Тохтур, муъминчи, шагIир

 Шамил районалъул ГIуриб росулъа Багьавудин ХIамзатов дида лъалелдаса кIикъогоялдаса цIикIун сон буго.

 

Гьев лъала махщел цIикIкIарав щекъер-мукъулалъул (ЛОР) врач хIисабалда гуревги, магIна-гIин, тадбир бугев, ракIбацIцIадав, ритIухълъи бокьулев инсан ва жамгIияв хIаракатчи гIадинги.

 Бащдаб гIасруялдасаги цIикIкIун заманалъ хIалтIана гьев тохтурлъун гIагараб районалъул больницаялда. 

 

Махщел камилав, квер битIарав тохтурас гьелщинал соназда гьарурал операциял рикIкIун хIал кIвеларо. Квер тIадагьав тохтур хIисабалда, щекъер-мукъулукъалъул операциял гьаризе гьесухъе рачIунаан мадугьалихъ ругел районаздасаги унтарал. Гьезул больницабазул нухмалъулез ахIун живгоги унаан гьениве захIматал операциял гьаризе.

…ИчIго сон тIубалев чи вукIана Багьавудин 1944 соналда росдал жамагIатгун цадахъ Чачаналде гочинарураб мехалъ. Цогидал гочинарурал магIарулазулго гIадин, расги бигьаяб букIинчIо гIурисезулги гIумру гьениб. Эменги рагъда вукIун, гьесде кколаан рукъалъул гIемерисеб магIишатияб хIалтIи. Багьавудин вукIана, абухъего, эбелалъе кваранаб кверлъунги, кIудияй эбелалъул тIалаб-агъаз гьабулев чилъунги.

 

 Чачаналде гочунелъул бихьараб гIакъубаялъулги, гьениб гIумру гьабулаго букIараб захIмалъиялъулги, къварилъиялъулги бицун, хадусел соназда Багьавудиница хъвана «ГIурисезул къисмат» абураб рекIее асар гьабулеб кIудияб поэма.

ГIурисез гIумру гьабулеб букIана Гилани абулеб росулъ. Гьениб анкьго сонил школа лъугIун хадув чIахIиял классазде цIализе ана Казбек районалъул Ленинаулалда букIараб школа-интернаталде. Гиланисан Ленинаулалде букIана лъабго километр, райцентралде – Ножаюрталде нух рикIкIад букIана.

 

1957 соналда гьоркьохъеб школа лъугIун хадув Б. ХIамзатов цIализе лъугьана Хасавюрталъул медицинаялъул училищеялде. Гьеб сон букIана Гьоркьохъеб Азиялдаса чачаналги тIадруссун рачIунеб, дагъистаниялги жиде-жидер росабалъе Чачаналъа нахъе гочунеб. Медучилище лъугIун хадув 1959-1963 соназда Багьавудин хIалтIана гIагараб районалъул Микьигьориб росулъ фельдшерлъун. ТIадегIанаб медицинаялъул лъай щвезе бугеб анищалъ вачана Дагъмединституталде.

Гьеб лъугIаралдаса нахъе пенсиялде инегIан хIалтIана цого ишалда, цого больницаялда.

 

РакIбацIцIадаб, гIемерсоназулаб мисалияб хIалтIухъ гьев мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе – грамотабазе, баркалаялъулал кагътазе.

Б. ХIамзатовасе кьун руго Дагъистаналъул ва Россиялъул Федерациялъул мустахIикъав тохтур абурал тIадегIанал цIаралги.

— Бищун кIудияб шапакъатлъун дица рикIкIуна инсанасул сахлъи цIуниялъул махщел тIаса бищизе ТIадегIанас дун гьесизави, гIадамазе бищун хIажатаб сахлъи цIуниялда хIалтIизе щвей, унтаразул баркала, Аллагьасул рахъалдасан кири щвеялде хьул, — илан абула ункъо нухалъ хIеж борхарав унго-унгояв муъминчи Багьавудин-хIажица.

 

ГIумруялъул гьудул ПатIиматгун цадахъ гьез исламияб диналда тарбия кьун гIезабуна микьго лъимер– кIиго вас ва анлъго яс. Гьединго куцалел руго лъималазги жидерго лъимал.

Пенсиялде инегIанги, ун хадувги Багьавудин ХIамзатовас кIвар кьуна дин исламалде, гьеб тIибитIизабиялде. Халкъияб, исламияб медицинаялъул темаялда хъварал, назмабазул, мавлидазул, шигIрабазул анцIила кIиго тIехь къватIибе биччана гьес. Жиндирго харжалдалъун печаталда рахъарал гьел тIахьал чIорого киридахъ рикьана садакъаде гIадамазе, кьуна мажгитазде.

 

Гьаниб Б. ХIамзатовасул бицунаго, абичIого гIоларо гьев хIалтIудаса пенсиялде индалги шекъер-мукъулукъалъул гъая бугел гIадамал рокъоре рачIине лъугьиндал, гьев хIажатавлъун кканин операциял гьариялъе къваригIунел медицинаялъул алатал росизе, рокъоб хасаб кабинет гьабизе. ВачIарав чи гьес нахъ чIваларо, операциял гьарула чIорого, гIицIго Аллагьасе гIолоян нигаталда.

Гьединав вуго гьаб гIагараб заманалда гIумруялъул 85 сон тIубалев лъикIав тохтур, муъминчи, шагIир Багьавудин – ХIажи ХIамзатов. Бичанте Аллагьас сахлъиги, халатал соналги дуе насиблъизе лъикIав инсан.