БахIарзал кIоченаро

ГьабсагIаталда рагъул ветераназул чанго чи хутIун вуго Гъуниб районалда.

Гьезул цояв ккола ЦIияб Хушет росулъ гIумру гьабун вугев Бухтиса ТIагьиров ТIагьир. Гьев гIинда бакIлъун вуго, амма чорхол сахлъиялъе къварилъи гьечIо. Гьесул «гIундуллъун» йиго гIумрудул гьудул, лъади ТIавус Идармачева.

Хъизан гьабун лъабго моцI гурони бачIев ТIагьир, 1940 соналда ахIана армиялде. Рагъулаб хъулухъ гьабизе ккана Финляндиялъул гIорхъоде. Гьев вукIана гIарадачилъун.

 

Къисматалъ гьесие хъван букIун буго рагъул ахиралде щвезегIан кьалул майданалда хутIизе. Гьев мустахIикълъана «БагIараб ЦIва» орденалъеги.

ЗахIматго лъукъарав ТIагьир гьалмагъас, хун ватилинги абун, гъотIол гIаркьалабазда гъоркь вахчизавун вуго. Рагъ гIодоциндал, ТIагьир ккола немцазухъе асирлъуде.

 

Рагъ лъугIун хадуб, нилъер аскараз эркен гьарурал асирал ритIула Донбассалде, тIурччи бахъулеб шахта рукIалиде ккезабизе. Гьенив хIалтIулаго рокъобе хъвараб кагътие жаваб бачIуна кIудияв вац ГIумар рагъда чIванин абун. 1947 соналда ТIагьир тIад вуссуна рокъове ва хIалтIизе лъугьуна росдал колхозалъул учетчиклъун. Рагъул корониб гуребги, ракълилаб гIумруялдаги хIалихьалъи дандчIварав ТIагьир туснахъ гьавула ва витIула Сибиралде. Хрущевасул политикаялъул «хинлъи» речIчIидал, гьев ритIухъги гьавула.

Жив цIакъ талихIав чи вугин абула гьес. Хъизан-лъималаз лъикI хьихьунги вугин, хIажатаб жоги гьечIин бицана ветеранас. ТIавусица бицана гьанже жал васасде аскIоре, Тулаялде гочунел ругинги. ГIагараб ватIан тун рикIкIаде унел рукIиналъги батила, дагьал пашмангоги ругоан рос-лъади.