Мун жеги тIогьолъ буго

Мискинхалкъалъул цевехъан Унсоколоса МахIачица кьучI лъураб нилъер миллияб басма – «ХIакъикъат» 106 сонил ригьалде бахана.

 

Лъаларо, гьеб дагьищ яги гIемерищали.

 

Амма Дагъистаналда бищун кIудияб миллаталъул казият гьелъул аслияб басмалъун жеги-жеги хутIизе бокьун бугони, гьеб жеги тIогьол гIужалдаго бугин ракIалде ккезе бокьилаан. Басмаялда кьабурал газетазе къор ахирги интернеталъ гъолин абурал хIинкъабиги лъугIулелго гьечIелъулха. Балагьила, бихьила…

 

ТIоцебесеб нилъер казият — «Заман» — къватIибе бачIана ТемирХан-Шураялда, 1917 соналъул 3 апрелалда.

Дида тIоцебе гьеб бихьизабуна ДГУялда цIалулеб мехалда нижер преподаватель, журналист-фронтовик МухIамад Бутаевас.

Заманалъ тIогьиллъараб кIиго тIамач цо къиматаб жавгьар гIадин бачIун букIана гьес дарсиде. Бихьуларищин гьалщинал соназ жинца нужер тарих цIунун бугеб куцилан, вохуца холаго бицунаан мунагьал чурадица.

«Заманалъул» тIоцебесеб номер Бутаевасесайгъат гьабун бугоан Гьамущиса хъвадарухъан, журналист Асадула МухIамаевас.

 

Гьелдаса чанго соналдасан «ХIакъикъаталъул» редакциялде- ги вачIун, жиндир гIумрудул къо- ял ахиралде щолел рукIин лъараб кинигин, МухIамадица гьеб ка- зият ГIали Камаловасухъе кьуна цIунизе. Къокъабго заманалдасан Аллагьасул къадаралде щвана ни- жер преподавательги… ПалхIасил, гIасруялдаса цIикIкIун соналда жаниб 12 цIарги хисун, лъабго батIияб алфавиталда (гIажам, латин, кириллица) магIарулазе харбалги рицун, пачалихъалъул чанго батIияб гIуцIиги бихьун, нилъехъе щвана гьаб казият.

 

Гьелъул нусгосонилаб тарих жанибе бачараб «Заманалъул матIу» абураб тIехь биччана чанго соналъ цебе Пайзула Пайзулаевас. «ХIакъикъат» газеталъ гьеб бихьизабун буго ДРялъул Пачалихъияб Премиялъеги. Гьелъие хIукму къотIизе тIаса рищарал комиссиялъул чагIазда гьеб тIехь лъикIаб бералъ бихьани, миллияб газеталъе гуребги, тIолабго миллаталъего гьабураб сайгъатлъун рикIкIинаан гьеб. Гьединаб тарих бихьизабураб тIехь Дагъистаналъул цониги миллияб газеталъул гьечIо.

 

Гьединго магIарул газета киналго миллиял газетаздаса кIудияблъунги ккола. Масала, гьал къоязда «Дагестанская правда» газеталъул коллективалъ кIодо гьабуна гьелъие кьучI лъуралдаса 105 сон тIубай. Гьелда бан гIагараб газеталъе гьарула, къисматалъул нухда дандчIвалел къварилъабазеги къуркьичIого, бихьинчи гIадин цебехун ине.

 

Цоги нусго сон балеб къоги лъикI бихьизе хъван батаги!

Зульфия ХIАЖИЕВА