РекIелъго миллияб накъищгун вижула цо-цо чи. Гьеб тIокIлъи кверзул устарлъиялдалъун загьир гьабулез наслабазе нахърателги тола. ГIолилазда гьоркьор гьединал гьунарал тIатиндал, цIакъго ракI бохула. Шамил районалъул Гьоори росу буго гьунаразул гъамас гIадаб бакI. Кьурди-кечIалъе гуребги, цIар рагIарал къадахъабиги цIулал устарза- биги гIемер рахъана гьениса. Халкъалъе загьираб гьунаралъул...

