Новость на родном

Къисматалъул сайгъат – нусго сонилаб гIумру

Гъуниб районалъул СалтIа росдал жамагIаталда лъикI лъала­ан Аминат-кIодо. Гьей гьаюна араб гIасруялъул 20-абилел сона­зул байбихьуда.   1970-абилел соназда дун хIалтIулев вукIана гIелмабазул кандидатасул диссертациялда тIад. Щвана республикаялъул централияб архивалдеги, цIалана дол соназул хIакъикъат рагьулел гIемерал документалги. БакIаб асар гьабулаан гьез ракIалъе. Кин гIумру гьабулеб букIараб нилъер умумуз? Рукъги, хъи­замги, колхозалъул хур-ахги жи­дер гъуждузде бегарал руччабаз...

Новость на родном

РухIияб берцинлъиялъул расенал

Бигьародул гъотIол сариналъухъ    ХIалтIудаса хадуй шагьаралъул паркалде арай дие роол хIикматаб асар гьабуна хIанчIазул панаял бакъназги, гьел бакъназухъ гIенеккун машгъуллъун ругел гIолилазги, гIолилазухъ хIасратго балагьун бугеб рокьиялъги. Ццидалаб унтуца жанире къотIун рукIарал гIадамазул цIун букIана парк. Киса-кибего – сунтIун хIалхьолареб талихIалъул махI. Паркалда скамейкаялда гIодой чIарай диде аскIоре рачIана цIикIкIараб ригьалъул рос-лъади ва гIодор...

Новость на родном

ГIолохъанлъиялъул куркьбаздаги рекIун…

Анищалъул цIваялъул канлъухъе   Унго-унгоги, гIолохъанлъи, дулъ бугебщинаб гьунарги, гучги, гьелчейги, къеркьейги, роржен­ги. Дулъ гьелегьун беролел пи­крабазги анищазги тIаса бищула гIицIго тIадегIанлъи. Дуца щивав гIолиласухъе кьола жиндирго ани­щалъул цIва. Гьеб цIваялъухъе нух бахъулаго, гIолилал тIуркIуларо, гьезда лъаларо захIмалъи щи­балиги. Доба борхалъуда бугеб гьеб цIваялъ гIолилазухъе ритIун рачIуна жиндихъе щвезелъун гьез тIуразаризе кколел тIадкъаял. Цинги байбихьула...

Новость на родном

ТIаса бищараб махщалиде щулияб рокьи

ГIемерал сонал руго дида Кав­сарат ШугIайбова ва гьелъул рос Нажмудин МухIамадов лъалелда­са. Гьел кIиялго руго тохтурзаби. Кавсарат ккола Хасавюрт райо­налъул больницаялъул бетIерай тохтур, Нажмудин — Бамматюр­талъул участкаялъулаб больни­цаялъул бетIерав тохтур. Гьезул вас АхIмадги эбел-инсул нухдасан ана — Дагъистаналъул пачалихъ­ияб медицинаялъул академияги лъугIизабун, гьев вахъана стомато­логлъун. ХIалтIулев вуго Муцала­улалъул амбулаториялда. КIудияв вас Рустамицайин абуни, тIаса би­щана...

Новость на родном

КIодохIмал хабар

Доб букIана 1966 соналъул июнь моцI. Туркмениялъул Мари шагьа­ралда хIалтIулев вукIарав дун, лъади ячине вачIаян инсуцаги ахIун, от­пускги босун, «Ташкент-Кисловодск» поездалда сапаралъ вахъана.    Босараб белтида рекъон, вагоналъуве лъугьунаго, гьений дандчIварай 18-19 сон барай гIолилай йихьидал, дун чIун хутIана. ЧIахIиял чIегIерал берал, мугъзадаса гъоркье биччараб бицатаб гъал, узданаб лага-черх, би-рахь жубараб гIадаб кьералъул гьумер. Къокъго...

Новость на родном

ВатIаналде рокьи рекIелъ цIунарав

Дагьай цее Болъихъе щварай дида бихьана КIудияб ВатIанияб рагъул ветеранал ва 1999 соналда ккараб рагъул гIахьалчагIи ракIалде щвезариялъе бараб памятник. Гьебги бан буго Белоруссиялда гIумру гьабун вугев, ГIахьвахъ районалъул КIаратIаса Асадулаев Хизрица. Гьесул хIалтIудаса йохарай дица ракьцоясулгун бухьенги гьабун гьитIинабго гара-чIвари гьабуна.       — Хизри, бокьилаан Болъихъ районалда бараб памятникалъул хIакъалъулъ бицани. —...

Новость на родном

Квешаб макьу гIадаб букIана гIумру

Дун ккола Гъизилюрт шагьаралъул № 5 гимназиялъул цIалдохъан. Дир эбелалъул йиго кIудияй эбел ГIусманова Калимат. Дица гьелда гьарана жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ бицеян абун.     — Дун гьаюна Гумбет районалъул ЛъаратIа росулъ 1937 соналъул 16 декабралда. Дир инсуда цIар букIана ГIалиасхIабов ГIусман, эбелалда ГIумарова Зубаржат. Рагъде иналде цеве дир эмен витIун вукIана Октябралъул революциялъул цIаралда...

Новость на родном

Сайгидпашаца абуна — Сайгидпашаца гьабуна

Дагъистаналда ватиларо Сайгидпаша ГIумаханов лъаларев яги гьесул цIарниги рагIичIев чи.   Халкъалъ жиндир цевехъанлъун рикIкIунев, хIалбихьи бугев нухмалъулев, гIакъилав гIуцIарухъан ва бахIарчияв магIарулав. Гьесул хIакъалъулъ рагIула батIи-батIиял харбал. Гьайгьай, камуларо гьев рихараз Сайгидпаша какиялъул хIужабиги. ГIажаиблъизе кколеб жо гуроха гьеб: кивго цого хIалалда чи къабул гьавулеб гIадат букIунарелъулха. Амма буго дида бичIчIизе захIмалъулеб цо хаслъиги: Сайгидпаша рихарал,...

Новость на родном

БахIарзал кIоченаро

ГьабсагIаталда рагъул ветераназул чанго чи хутIун вуго Гъуниб районалда. Гьезул цояв ккола ЦIияб Хушет росулъ гIумру гьабун вугев Бухтиса ТIагьиров ТIагьир. Гьев гIинда бакIлъун вуго, амма чорхол сахлъиялъе къварилъи гьечIо. Гьесул «гIундуллъун» йиго гIумрудул гьудул, лъади ТIавус Идармачева. Хъизан гьабун лъабго моцI гурони бачIев ТIагьир, 1940 соналда ахIана армиялде. Рагъулаб хъулухъ гьабизе ккана Финляндиялъул гIорхъоде....

Новость на родном

Тохтур, муъминчи, шагIир

 Шамил районалъул ГIуриб росулъа Багьавудин ХIамзатов дида лъалелдаса кIикъогоялдаса цIикIун сон буго.   Гьев лъала махщел цIикIкIарав щекъер-мукъулалъул (ЛОР) врач хIисабалда гуревги, магIна-гIин, тадбир бугев, ракIбацIцIадав, ритIухълъи бокьулев инсан ва жамгIияв хIаракатчи гIадинги.  Бащдаб гIасруялдасаги цIикIкIун заманалъ хIалтIана гьев тохтурлъун гIагараб районалъул больницаялда.    Махщел камилав, квер битIарав тохтурас гьелщинал соназда гьарурал операциял рикIкIун хIал кIвеларо. Квер тIадагьав...