Бергьенлъабазул хIокIаздасан

ГIумруялъул квацIи берцин гьабулел тIугьдузул цояб ккола гIолохъанлъи. Гьелъул гьуинаб махIалъ цIезабун букIуна сверухълъиго. ГIолохъанлъиялъул гIидраялда гьоболлъи бачIев инсанги вукIинищха. Гьекъон къеч хьвалареб гьелъул берцинлъиялдаса бер гIорцIуларого ругел нилъеда лъазего лъачIого ун батула гIумруялъул гьеб лахIзат. Ва гьеб хIикматаб гIидра даим хутIула нилъер ракIалдещвеязулъ.

 

Бокьула диеги гьеб гIидраялде щвезе, гьелъул гьуинлъи цIузе. Гьаб нухалда дие гьединаб талихI сайгъат гьабуна Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъа, МахIачхъалаялъул №39 лицеялъул 11-абилеб классалъул цIалдохъан ГIайшат МухIамадовалъ. Дагьалъ цебе ТIолгороссиялъулаб экологиялъул олимпиадаялъул призерлъун яхъарай гIолилай, бергьенлъи баркизе, нижеца ахIун йикIана редакциялде.

 

— ГIолохъанлъи кидаго букIуна гьайбатаб. Гьелда лъаларо хIинкъикъай. Гьелъ гIанлъун рехула кигIан щулиялги кьураби. Сангарлъун чIола гьеб бокьараб захIмалъиялда цебеги. ГIолохъанлъиялда свакги лъаларо, гIодоб кканиги, галадизеги галадуларо. Гьеб кIанцIун тIаде бахъуна ва гьорол хехлъиялда цебеги уна. Гьелда хадуй гъезе ккани, масала, дирги кинабха букIине кколеб хехлъи, — ян байбихьана ГIайшатица жиндирго хабар.

 

Жеги гьитIинго йигониги, цIубарал пикрабазул гIолилалъул анищал тIегьалел руго. ТIадегIанас цIунагиха гьел гIумруялъул бураназдасаги горо-цIералдасаги. ГIайшат гIемер гIахьаллъана батIи-батIиял предметазулал олимпиадабазда. Муниципалияб бутIаялда бергьарай гьей гIахьаллъана регионалияб бутIаялдаги. Гъоркьисаги гIахьаллъана ГIайшат ТIолгороссиялъул экологиялъул конкурсалда. Гьеб тIобитIун букIана Казаналда.

 

— Гьеб дие букIана исанасеб олимпиадаялде рагьараб нухлъун. Гьениб щвана дие гIемер хIалбихьи, лъана чанги цIияб жо. Татарстаналда руго лъаялда тIад чIарал гIолилал. Республикаялъ кIварги кьолеб буго гьезде. Материалияб рахъалъги ку- мекги гьабулеб буго, — ян бицана ГI. МухIамадовалъ. — Гьал ахирал сона- зда кIвар кьолеб буго республикаял- даги пагьму-гьунар бугел гIолилазде. Гьабулеб буго гIарцулаб кумекги. ГIарцуе гIоло цIалулел гьечIониги, гьелъги гъира базабула

 

Дагьай цеегIан, призалъулаб бакIги ккун, ватIаналде тIадюссун ячIарай гIолилалда МахIачхъалаялъул аэропорталда дандчIвай гьабуна ДРялъул лъай кьеялъул министр ЯхIя Бучаевас, министра- сул тIоцеесей заместитель Аида ТIалхIатовалъ, МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев Ризван ГъазимухIамадовас, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул на- чальник Мурад Шафиевас, гIагабожараз, лицеялъул нухмалъиялъ. ГIайшатица школа лъугIизабулеб буго меседил медалалда, гьелъул анищги буго Москваялде, И. М. Сеченовасул цIаралда бугеб медуниверситеталде цIализе лъугьине.

 

Абула, лъимадул талихIалда бараб бугин эбел-инсулги талихIилан. Шамилилги Асиятилги талихIалда хIакъикъаталдаги баана къисматалъ. Гьезие кIудияб талихIлъун буго ясалъул тIоцебесеб бергьенлъи.

Ниж гара-чIварулаго тIаде ячIарай шагIир ТубхIат Зургьаловалъги пайдаяб хабар бицана гIолилалъе.

ГIайшатил лъай-хъвай ккана газеталъул бетIерай редакторалъул ишал тIуралей Зульфия ХIажиевалъулгунги цогидал хIалтIухъабазулгунги.

ГIайшатил эбел Асиятги ккола МахIачхъалаялъул №25 ясли-ахалъ- ул заведующая, эмен — Шамилги хIалтIулев вуго муниципалияб кон- тораялъул административиябгун техникияб госинспекциялъул управлениялда.

 

«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ баркула ГIайшатида, гьелъул эбел-инсуда, №39 лицеялъул коллективалда гьеб бергьенлъи.