гIарза бачIараблъи. Аслияб куцалда гьел руго рукIа-рахъиналъул шартIал хвезариялда, тохтурзабазул кумек щунгутIиялда, лъай кьеялда, бесдалазда, мобилизациялъ ритIулезда хурхарал гIунгутIаби.

 

Учительзабазегун медицинаялъул хIалтIухъабазе харжал мукъсанал рукIиналъул суалалдеги кIвар буссинабуна омбудсменас. Инсанасул ихтиярал цIуниялъул хIалтIул жеги лъикIаб хIасил ккезелъун жидер депутаталгун цадахъ батIи-батIиял муниципалитетазде гIадамалгун дандчIвазе анани, лъикI букIинаанин абураб пикруги загьир гьабуна гьесие Халкъияб Собраниялъул нухмалъулев Заур Аскендеровас.

 

З. ХIАЖИЕВА