Щибаб рагъ ракълидалъун лъугIула

Дагъистаниял – ватIан бокьулезул цебесеб кьерда

 

«Рагъалъ бихьиназдасаги руччабаздасаги магъало бахъула цого къагIидаялда. Амма бихьиназдаса босула биялдалъун, руччабаздаса – магIуялдалъун».

 

Гьединаб буго халкъияб кици. Гьеб битIараб букIин бихьизабулеб буго нилъер жакъасеб гIумруялъги. Украинаялда хасаб рагъулаб операция Россиялъ байбихьаралдаса ана лъагIелги кIиго моцIги. Гьениб кIиябго рахъалдасан кколел руго камиялги.

Дагъистаналдаса гьеб операци- ялда гIахьаллъи гьабулеб буго нус-нус чияс. Къокъабго заманалда жа- ниб нилъер республикаялдаса рагъулъ бахьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло Россиялъул БахIарзаллъун рахъана анкьго бихьинчи. Гьел ккола Кули районалдаса гьеб рагъулъ тIоцевесев Россиялъул БахIарчилъун вахъарав НурмухIамад ХIажимухIамадов (1996-2002), Хив районалда- са Эседулла Абачев (1968), Табасараналдаса Руслан Къурбанов (1996) ва Исрафил МухIамадов (1981-2022), Ахти районалдаса Энвер Набиев (1988), Дербенталдаса Михаил Абраменко (1978-2022) ва Тарумовка рай- оналдаса Шамил МухIамадов (1991-2022). Гьезул ункъояв гьеб цIаралъе мустахIикълъана гIумруялдаса ратIалъун хадуб.

 

 

ХIажат бугищ халатбахъинабизе?

 

ГьабсагIаталда Россиялда све- рухъ Америкаялъ ва гьелъул чукъ- буз гьабулеб бугеб жо бихьараб ме- халъ лъилниги щаклъизе бачIунаро гьеб Россиялде данде цебего ургъун гьабулеб питна букIиналда. Кин- ха кьал байбихьараб? Кколеб бу- геб жоялъул пикру гьабуни, абизе бегьула нилъер улкаялда сверухъ политикияб ахIвал-хIал хIалуцине байбихьанин СШАялъул президент Джо Байденица Россиялъул президент В. Путин «рагъулав такъсирчи» вугилан абуралдаса хадуб.

Гьелъ кIиябго улкаялъул дипломатиялда жаниб бижизабуна кIудияб кьал. Байбихьудасаго кколеб букIана гьел рагIаби Байденихъа ццидакье абун рорчIарал ратилин ва гьелде кIварго кьезе ккеларин абун. Амма хадуб ккарал лъугьа-бахъиназ бихьизабу- на гьеб Россиялде данде гьабулеб информациялъулаб рагъул байбихьи букIин. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго жакъа дунялалъул информаци- ялъулал сурсатазда Америкаялъул рахъ кколел улкабаз Россиялде гьабулеб хасаб гьужум къотIизе толеб гьечIолъиялъги. ХIакъикъиял рагъулал такъсирчагIи щал кколелали лъазе ккани, Кубаялдасан (1906), Никарагуаялдасан (1912) байбихьун Йеменалде (2015) щвезегIан батIибатIиял улкабазда Америкаялъ гьабураб пасалъиялъул халгьабидал, гьел якъинго рихьула.

 

 

Россиялде гIайиб рехи — гIадатияб иш

 

Байденил кIалдиса гьел рагIаби аралго, Украинаялъ байбихьана Донбассалда сверухъ жидерго аскарал щула гьаризе ва гьенир ракълилаб гIумруялда ругел гIадамазул минабазде, халкъ буссунел жамгIиял идарабазде кьвагьдезе. Гьебги хIисабалде босун, Росси- ялъ байбихьана жиндирго гIорхъаби рахинчIого, Крымалъул рахъал- да рагъулал хIалбихьиял (учени- ял) гьаризе. БакътIерхьул улкабаз рикIкIана Россия Украинаялде кIанцIизе хIадурлъулеб букIиналъул хIужа бугилан.

