Сайгидпашаца абуна — Сайгидпашаца гьабуна

Дагъистаналда ватиларо Сайгидпаша ГIумаханов лъаларев яги гьесул цIарниги рагIичIев чи.
 
Халкъалъ жиндир цевехъанлъун рикIкIунев, хIалбихьи бугев нухмалъулев, гIакъилав гIуцIарухъан ва бахIарчияв магIарулав. Гьесул хIакъалъулъ рагIула батIи-батIиял харбал. Гьайгьай, камуларо гьев рихараз Сайгидпаша какиялъул хIужабиги. ГIажаиблъизе кколеб жо гуроха гьеб: кивго цого хIалалда чи къабул гьавулеб гIадат букIунарелъулха. Амма буго дида бичIчIизе захIмалъулеб цо хаслъиги: Сайгидпаша рихарал, ай гьесул тушманзабиян абизецин рес бугел гIадамазги абулеб буго, гьев вугилаха бахIарчияв, бокьарав чиясда (хъулухъалъухъ яги чиналъухъ балагьичIого) жиндир пикру загьир гьабизе бажари гIолев дагъистаниявин абун.
 
У, гьедин буго гьеб. Гьелъие рехсезе бегьула гIемерал мисалал.
 
Дагъистаниязда лъалеб батила, республикаялъе захIматал соназда Сайгидпаша ГIумахановасул кинаб хьвада-чIвади букIарабали, батIи-батIиял хIакимзабигун кин гьев кIалъаравали, халкъалъул мурадазе гIоло кигIан гьев къеркьаравали. Халкъалде къо ккараб заманалда,
Сайгидпашаца кидаго ккола халкъалъул рахъ. ГIемер кIалъазе ва берцинал рагIаби ралагьизе бокьулев чи гуро гьев – гьесул кидаго букIуна къокъаб ва чIванкъотIараб хабар.
РечIчIаралъуб къалеб чIор гIадаб букIуна бицараб рагIиги. Гьабун бажарулареб иш жиндаго тIаде босулеб гIамалги гьечIо гьесул, амма кьураб рагIи кидаго ккола.
 
 
Дида Сайгидпаша ГIумаханов лъала лъебергогIан соналъ. Гьев киданиги какичIо дица. Дица дирго макъалабазда бадирчIваял гьаруна гIемерал хIакимзабазе (МухIамадгIали МухIамадовасе, МухIу ГIалиевасе, СагIид Амировасе, Надир Хачилаевасе ва гь.ц.) – гьединал дагьал рукIинчIо. Амма щаялиго Сайгидпаша гьединазда гъорлъе ккечIо.
Гьесукьа хIинкъундай? Яги гьесул гIунгутIиго батичIолъиялъищ? Гьел камун рукIунаро чиясул, гьевги малаик гурелъулха. Гьудул-гьалмагъ вукIиналъищ? Гьев гуревги рукIана ва руго дир гьудулзаби, гьесдасаги лъикIалгиха. Сайгидпаша кидаго вукIана гIадатияв, ракI рагьарав инсан. Живго веццизелъун щибго абуларев ва гьабуларев. Цадахъго загьирлъулаан хIинкъи-къай гьечIеб бахIарчилъиги. Гьединав ватиялъ рекIелъеги восулаан гьев кидаго. Дида гьев вихьана 1999 соналъул августалъул лъугьа-бахъиназулъги, лъала Первомайскиялда ккарал ишазулъ гьабураб хIаракаталъулъги ва гь.ц.
 
ТIад балагьун, сабурав, гIодове виччарав гьесул битIахъего кьвагьун унеб хIал лъугьуна, цониги чи яги халкъ, ялъуни гIагараб Дагъистан хIакъир гьариялъул хIакъалъулъ бицунеб бугони.
 
 
Гьев куцалеб къебелъилъун лъугьана республикаялъул северияб тахшагьар. Жакъа гьев вуго нухмалъулезда гьоркьоса бищун цеве вихьулев ва халкъалъ къадруявлъун рикIкIунев хIакимчи.
 
«Сайгидпашаца абуна – Сайгидпашаца гьабуна» – гьеле халкъалъ гьесул адаб гьабиялъе аслияб гIилла. Гьединаб хасият гьесулъ чанцIулго  загьирлъана, захIматаб ахIвал-хIалалде республика ккараб мехалда. 
 