Гьебго заманалда щибго бицунеб букIинчIо Украи- наялъ Донбассалъул, Донецкалъул халкъиял республикабазул расги гIайиб гьечIел гIадамал чIваялъул хIакъалъулъ. Гьебго заманалда Байденица БакътIерхьул улкабазда лъазабуна Россиялде данде гьарулел санкциял дагьалги къвакIизаризе кколин абун. Гьелдаго цадахъ лъазабуна «Севе- рияб поток» чIезабизе кколиланги. Польшаялъ, Болгариялъ, Великобританиялъ жидерго улкабаздаса Россиялъул вакилзаби нахъе ритIана. АхIвал-хIалалъухъ балагьун, Россиялъги СШАялъул санкциязде данде, жаваб хIисабалда, тадбирал гьаруна. СШАялъул ва Европаялъул информациялъул алатаз ахIи-хIур бахъинабуна Россия киназего заралияб улка бугин абун.

Гьединаб лахIзатги хIисабалде бо- сун, Украинаялъ хиял гьабуна жалго бетIергьанаб ядернияб ярагъ тIалаб гьабизе ва НАТОялъул блокалде лъу- гьине. НАТОялъги Россиялде данде рагъ хIалуцинаби мурдалда гьелъул рахъ щулаго ккола.

Гьеб заманалда Петербургалда нилъер хIинкъигьечIолъиялъул идарабаз ккуна Россиялъул спецслужбабазул хIакъалъулъ балъгоял баянал ракIарулев вукIарав Украинаялъул жасус. Гьединал хIужаби раккидал, Россиялъ Украинаялъул консул на- хъе къотIула ва, жаваб хIисабалда, Украинаялъ нилъер вакилзабиги нахъе ритIана. Гьезул рахъккун Че- хиялъги, расги гIиллаги гьечIого, 7 соналъ цебе кьвагьизабураб жидер яргъил склад Россиялъул хIалтIи бу- гилан багьанаги батун, нилъер ди- пломатал улкаялдаса нахъе ритIана. Гьелда бан Чехиялъулдипломатал нилъецаги нахъе гъуна.

Гьеб заманалда Донбассалда унеб букIана тIубараб рагъ, минометаз, минабаз чIвалел, лъукъулел рукIана ракълилал гIадамал. НАТОялъул ул- кабаз Россиялъул гIорхъода чIезавун вукIана 40 азарго рагъухъан ва Польшаялде витIана анцI-анцI ис- требитель. Донбассалда рагъулезда гьоркьор гIемерлъана Канадаялдаса, Великобританиялдаса, Польшаялда- са НАТОялъул инструкторал.

 

 

Гьабураб къотIиялъе рекIкI

 

2022 соналъул маялда Зеленскиясул чукъбуз, Белоруссия «агрессор» бу- гиланги абун, 2014 соналъул 5 сентя- бралда Минскиялда гьарун рукIарал къотIи-къаяздаса тIубанго инкар гьабуна ва хадубккун гьез ДНРгун ЛНРалда кьвагьи къотIизабиялъул комиссиязда гIахьаллъи гьаби чIезе тана ва гьел республикабазул гIорхъоде цIикIкIарал рагъулал къуватал цIана. СШАялъ хIукму гьабуна Украинаялъе танказде, гумузде данде хIалтIизарулел гуч цIикIкIарал яргъилал къуватал кьезе. Гьединлъидал гьез Донбассалда гIатIидал рагъулал гьужумал гьари дагьабги мухIканлъана. Гьеб киналъго якъинго бихьизабула, Украина гIиллаялъеги бачун, Россиялъулгун тIубараб информациялъулаб рагъ гьабизе Америка цебего хIадурун букIаниги, гьелъул жо кколеб гьечIеблъи. Гьелъие къваригIун букIана кинабго БакътIерхьул улкабазул халкъазда Россия квешаб бералдалъун бихьиза- бизе ва Украинаялъ, Россиялде дан- де цебего хIадурун букIараб рагъги, Россиялъул гIайибалдалъун байбихьанилан чIезабизе. Гьебин абуни ккола СШАялъ нилъер пачалихъалде данде киналниги магIишатиял бутIабазда санкциял лъазариялъе багьана. Гьеб киналъулго мурадги буго XXI гIасруялда Россиялъул цебетIей чIезабизе.

Нилъер улкаялде данде битIахъегояб рагъ гьабизе Америка ва гьелъул чукъби, узухъда, рахъинаро. Щайгурелъул Россия буго къуватаб ядернияб яргъил пачалихъ. Амма киналго халкъазе бокьун буго рагъулаб операция хехго лъугIизе ва цере вацал гIадин рукIарал Россиялъул ва Украинаялъул халкъазда гьоркьоб рекъел гьабизе.

 

Зикрула ИЛЬЯСОВ, Халкъазда гьоркьосеб ЖамгIияб палатаялъул член