 
Загьирлъана гьеб коронавирусалъ  халкъ кIвекIулеб гьаб заманалдаги. ГIадамал унтун руго ва гIемер чи холевги вуго. Ресукъал ва хIалтIи гьечIого хутIарал ракъун хутIиялъул хIужабиги дагьал гьечIо… Гьединаб хIалалде ккаразе С. ГIумахановас дарабаздалъун яги кванил нигIматалгун гIарцудалъун кумек гьабиялъул хIакъалъулъ бицунеб буго СМИяздаги, социалиял гьиназдаги, блогаздаги. Амма къанагIатав чиясда гурони лъаларо, гьединаб кумекалде Сайгидпашал кисиниса щибаб къоялда саламатаб къадар гIарцул унеблъи. Гьес гьелъул хIакъалъулъ лъиданиги бицунаро. Дидаги гьеб балъго бицана гьесул цевесев чияс.
 
 
— РакI бихъулеб буго, сверухъ лъугьа-бахъунеб кинабго бихьараб мехалда. Дида кIоларо, дир ихтияр гьечIо гIадамазе, тохтурзабазе, больницабазе кумек гьабичIого чIезе.
АлхIамдулиллагь, Аллагьас дие кьун буго ризкъи ва дица гьеб бикьизе ккола мадугьалзабазе, росуцоязе, хIалкъарал дагъистаниязе. Дир ракI гурхIула тохтурзабаздаги медсестрабаздаги: жидерго гIумруялда барахщичIого, къеркьолел руго гьел нилъер сахлъи ва гIумру цIунизе гIоло, — ян абулеб буго Сайгидпаша ГIумахановас.
 
Гьеб мехалда дица гьесда ракIалде щвезабуна аптекабазда дараби хираго ричулел рукIиналда бан, гьес гьабураб хитIаб. Гьев гьурмалъанго хисана – бихьулеб букIана, гьеб масъалаялъ гьесул ракI унтизабун бугеблъи.
 
 
— Дуда бичIчIулеб бугищ? ГIадамал, ракьцоял, бусурбаби унтуца холел руго, больницабазда гIолел гьечIо унтаразе бакIал, гIемерисез ахирисеб гIарцухъ ричун росулел руго дараби, унел руго рентген яги компьютералъул томография гьабизе. Дорайин абуни, зодоре рахинарун руго багьаби!
Аптекабазул бетIергьабиян абуни, гIадамазул къварилъиялдаса пайдаги босун, бечелъизе къачIан руго! Гьезул рекIеда хъинтIулебго гьечIо инсанасул къварилъи, гIадамаз тIолеб бугеб магIу, унтаразул хвел – гьезул бидулъ бессун буго гIицIго гIарац, капурго хваяб гъурущ! Гьединлъидал гьабуна дица хитIаб, яхIалъ къабул гьабичIо вуцIцIун чIезе. Лъала: гIемерисезе рекIее гIезе гьечIо дир кIалъай, диде ццим бахъаралги гIемер ратила. Дие гьелъул ургъелгIаги гьечIебха!
ГIадамалищ ругел гьел?! Аллагьас къотIила гьединазе хIукму! Гьединаб хIалихьатаб къагIидаялда щвараб бечелъиялъул баракат бахинаро гьезде, — ян бицана Сайгидпашаца.
 
Гьал къоязда дида лъана Турциялъул Ялова шагьаралда гIумру гьабулел дагъистаниязегун кавказалъулазе нилъер республикаялъе дарабаздалъун ва медицинаялъул алатаздалъун кумек гьабизе бокьун бук1ин. Дора ругел гьудулзабаз гьарана дида, Турциялъул пачалихъалъухъаги гьениса меценатазухъаги нилъер республикаялъул нухмалъиялъ гьединаб кумек къабул гьабизе бугищали лъазабеян. Гьез абулеб буго, Турциялъул президент Реджеп ТIагьир Эрдоганги гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб партияги хIадур ругила Дагъистаналъул халкъазе вацлъиялъулаб кумекалъул квер бегьизеян.
 
Хасавюртги Яловаги вацлъи лъазабурал шагьарал рук1ин лъалев дица, гьеб хабар бицана С. ГIумахановасда. Гьесда гьеб лъалеб батана. Амма гьес бичIчIизабуна гьеб масъала тIубазе кколеблъи РФялъулги Турциялъулги дипломатазул гара-чIвариялъул хIасилалда. «Улкабазул нухмалъиязул накъитазул хIасил лъикIаб ккани, ниж хIадурал руго гьеб ишалда гъорлъе лъугьине, ай республикаялъе хIажатаб медицинаялъулаб кумек къабул гьабизе», — ян абуна гьес.
 
КIудияб баркала буго Сайгидпаша гIадал дагъистаниязе – республикаялъе захIматаб заманалда халкъалда хьолбохъ эхетаралъухъ, хIакъикъиял ишаздалъун гьелъие кумек гьабуралъухъ. ТIадегIанав Аллагьасул баракат рещтIаги дуда, Сайгидпаша!
Ва Аллагьас цIунаги мун балагьаздасагун унтабаздаса.